МагъчIваялъе рес

Анзор Царнаев: "Лъиелиго политикияб реклама къваригIун батила…"


Джогьар Царнаев
Джогьар Царнаев

Америкаялъул низам цIунулезул щаклъи ккун буго Бостоналда теракт Джогьар Царнаевас гьабиялда.

Цо заманалда Гъиргъизиялда гIумру гьабулебги букIун, гьезул хъизан цин МахIачхъалаялде, хадуб - 2003 соналда - Америкаялъул Цолъарал Штатазде гочун буго. Царнаевазул кIиго васги кIияйго ясги МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалда цIалулел рукIун руго.

Америкаялъул низам цIунулезул щаклъи буго Бостоналда теракт ккедал Джогьар вац Тамерлан тIурун вукIиналда.

ГьабсагIаталда Дагъистаналда гIумру гьабулев вугев гьезул эмен Анзор Царнаев божулев гьечIо гьеб теракт жиндир лъималаз гьабун букIиналда.

Анзор Царнаев: "Цо лъица букIаниги ургъунго гьабураб жо буго гьеб. Ургъунго!!! Дида лъаларо лъие, сундуе гIоло гьеб къваригIун бугебали. Нилъеда лъалелъул нилъерго лъимал. Дидаги лъала. Какгицин балареб мехалда кин гьединал жал гьарулел. Киданиги кьвагьулел алаталги рукIунароан гьезухъ. ЦохIо кIудияв васас балаан как. Гьедин ФБРалъул чагIи рачIунаан цIехолдизе рокъоре. Щиб, кин абун. ГьитIинас как балароан. Гьелъие гIоло гьабураб жо гуро.
ЧIван рехун васгун, цо кинаб букIаниги гIайиб тIаде рехизе къваригIун буго лъие бугониги.

Чачаналъе суверенитет кьечIого жинца Россия рикIкIунарин абулаанин дир васасин хъвалеб рагIула. Кинаб Чачан букIунеб!? Гьев киданиги Чачаналда гIумру гьабурав чигицин гуро.

10 соналъ Америкаялда гIумру гьабун вукIана дун. Гьанже унтун вуго. Гьедин хвезе гьаниве тIадвуссана. Гьанже дагьалъ рухI речIчIун букIана, амма гьалеха цIидасан ккараб жо бихьуларищ.

Лъие букIаниги политикияб реклама къваригIун буго. Лъиеяли лъаларо".
XS
SM
MD
LG