МагъчIваялъе рес

Лъилалиго хьулал сабаблъун сахаб мина биххизабизехъин рагIула


МахIачхъалаялда чанго хъизамаз гIумру гьабулеб мина гъорлъе бачун буго жанир рукIине хIинкъи бугеб минабазул программаялде гъорлъе ва гьениса гIадамал нахъе гочинаризехъин руго тахшагьаралъул нухмалъиялъ. Амма гьенир гIумру гьабулел гIадамал дандечIун руго гьелда. Щай?

Жидер минаялъе щибниги къварилъи гьечIилан абулеб буго гьез, гьединго щибниги жидеда цIех-рехги гьабичIого бачун бугин гьеб мина риххизарулел минабазул программаялде гъорлъе.

Гьеб ккола МахIачхъалаялда, Нефтеперегонная абулеб къотIноб бугеб цохIого тIалаялъул мина. Гьеб бан букIун буго 1912 соналъго. Гьенир гIумру гьабун буго къого гIанасеб хъизамалъ ва гьел киналго дандечIун руго гьениса нахъе гочинаризе тахшгьаралъ гьабураб хIукмуялда.

«Эркенлъи» радиоялъул мухбир дандчIвана гьенир гIумру гьабун ругел гIадамалгун. Жал нахъе гочинаризехъин рукIин гьезда лъан буго 2014 соналъул ахиралда, гьединаб хъвай-хъвагIай тIад бугеб игIлан чIван буго гьеб минаялъул къеда. Амма сунда бан гьединаб хIукму тахшагьаралъ гьабурабали жидеда бичIчIулеб гьечIилан бицана «Эркенлъиялъе», гьенив гIумру гьабун вугев Болъихъ мухъалдаса ГIабдулаев Казимица.

ГIабдулаев Казим: «Дун гьанив гIумру гьабун вуго 2002 соналдаса нахъе. Гьаб минаялъ хIехьараб къо цогидал минабаз хIехьечIо. Киназдаго ракIалда батила 1998 соналъ Пархоменко къотIноб гIадамаз гIумру гьабулеб мина кьвагьун букIараб куц. Доб мехалъ дора аскIор гIумру гьабун рукIарал гIагарлъиялъул гIадамал рачIунел рукIана гьанире гьалъул щулалъи бихьизе. 70 см биццалъиялъул къадал руго гьанир, цо-цо бакIазда абуни гьезул биццалъи буго 80 см. Минаялда жаниб кибго буго бухIараб ва цIорораб лъим, канализация, сан узел, хIасил-калам киналго шартIал руго гьанир. Лъиданиги бачIеб экспертизаги тIобитIун гьезул гьабураб халгьаби буго гьалъул. Жеги 50 соналъ ракIчIун жаниб гIумру гьабизе бегьула гьаниб. Кин гьадинаб мина риххун ине къачIарал минабазда гъорлъе хъвалебали дида бичIчIуларо».

Казимил рагIабазда рекъон гьел гьениса нахъе гочинаризе гьабураб хIукму букIине бегьула цо лъил бугониги хасал мурадазе гIололъун гьабураб хIукму. Гуреб батани щайинха жидеда цун ругел гьединалго жеги кIиго-лъабго мина ругин, гьелги гочинаричIого, щай хас гьабун жал нахъе гочинаризе хIукму гьабурабилан гьикъулеб буго гьес. Гьесул щаклъи буго гьеб минаялда дандбитIун таксопарк букIиналъ гьелъие гIоло цо лъил бугониги даран-базаралъулал мурадал ратизе бегьулин жидер мина бугеб бакIалда хурхунилан.

Тахшагьаралъ гьабураб хIукмуялда разилъичIго гьез гIарза хъван букун МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъе. Гьелд тIасан диваналъул процесс тIобитIун букIун буго исана ихдал. Амма диваналда гьеб минаялъур гIумру гьабун ругел гIадамал къун руго, гIилла диваналде рачIине гьел кватIун рукIиналъ. Гьез ц1идасан бит1ун буго диваналде г1арза.

Болъихъ мухъалдаса НурмухIамадова Загьидатица гьеб минаялъуб гIумру гьабулеб буго 1991 соналда. Амма гьелде щвезегIан хIукуматалъул рахъалдаса щибниги гъурущ бихьичIин жинда рукъалъе ремонт гьабизе харж гьабураб, кинабго хIалтIи жиндицаго гьабун буго гьелъ. Гьедин щунус азарго гъурущ ун буго гьелъул гьанжелъаг1ан.

НурмахIамадова Загьидат
НурмахIамадова Загьидат

НурмухIамадова Загьидат: «Саламатаб пачалихъ нилъер батани, нилъги гьелъул гражданал ратани, гьаб минаялъуй яшав гьабулей гIадан хIисабалда дида абизе кколеб букIинчIебиш гьаз, гьеб мина кватIичIого биххизабизе буго, мунги гьениса гочинайизе йигилан. Лъицаниги абичIо гьедин. Гьаб минаялъур гIумру гьабун руго анцIго дагъистаниялги, анцIго гIурусалги. ГIурусал гьаниса гочинаруни гьеб кIудияб ахIи-хIур бахъараб жо ккезе буго. Нижеца гьелъул хIакъалъулъ хъван ана ГIабдулатIиповасул сайталдеги. Диваналъул процесс рагIалде бахъиналъухъ балагьун йиго нижее кумек гьабулей гIадан, гьелда тIасан Путинихъе кагъат хъвазе.

Жакъа республикаялда тIадегIанаб лъай щвечIев чи къанагIатги ватиларо, руго лъабго гьединаб лъай щваралги чагIи. ХIукуматалъул рахъалдаса гьаб рукъалъул хал гьабизе ритIун рачIарал чагIи лъалебаниш дуда кинал чагIи рукIаралали. Лъабго классалъул лъай щварал гIадал чагIи рукIана, я рукъалъул, я мина баялъул хIакъалъулъ тIири жидеда бичIчIуларел. Гьалгощинал сонаца гьаний гIумру гьабун йигей гIадан дун йигониги цо гIадан ваккичIо гьаниве, нижер минаялъул тIохиш хисараб, къедиш бохьараб, гIодоб хъарщийищ цIияб кьабурабали хал гьабизе, цо гIаданги ваккичIо».

Гьезул мина биххун ине къачIараб минаялде гъорлъе бачун букIиналъул хIакъалъулъ «Дагестанская правда» газеталдаса лъазабун букIанин жидецаян абун буго гьезда дивналъул процесс тIобитIулаго, амма гьеб газета цIалулев чи жидер минаялъув щивниги гьечIилан абуна Загьидатица.

ГIагараб заманалда телевиденяилъул чагIиги, цогидал информалаталъул вакилзабиги ахIун къватIире рахъине ракIалда буго гьезда.

XS
SM
MD
LG