МагъчIваялъе рес

Къого соналъ къечон холел ахал


Хириев МухIамаднаиб,
Хириев МухIамаднаиб,

Лъабго соналъ тIад гIетIги захIматги тIун къачIараб лъим унеб мухъ цохIо къоялда жаниб нух бахъулеб автомобилалъ хвезабун буго ГIахьвахъ мухъалъул жаниблъиялда.

Гьеб ккола1983 соналъ КIаратIа, Ингердахъ ва МестIерухъ росдал жамагIаталъул ахал лъалъазеян бахъун букIараб «Дружба» абураб лъим унеб мухъ.

1995 соналъ лъим кьабулеб бакIалъе жагъаллъиги ккун, гьоркьоб къотIун буго лъалъади. 2010 соналъ гьеб лъим бачунеб мухъ цIигьабизелъун гъеж гурун буго ГIахьвахъ мухъалъул КIаратIаса Хириев МухIамаднаибица.

ХIукуматалъул цохIо гъурущги бихьичIого, жиндирго кисиниса харжги гьабун, къачIазе байбихьун буго гьес лъел мухъ. Дол соназ хIукуматалъул нухмалъулев хисулевлъун вукIарав гьезулго ракьцояв Ризван ГъазимухIамадовасул кумекалдалъун цIиял турбабини щун руго гьесие.

Шагьаралдаса магIарухъе гьел рехизе транспорталъул кумекги щун буго. ХутIарабщиналъе нахъе лъун букIараб жиндирго пенсиялъул гIарац харж гьабун буго гьес.

Амма лъабго соналъ тIадги хIалтIун, 23 метралъул манзилалда турбаби хисизе хутIун букIаго, вачIун цо экскаваторщикас минатахъ щущазабунин жиндир хIалтIиян абулеб буго Хириев МухIамаднаибица.

Доб мехалъ МестIерухъ росдал вукIарав нухмалъулев ГIабдулаев ГIумарил тIадкъаялда рекъон, гьезул магъилъе шагьранух бахъулаго хвезарун руго МухIамаднаибица лъурал турбаби.

Гьанже кIигоялдасаги цIикIкIун сон буго Хириев МухIамаднаибил МестIерухъ росдал нухмалъулев тамихIалде цIазе кIоларого. Гьабураб заралалъул бицун живго вакканщинаб бакIалде хъварал гIарзабазул, гьенисан жиндиего кьурал жавабазулги тIубараб гохI гIурал документал

Хириев МухIамаднаиб: «Гьеб шагьранух бахъулаго дир турбабазул къварилъи букIинчIо гьезие, экскаваторалъ хIалтIи гьабулеб бакIалдаса эхедегIан рукIана гьел. БукIун батаниги, гьезие гьелъул квал-квал - гьеб букIана цохIо кьодухъе щолеб бакIалда, шагьранухги дица лъурал турбабиги цолъулеб бакI.

Гьениб ракьулъегIан турбабиги риччан, берцинго тIубазе бегьулеб хIалтIи букIана гьеб. Гьеб жо хIалтIи гуро, хIалихьалъи буго. Цебеккун ургъизеги ургъун, квешезего гьабураб хIалтIи букIин бихьулеб буго?

Дун лъел мухъа къачIазе лъугьиндал гьев дие шартIал лъезе лъугьана, гьел турбаби жиндие кьезе кколилан. Гьединго гьес тIалаб гьабулеб буго нижер кIаралазул ах жаниб бугеб бакI жидер жамагIаталъул ракь кколилан.

Лъеберго соналъ цебеги гьеб лъелмухъ бачарав чи дун вукIана, гьединлъидал гьарана дида жамагIаталъ дуца тIаде босейин гьеб къачIазейилан. Амма хIалил-мадаралъ турбабиги щун битIун хIалтIи рагIалде бахъунаго хвезарун турбабигун тана дун».

Турбаби щай хвезаруралилан МухIамаднаибица жаваб тIалаб гьабидал, гьеб жиндир хIалтIи гурин, экскаватор бачунев чияс гьарунин гьел хвезейилан чIун вуго МестIерухъ росдал вукIарав нухмалъулев ГIабдулаев ГIумар.

ЦохIо гIарзаби гурелги, ахикь бугеб гъветIалъул, тIад араб гIарцул камилаб хIисаб кьурал кагътазул, ахикь жидерго бутIа бугев чи рикIкIун ракIарарал гъулбасазул, батIи-батIиял справкаби, камураб документ гьечIоан гьес бакIарун.

Гьале кIиго соналдасаги цIикIкIун заман балеб буго МухIамаднаибил гьев тамихIалде цIаян батIи-батIиял идарабазде хъвадарулев вугелдаса. ТIоцебе гьес ГIахьвахъ мухъалъул жанисел ишазул идараялде битIараб гIарза кьун буго Болъихъ районалъул цIех-рехалъул комитеталде.

Исана ункъабизеги гьесул гIарза нахъбуссинабун буго ГIахьвахъ мухъалъул жанисел ишазул идараялде. Болъихъ мухъалъул жанисел ишазул идараялда хIалтIулев цIех-рехчи Хайрулаев Заурица лъабго нухалъ жиндир регIел гьечIилан нахъчIван буго гьесул гIарза.

