МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаяда Царнаевазул пресс-конференция


Царнаева Зубейдат МахIачхъалаяда пресс-конференция 25Aпр2013
Царнаева Зубейдат МахIачхъалаяда пресс-конференция 25Aпр2013

Хамиз къоялда МахIачхъалаяда пресс-конференция кьуна Бостоналда марафоналъул заманалда кьвагьи гьабиялда щаклъи бугел вацал Царнаевазул эбел-инсуца. Гьез рикIкIунеб буго жидер васазда гIайиб гьечIилан.

25 апрелалда Царнаевазул эбел-эмен дандчIвана къватIиса пачалихъаздаса журналисталгун. Гьединлъидал аслияб гара-чIвари ингилис мацIалда букIана гьениб.

Журналистаз гьезда гьикъулеб букIана цебесеб къоялъ ФСБялда FBI-ялъул агентазулгун кинаб гара-чIвари ккарабилан. Гьез жаваб кьуна доз жидее кьолел рукIанин нужецаго гIадал суалал – Бостоналда теракт гьабиялъе гIиллаби киналин рукIарал Царнаевазул, гьезда нахъа щив вукIине рес бугебин. Цебего гIадин гьез гьанжеги абулеб буго жидер васал гIайибиял гьечIин гьеб теракталъе. Гьеб бугин лъицаяли гьезие гъураб къор.

Журналистаз тIокIалъ чIечIого гьикъулеб букIана МахIачхъалаялде вачIиндал, Тамерлан кинаб мажгиталде унев вукIаравилан. Котровасул къотIноб бугеб мажгиталдейищин унев вукIарав. Гьенире радикалал унин абураб пикру билълъанхъун буго Дагъистаналда. Гьеб мехалда Анзорица жаваб кьуна жал унаанин санагIалъи ккараб мажгиталде – Котровасул къотIноб бугелдеги, Редукторный поселокалда бугелдеги, Жума-мажгиталдеги. Жидее гьезул батIалъи букIинчIин.

Царнаевал Анзор ва Зубейдат
Царнаевал Анзор ва Зубейдат

Анзор Царнаев: «Гьеб мажгит низам цIунулезул хъаравуллъиялда гъоркь бугин абула. Гьеб мехалда гьеб дагьабги лъикI гьечIищха. ТIокIал кинал суалал рукIине кколел? Дида бичIчIуларо Котровасул къотIноб бугебилан гьелда хасаб цIар щай чIвазе кколебалиги».

Журналистаз гьикъулеб бугоан кинавалиго Мишал хIакъалъулъги. 25 апрелалда Америкаялъул прессаялъ хъваелб бугоан Бакуялдаса Мишалгун 2007 соналда Тамерланил ккараб лъай-хъваялъул. Гьес гьесда лъикIал гурел жал малъиялъул. Жинда гьев гьедигIан лъикI лъалароанин, амма рокъове вачIиндал, гьесул рахъалъ лъикIаб пикру хутIанин жидер.

Чачаналда букIараб гIумруялда тIасанги хабар ккана гьениб. Масала, Чирюрталда букIараб гьезул мина Россиялъул армиялъ биххизабиялъулги цогидалъулги. Зубейдатие гьеб суал бокьичIо. ТIатIалаго гьедин гьикъиялъул магIна щибин, Россиялдехун Тамерланил рокьукълъи букIанин абизе къваригIунищин нужее бугеб. Жал дора къокъабго заманаялъ рукIанин, гьединлъидал жидедаго гIадин лъималаздаги ракIалдецин щолароанин гьеб заман.

Гьаб ахIвал-хIалаладса хадуб Америкаялъул гражданлъиялдаса инкар гьабиялда тIадги ургъулей йигин абуна Зубейдатица. Амма Анзорица абуна жиндир кинабгIаги тIадкIалъай гьечIин Америкаялдехун. Жив кватIичIого дове ине вугин.

XS
SM
MD
LG