МагъчIваялъе рес

Зубейдат Царнаевалъухъа сурав босана


 Зубейдат Царнаева, 23Apr2013
Зубейдат Царнаева, 23Apr2013

24 апрелалъ тIубараб къо ана журналистазул Дагъистаналъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул минаялда цере чIун.

Гьениса къватIие Зубейдат Царнаева ячIиналъухъ халккун букIана гьез. Цинги бакъанидаса хадур рикьа-риххизе байбихьана гьез. ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалда хIалтIулел лъале-хъвалез цо-цо журналистазда лъазабун бугоан Зубейдат ФСБялда гьечIин, гьей цогидаб кавудухъан анин къватIие. Амма гьеб ургъунго журналистал къосинаризе бицунеб хабар батилинги абун, цогидал журналистал гьенирго чIана.

Бостоналда теракт гьабиялда щаклъи бугев Тамерлан Царнаевасул эбел Зубейдатилгун кIалъай гьабизе МахIачхъалаялде рачIун руго Америкаялдаса ФБР хъулухъалъул вакилзаби. Гьел 23 апрелалдаго рачIана. Рокъореги рачIун Зубейдат ячун унеб мехалдаги журналистаз хIалбихьулеб букIана гьелда Тамерланил хIакъалъулъ гьикъизе. Гьелда данде гIицIго «Тамерлан лъикIав бусурбанчи вукIана» ян гурони абун бажарун гьечIо гьелъухъа.

Царнаевазул эбел-инсулгун, гьезул гIагарлъиялъулгун гара-чIвари гьабизе Дагъистаналде рачIарал къватIиса пачалихъазул журналистаз абулеб буго гьел рахчарулел ругин жидедаса, гьеб хIужаялда хурхун баянал щвезе цIакъ захIмат бугилан. Амма гьелъие гIилла журналистазда кIалъазе бокьунгутIи гуреб, щибаб къойил щивасе цого жо бицун свакан рукIин кколин бичIчIизабула Зубейдатил вацасул лъади ПатIимат Сулеймановалъ. Гьелъ гьедин абуниги, эбел-инсухъе нух бахъизе унголъунги захIмат буго. Гьел гьедин рукIиналъ цо къоялъ баккун букIана Дагъистаналъул хасал хъулухъаз рахчизарун рагIулин гьел, журналистазда щибниги бицунгеян хIинкъизеги гьарун ругилан абураб хабар. ХIакъикъаталдайин абуни гьел цIакъ рихха-хочун, щиб бицани лъикI ккелебали лъаларого ургъалилъ ругин бицана ЭР-ялъе Хеда Саратовалъ.

Хеда Саратова ккола Чачаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулей. 24 апрелалда гьелъги Царнаевазул цогидаб гIагарлъиялъги пресс-конференция кьезе хIукму ккун букIана Зубейдат ФСБялде ахIичIейани. Хедаца ЭР-ялъе бицана жий Царнаевазул гIагарай гIадан кколарин, гIицIго миллатцоял хIисабалда гьел цIунизе бокьун букIин гурониян. Гьелъ Дагъистаналде ахIун вуго Москваялдаса адвокат Заурбег Цадахановги.

Хеда Саратова: «Гьадинаб ахIвал-хIалалде ккарал чагIи хIисабалда гьел ричIчIизе ккола, амма цоги рахъ босани, гьез жидедаго тIаса чи гьукъизе бегьулароан, гьикъа-гьикъаразе бицине кколаан гьеб теракталда тIасан жидерго пикру. Гьединан мугъ сверун чIани, батIи-батIиял харбалги рижула. Амма цоги рахъги буго гьениб. Дун кIалъана гIезегIан журналисталгун. Жидехъе щвараб информация батIайисан хIалтIизабулеб буго гьез, магIнаги хисизабун. Гьединлъидал жидер кIалдисан араб щибаб рагIи жидер васасда данде хIалтIизабилин абураб хIинкъи буго гьезул».

МахIачхъалаялде рачIарал ФБРалъул вакилзабазе къваригIун буго гъоркьисала риидал Дагъистаналда Тамерлан Царнаев щиб гьабулев вукIаравали лъазе. Цо-цо баяназда рекъон, гьев хьвадулев вукIун вуго Котровасул къотIноб бугеб мажгиталде. Гьенире аслияб куцалда радикалал хьвадулин абураб пикру буго низам цIунулезул.

Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда мадугьалзабазги гIагарлъиялъги абулеб буго Тамерлан рукъ-бакI къачIазе инсуе кумек гьабулев вукIунаанила.

XS
SM
MD
LG