МагъчIваялъе рес

Кризис хIехьезе хIадурал руго дагъистаниял


Кризис хIехьезе ругьунал руго дагъистаниял

Россиялда бугеб экономикияб кризис жеги гIемераб мехалда халат бахъине бугин ва ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисиялда жеги хьул гьечIин лъазабуна арбагI къоялда Россиялъул финансазул министр Антон Силуановас. ХIадурал ругищ гIадамал кризисалъул захIмалъи халатккун хIехьезе?

ГьабсагIаталда бугеб экономикияб кризис 1998 ва 2008-2009 соназда букIаралдасаги захIматаб ва цIикIкIун заманалъ халатбахъараб букIине бугилан абулеб буго Россиялъул финансазул министр Антон Силуановас. Циндаго экономикалде жаниб туркIи ккун гьелда рухI речIчIилин абураб хьулал гIададисел ругилан бичIчIизабулеб буго министрас. Гьединлъидал халкъ хIадур букIине кколин ругел захIмалъабазде дандечIей гьабизе. ХIадур ругищха гIадамал кризисалъул захIмалъабазда дандчIвай гьабизе? Гьел суалал кьуна нижеца гIадатиял дагъистаниязе

-Лъаларо, хIадур вугин абизеги кIвеларо. МагIарул халкъ гьединаб жо хIехьезе кIолеллъун рукIана кидаго, гьеб хIехьезе сабруги букIана гьезул, гьанже хьул буго гьединаздасан дунги ватилилан. КIвекIенал руго гIадамазе. ХIалтIухъ харж кватIизабун, лъималазул гIарац кьоларого ва гьел гурел цогидалги. Кин бугониги инеб бугоха аб гIумру, захIмалъаби камун гьечIо, Аллагьас хъвараб букIина».

-Нилъ церегоялдаса нахъе гьелде хIадурал чагIи руго. 1980-абилел соназдасаго гьечIищха гьеб кризис. ГIадатияб халкъ гьединал кIудиял къасдал ругел чагIи кколаро, гIемераб гIарцудеги, бизнесалде къасд лъурал гIадамазе букIинаха гьелъул захIмалъи».

-Бугеб ресалде ругьунлъун, хIалтIизе ккелаха тIокIаб щибха гьабилеб. ЦIакъго гьеб халат бахъани магIарухъеги ун гьениб ролъги бекьун, бокьги бахъун, боцIиги хьихьун магIишат гьабизе ккелаха, тIокIаб щибха гьабилеб. Ракъун чIезе бегьилищха?».

-ЗахIмалъиги щибха букIине, гьанжелъагIан хIехьана гьеб, гьалдасаги хадубги къуват кьелеб батилаха Аллагьас».

ЭР: «Цере рукIарал кризисазда данде ккун гьаб цIакъго захIматаб букIине буглан абулеб буго финансазул министрас?...»

-Абулеб буго, амма цо бихьизе гIадаб кIудияб захIмалъи бихьулеб гьечIо битIун бицани».

-Гьеб цIакъ кIвар бугебги, цадахъго цIакъ захIматабги суал ккола. Нилъер халкъ сундего хIадураб халкъ бугин абизе бегьула. Гьезда рихьана хIабургъарал ункъоялда анцIабилел соналги. Дир хIисабалда кризис хIехьезе кIвезе буго жеги кIиго соналъ. Гьебни кигIан бокьниги хIехьезе кIвезе бегьула, амма суал буго кинан гьеб хIехьелебали. Халкъалъул материалиял сурсатал лъугIидал захIмалъизе буго, гIадамазе кваназеги ретIинеги жо лъугIидал».

Силуановас абуна кризис халат бахъине бугилан, халат бахъинариш гьеб Россия гIадаб пачалихъалъе. ЦохIо цIатариялъухъ щолеб гурони гIарац гьелъие щолареб мехалъ. Нилъер пачалихъ бухьун буго чIегIер нартихъ щолеб багьаялда. Гьелъул багьа эхеде бахани кризис цохIо къоялда жаниб лъугIизе буго».

ХIасил гьабун абуни тIубанго хьулкъотIараб калам гIадамаз гьабичIо.

Россиялъул хIукуматалъ хIадурун буго кризисалде дандечIеялъул хасаб план. Гьелъие хIажалъулеб буго 250 миллиард гъурущ. Амма гьабсагIаталда гьелъие харж гьабизе 155 миллиард гъурущ гурони гьечIин абулеб буго финансазул министрас.

XS
SM
MD
LG