МагъчIваялъе рес

27 млрд гъурущ биччалеб буго Шималияб Кавказалде


Шималияб Кавказалда социалияб инфраструктура цебетIезабиялъе 27 млрд. гъурущ биччазе бугин 2016 соналде щвезегIанин лъазабун буго ТIалъиялъул нухмалъулев Александр Хлопониница. Дагъистаналда жакъа къоялде хIал кколеб бугин социалияб инфраструктураялде ва цIиял объектал чара гьечIого хIажатал ругилан лъазабулеб буго экспертас.

Шималияб Кавказалъулаб федералияб округалъул социалиябгун экономикаяб цебетIеялъул суалал гьоркьор лъураб данделъиялда А. Хлопониница лъазабун буго Шималияб Кавказалъул округ цебетIеялъул 2025 соналда щвезегIан бугеб федералияб программа тасдикъ гьабун букIиналъул ва гьеб кIиго периодалда жаниб гIумруялде бахъинабизе букIиналъул.

Гьедин,тIоцебесеб этап гьеб программа гIумруялде бахъинабиялъул тIобтIизе бугила 2016 соналде щвезегIан. Гьеб заманалда жаниб Шималияб Кавказалъул регионазда инвестициял риччазе ругила социалияб инфраструктура цебетIезабиялде, ай школаби, азарханаял ва цогидал кIвар бугел объектал разе.

Гьеб мурадалда харж гьабизе 27 млрд. гъурущ бихьизабун бугилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул тIалъиялъул информациялъулаб хъулухъалъ.

Кавказалъул регионазда цIикIкIараб лъимал гьари ва лъикIаб демографиялъулаб ахIвал-хIал букIиналдаго цадахъ загьирлъулел ругила гIунутIабиги, гьедин, ясли-ахал, школаби, ва цогидал социалияб кIваралъул идараби гIолел гьечIила. Масала, Дагъистаналда ругин чанго школаби кIиго ва лъабго хиси гуребе, ункъо хиси гьабун лъимал цIалулелги. Жакъа аслияб къадар щколазул хIалтIулеб бугила кIиго хиси гьабунин лъазабуна Хлопониница.

Дагъистаналъул демографиялъулаб хIал баян гьабизе рехсезе бегьула, церегIан къояз Дагъистаналъул Конституциялъул къо кIодо гьабулаго Дагъистаниязул къадар 3 миллион чиясде бахун бугилан гьабураб лъазаби.

Гьеб къадар тIубанго мухIканаб гьечIин цо-цо экспертаз абунги, хIакъикъаталдаги жакъа Дагъистаналда микьазаргоялдаса циIкIкIун лъимер бугила яси-ахалде хьвадулел гьечIел, тIоцебесеб иргаялда бакIал гьечIолъи бугила гьелъие гIилла.

Хас гьабун цин школабазул босанани, жакъа Дагъистаналда буго кинабниги 1637 школа, гьезда гьркьосан, Дагъистаналъул ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ араб соналъул риидал кьурал баяназда рекъон, 247 школа буго басрияб, чIунтараб ва биххун ине хIинкъи бугел.

Гьединал школабазул минабазда жанир дарсал кьезе хIинкъи бугониги, тIокIаб чара гьечIолъиялъ хIалтIулел руго гьел. Масала, Дербент мухъалъул Хъала росдал гьоркьохъеб школа чIунтараб, биххун инеблъун рикIкIаралдаса лъабго-ункъо сон бугониги, гьениб цIияб школа базе сурсатал гьечIин абун цIалулел ругила лъимал.

Хъала росдал школалъул мугIалим Эльмира МухIамадовалъ абулеб буго улбузе лъималазул цIалудасаги, гьел рокьорелали щибго ккечIого рачIинищали ургъел букIунилан.

МухIамадова Эльмира: «Лъималазе цIализе шартIал чIезарун, лъикIаб квегIенаб школа базе бокьун буго нижер росдае. Школалъул минаялъе буго 45 соналдаса цIикIкIун замана, амма капиталияб ремонт цогIаги нухалъ гьабичIо гьениб. Школа буго 120 лъимаде бихьизабураб, амма гьабсагIат гьениб лъабнусгогIанасеб лъимер буго цIалулеб. БиххичIогон хутIагийин гьабсагIат гьебилан руго ниж, амма гьеб кидалъагIан хутIилебали лъаларо».

Мухъазда, хасго магIарухъ гIемер ругин гьеб тайпаялъул школабийилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз. Масала, жамгIияв хIаракатчи Руслан Гереевас баян гьабулеб буго гьебго Дербент мухъалда 14 азарго гIанасев цIалдохъан вугила, гьебго заманаялъ гIицIго 48 гурого школаги гьечIила. ГьабсагIаталда гьеб программаялда рекъон тIоцебесеб иргаялда гьединал бакIазда разе хIажат бугин школабийилан абулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Ралел ругел школабазул минабиги гIемерисеб заманалда смета ва цогидал документал кколеб хIалалда гьечIого цере кковухъе ран ратулила. Социалиял объектал разе тIаде босарал гIуцIабазги, гьеб хIалтIи гьезухъе кьураб идараялъги дандбан гьенире риччарал сурсатал рикъиги лъиего балъголъи кколарила.

Гьелъ иргадулаб нухалъ Шималияб Кавказалде бачIунеб бугеб «КIIудияб гIарцул» цо бутIа хIакимчагIазул чвантинибе ккезе хIинкъи бугилан лъазабуна экспертас.

XS
SM
MD
LG