МагъчIваялъе рес

Анзор Царнаев: «Васаз такъсир гьабурабани гьел чIвалароан»


Анзор Царнаев.
Анзор Царнаев.

АнцIго соналъ цере Цолъарал Штатазде гочарал вацал Царнаевазул хIакъалъулъ цIиял мухIканлъаби раккулел руго къоялдаса къоялде.

18 Апрелалъул къаси 27 соналда жанив чIварав Тамерлан Царнаев ва гьесул гьитIинав вац 19 сон барав Жовгьар америкалъул полициялъ гIайибияллъун рикIкIула Бостоналда теракт гьабиялда бан, амма гьадинаб гIайиб чIаго хутIарав Жовгьариде гIадлу-низам цIунулез жеги гIунтIизабун гьечIо официалияб къагIидаялда.

Гьездаго цадахъ мухбирзабазги гьабулеб буго жидерго цIех-рех вацал Царнаевазул бербалагьи гъваридго лъазаби мурадалда.

Тамерлан Царнаев гьавуна Хъыргъызстаналъул Токмак шагьаралда. Жовгьарийн гьавуна Дагъистаналда. Гьезул имгIал Руслан Царница америкалъул прессалде лъазабухъе эбел-эменгун цадахъ гьел васал Цолъарал Штатазде рачIанин 2003 соналда.

Жиндирго цIар абизе бокьичIев цояс CNN агентлъиялъе гьабураб баяналда рекъон Тамерлан Цолъарал Штатазде байбихьуда вачIун вукIанин турист хIисабалда. 2012 соналда гьесие шванин Америкалъул гражданлъи.

Цолъарал Штатазде гочинегIан Анзор Царнаевасул хъизамалъ Шималияб Кавказалда рукIа-рахъин гьабулеб букIана цо къокъаб заманалда жаниб.

«В Контакте» абулеб социалияб сайталда бугеб жиндирго интернет-даптаралда Жовгьарица хъван буго жив МахIачхъалаялъул тIоцебесеб номералъул школалда цIалулев вукIанин 1999-2001 соназда.

Гьеб школаялъул директор ТемирмухIамад Даудовас лъазабухъе Жовгьар тIоцебесеб классалде къабул гьавун вукIана, Тамерланийн – микьабилеб классалде.

Гьеб МахIачхъалаялъул мактабалъул пресс-секретарь Елена Бандуриница Эркенлъи радиоялъе гьадинаб баян гьабуна.

Елена Бандурина: «Гьез нижер школалда лъагIел бана цIалун. РукIана кIиго яцги. Гьел гьенире рачIана Хъыргъызстаналдаса, хадур гочана Америкалде».

Америкалъул Массачусетс штаталде Царнаевал рачIараб мехалда Жовгьар лъугьана Кэмбридж университеталда цебе бугеб Латин мактабалъул цIалдохъанлъун.

Гьев мустIахIикълъана 2500 долларалде бахунеб стипендиялъе. 2011 соналда гьев вахъана Дартмут университеталъул студентлъун.

Гьеб мехалъ гьесул кIудияв вац Тамерлан Бостонолда бугеб боксалъул школалда бергьун, Юта штаталда тIобитIизесеб Миллияб боксалъул турниралде хIадурлъи гьабулеб мехалда абуна, нагагьлъун Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъизе жиндие рес щварабани Россиялъул байрахъалда гъоркь къацандизегIан, жинца Цолъарал Штатазул байрахъалда гъоркь къацандилаанин.

Аммаила дурус гьабуна гьес, Чачанлъиялъе эркенлъи щварабани жинца гIагараб ватIаналъул спортивияб къадру цIунилаанин тIоцебесеб иргаялда.

Жиндирго микроблогазда Тамерланица гьадинал хъвай-хъвагIаял тана: «Дир гьечIо цониги гьудул американияв. Дида гьел гIадамал ричIчIуларо».

Тамерлан вукIана Bunker Hill Community Collegeлъул студентлъун. Америкалъул прессалъ вацал Царнаевазул имгIалалъул баяналда мугъчIвай гьабун лъазабуна ахирисел соназда гьел диналде руссанин.

"The Wall Street Journal"-алъ жиндир иргаялда Царнаевазул хъизамалъул цIар абичIев цо гьоболасул рагIаби рачIунел руго – Тамерланица цIалиги тун тIубанго диналдехун вуссанин абурал.

Тамерланил ва Жовгьарил эмен Анзор Царнаевас Эркенлъи Радиоялъул мухбирзабазде гьадин бицана:

Анзор Царнаев: «КIудияв вас мажгидалде хьвадизе байбихьарабго ФБР-алъул хасал хъулухъчагIаз нижехъе мех-мехалъ рачIун, батIи-батIиял суалал кьолел рукIана. ГьитIинав доб мехалда цIалулев вукIана. Гьев диналдаса рикIкIадго чIарав васлъун вукIана. Гьез гьел чIвана.

Васаз такъсир гьабун букIарабани гьез гьел чIвалароан. Гьезие гъозул хIажат букIинчIин дида ккола».

«В Контакте» абураб сайталда жиндирго интернет-даптаралда Жовгьарица жиндирго бербалагьилъун Ислам-дин бихьизабулеб буго. Напсияб интересал хIисабалда гьес рихьизарулел руго карьераги гIарацги.

Цо-цо баяназда рекъон Тамерланица кIиго нухалъ Цолъарал Штатал тун къватIирехун ун вукIана. Туркиялъул жанисел ищазул министр МугIаммер Гюлерица лъазабуна, 2010 соналда Тамерланица Туркиялде сапар бухьун гьениб 10 къо банин.

Гьеб гуребгъи, лъазабулеб буго Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул хъулухъчагIаз, Тамерлан Россиялдеги вачIун вукIанин 2012 соналда ва анлъго моцIалдаса нахъе Америкалде тIад вуссанин.

Цого мехалъ вацал Царнаевалгун цадахъ цIалулел рукIарал цо-цо студентаз абулеб буго жал рихха-хочун ругин ккараб хIужаялдаса.

Гьезул цояв Сэмюель Гебруца абулеб буго Жовгьар вукIанин талихIав, икъбалав ва студентазул жамгIияталда цIакъ жигарав гIахьалчилъун. Жинца хьул лъолеб бугин ритIухълъиялда ва киналго далилал кодоре швезегIан цудунаб диван гьабунгутIиялда.

Спорталъул лъадал тайпабазул Гьарвард университеталъул тренер Джордж Макмастерицаги батIияб къимат кьолеб буго Тамерлание. Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда гьес гьадин абуна:

Джордж Макмастер: «Дида лъалаан гьев Россиялдаса вукIаравлъи. Дица гьесда гьикъана мун кисан кколев вугин абун. Амма дида гьев вихьана гIадатияв американияв васлъун.

Гьесдаги лъалаан дун ГIиракъалда вукIаравлъи рагъулав резервист хIисабалда. Лъалаан дун Апгъанистаналде ине кколеблъиялъул хIакъалъулъги.

Гьес суалал кьолел рукIана доба бугеб рагъда хурхарал. Дицаги абуна гьесда, рагъ вахIшилъи бугин, бугониги – борч абулеб рагIиги бугин.

Амма гьес киданиги гьикъулеб букIинчIо кьвагьулел алатазул ва гьелда релъараб жоялъул хIакъалъулъ».

Клэр Бигг, Кэтлин Мур, Ричард Солаш,
Эркенлъи радиоялъул мухбирал
XS
SM
MD
LG