Гьанже цIех-рехалъул хIалтIухъан батIияв тун вуго, амма гьесги гьумерхъахIаб жо гьабизехъин гьечIилан ракIхун вуго МухIамаднаиб.

ЦIех-рехалъул иш гIедегIизабеян кумек гьарун, гьев щвечIеб бакIги хутIун гьечIо. Киве щваниги гьелъул хIасилги ккун гьечIо. Дагьав цевегIан гьебго суалгун щун вуго «Дагъистаналъул ахал» абураб регионалияб проекталъул нухмалъулев, Халкъияб Мажлисалъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовасухъеги.

Гьесги жиндие кумек гьабеян кагъат битIун анин районалъул нухмалъиялъухъе, амма «кумек» администрациялъул минаялда жанибго хутIанин ракIхун бицана гьес.

ГIамм гьабун абуни, гьеб лъабабго росдал жамагIаталъул ах рагIула 114 гектаралда. КIаратIисезул гьениб буго бищун кIудияб бутIа - 80 гектар. Ингердахъ росдал - 25, МестIерухъ росдал абуни - 7 гектар.

Лъел мухъ цIигьабулаго цо гIаданги вачIинчIин МестIерухъ росулъа жинде кумекалъеян абулеб буго МухIамаднаибица. Ингердахъа гIолохъабаз кIудияб чIаголъи гьабунила. Чанго нухалъ рачIун гьезул кумек щванила.

Советияб заманалда, ах чIаголъиялда бугеб мехалъ, нусидаса цIикIкIун тонна пихъил кьолеб букIун буго гьелъ. I995 соналдаса нахъе лъалъачIого хутIун, цо-цо гъутIби ракъванги ругилан бицана МухIамаднаибица, амма гIемерисел гъутIби цIунун хутIун ругила.

Гьесул рагIабазда рекъон, исана сон республикаялда ахихъанлъиялъул сонлъун лъазабун букIаниги, хIукуматалъул рахъалдасан щибниги кумек щун гьечIо МухIамаднаибие.

Нижеца бухьен гьабуна Хириев МухIамаднаибица дагIба балев вугев, 2013 соналъ МестIерухъ росдал вукIарав нухмалъулев ГIабдулаев ГIумарилгунги. (Исана сентябралда гьесул бакIалде цоги чи вачIун вуго росдал бетIерлъун). Гьес гьереси гьабуна экскаваторалъ турбаби хвезарунилан жинде гIунтIизабулеб гIайиб:

ГIабдулаев ГIумар: «Сах-саламатав, ботIрониб гIакълуги бугеб чияс гьединаб инжитаб жо гьабулищ? Нижерги ахал лъалъалеб, гьезулги ахал лъалъалеб лъим гуриш гьеб букIараб Нижее щибизе гьесул турбаби хвезарун? Лъар щун бачIараб мехалъ рахъ-рахъун рана гьесул турбаби. ГьабсагIаталдаги гьел лъадаца хвезарураблъи бокьарав чиясда бихьизе бегьула гьениве вачIани»

ЭР: «МухIамаднаибица абулеб буго нужер рахъалдаса щибниги кумек щвечIин жиндие лъадал мухъ цIигьабулаго?».

- БитIараб буго, щвечIо. ЩвечIолъиялъе гIиллаги буго гьадинаб. Лъадал мухъ цIигьабулаго (гьес турбаби лъолеб мехалъ) нижеца Хириевасда абун букIана гьел гьедин лъезе бегьуларилан, лъараца гьел хвезаризе ругилан. Лъарги, гьелъул гIамалги нижер гIадамазда лъалеб букIун Гьес гьелъул гIинтIамичIо. Ахиралде гьедин ккезеги ккана. Гьес абулеб хIалалъ цо километргун бащадаб манзилалъ лъурал турбабиги гьенир гьечIо, 600 метр гурони.

Лъабго километралъул халалъиялда ругел турбабазе тIабигIияб балагьалъ зарал гьабунилан документалги хIадурун бакIарана гьес гьел турбаби лъезе гIарац. Гьебги жиндирго кисинибе лъалареб, кибе гьабурабали дида лъаларо. БитIараб бицани, чIалгIун буго дида гьев чиясулгун бугеб накъит»

Исана сон республикаялда лъазабун букIана Ахихъанлъиялъун сонлъун. Умумузул рукIарал ахал цIигьаризе кколин, ахихъабазе кумек гьабизе гIарац биччазе бугин, цIиял гъутIби чIезе ругин, нилъеца республикаялъул бетIер Рамазан ХIажимурадовичасул курсалъул рахъкквезе кколин абун щибаб районалде щун, данделъаби тIоритIулел, чIечIого ахIи балел, телевизоралдасан цере рахъунел цо чагIиги рукIана.

Гьеб ахихъанлъиялъул соналъул «кумек» щварал бакIалги кканин республикаялдаян букIана информалатаз бицунеб. Амма хIакъикъияб кумек къваригIарав, 70 сонил ригьалдаса тIаде арав КIаратIаса Хириев МухIамаднаиб абуни ах лъалъазе рукIарал турбабиги хвезарун къварилъиялда вуго.

XS
SM
MD
LG