МагъчIваялъе рес

Мукъсанаб бугониги щиб харж - бугелдаса нахъе


КIиазарго гIанасел хIалтIи кьолел чагIаз Дагъистаналда хIалтIухъабазе бищун гьитIинаб къадаралдаса гIодебегIан бугеб мухь кьолеб буго. Сунца тIамулел гIадамал цIакъго гIисинал харжазухъ хIалтIизе.

Дагъистаналда 1800 цIикIкIун хIалтIи кьолел гIадамаз жидерго хIалтIухъабазе бищун гIодобегIанаблъун рикIкIаралдасаги дагьаб мухь чIезабун буго. Гьедин лъазабулеб буго Социалияб страхование гьабиялъул фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ. 2015 соналда Россиялда бищун дагьаб къадаралда бугеб мухь кколеб буго 5965 гъурущ.

Гьелдаса гъоркьехун мухь щолев хIалтIухъан жакъа Дагъистаналда нусазаргоялдаса цIикIкIун ругин абулеб буго экспертаз. 2015 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда тIоритIарал халгьабиязул хIасилазда тIатинарунила гьел 1858 хIалтIи кьолел чагIи, жидеца бищун дагьаблъун бихьизабуралдаса гIодобегIан бугеб харж хIалтIухъабазе кьолел, амма гьединал гIуцIаби жеги ратизе ругилан лъазабулеб буго фондалъул пресс-хъулухъалъ.

Дагьал харжал хъвай-хъвагIаялда тун, хутIараб официалия гуреб хIалалда кьеялдалъун хIалтIи кьолел чагIаз хIаракат бахъулила магъалабакьа рорчIизе, амма гьелъул квешлъи хIалтIухъанасеги бугила, щай гурелъул гьединаб харж босизе разилъулаго гьес живго социалиял гарантияздаса махIрум гьавулев вукIиналъ.

Цо бутIа конверталъуб лъун, яги цIакъго дагьаб харжихъ хIалтIизе унин тIокIаб батIияб хIалтIи гьечIолъиялъин аблеб буго Юсуп Мейрамовас. ЗахIматаб операцияласа хадуб сахлъиялъул рахъалъ гIунгутIаби рукIиналъ гьев нахъе вилълъун вуго цевеккун хIалтIулев вукIараб бакIалдаса.

Цебе жинда кколаанила Дагъистаналда хIалтIи щвезе захIмат бугин абураб жо гьадингояб хабар бугилан, амма жиндаго дандчIвайдал бичIчIанила кигIан кIудияб захIмалъи гьеб бугебали. ГЬабсагIат гьев хIалIтулев вуго таксиялда. Официалияб куцалда гьесул харж кколеб буго 5000 гъурущ, амма хIакъикъаталда жиндие гIемер щолин абулеб буго гьес.

Щибаб соналъ цIикIкIинабулин Россиялда бищун гIодобегIанисеблъун рикIкIунеб харжил къадар, 2005 соналъ гьеб 700 гъурущ букIун батанани, анцIго соналдасан гьеб 6000 гъурщиде баханин, амма жакъа гьеб гIарцудеги щибин бсизе щолебилан абулеб буго МахIачхъалаялдаса Лариса Расуловалъ.

Минималияблъун рикIкIараб анлъазарго гъурщиде гIицIго кваназе квенцин щоларила цо моцIица. ГьабсагIат Лариса йиго рокъой чIун ретIел букъулей. Гьелдаса цее гьей хIалтIулей йикIун йиго Гъаякент мухъалъул почтаялъул бутIаялда.

Лариса Расулова: «ЦIакъ дагьал харжал руго, цадахъго хиралъулеб кинабгоги буго. Бищун дагьаблъун рикIкIунеб харж щолеб бугониги, гьелда тIаса магъалоги анани щиб гьениб хутIулеб. Лъица гьеб хIисаб гьабун чIезабулеб, пуланаб къадар бищун дагьаб гIадин. Масала, 6000 гъурущалде щиб босун бажарулеб, амма щибго гьечIогон рукIинегIан гьебги гьечIищха гIарац».

Жакъа аслияб куцалъ рукъ ккун, росабалъа рачIунин гIадамал шагьаралде хIалтIи балагьун, гьединал гIадамал рукIиналдаса пайда босун хIалтIи кьолел чагIазги цIакъго дагьал харжал чIезарулин, цо анани гьесул бакIалда рачIине хIадурал рукIиналъ цогидалин, баян гьабуна Ларисаца .

Цогидаб рахъ кколеб буго къотIи-къаялда рекъон гуреб, конвертахъ лъун харжал кьоле чагIи. Гьеб цIакъго тIибитIун буго чIахIиял гурел бизнесалъул гIуцIабазда. Кафе-рестораназда, машинаби къачIалел ва чурулел бакIазда, гьуинлъи, чед бежулел бакIазда ва цогидал гIуцIабазда.

Гьениб гьабураб хIалтIуда рекъон, кодобе кьолеб буго гIарац. ХIалтIухъабазда цIехедал, щайин гьединал шартIазда разилъулелин, аслияб куцалда жаваб гьабулеб буго метерисеб къо кинаб букIинебали лъаларин ва гьедин кьолеб бугониги гIарац щолеб бугелдаса нахъе къварилъи кколарилан.

XS
SM
MD
LG