МагъчIваялъе рес

Царнаевал божулел гьечIо жидер васаз кьвагьиял гьариялда


Царнаевал Тамерланги, яцалги, Джогьарги
Царнаевал Тамерланги, яцалги, Джогьарги

22 апрелалда Россиялъул ХIинкъигьечIолъи чIезабиялъул Шураялъ лъазабуна Тамерлан Царнаевасул кинабгIаги бухьен букIинчIин яргъидгlуцlаралгунин.


Гьал къоязда Бостоналда ккараб теракт Тамерлан Царнаевасул хIалтIи бугилан. Полициялъулал хадур лъугьиндал, гьевчIвана, гьитIинав вац Жовгьар тIурун ворчIана. Сордо-къоялъ валагьулевги вукIун, Жовгьар ватана лъел расаялда жаниввахчун. ЗахIматго лъукъарав гьев азарханаялда вуго.
ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Тамерлан Царнаевасул эбел Зубейдатица бицана гьал гIагарал къоязда жиндир рос Анзорине вугила Америкаялде букъизе васасул жаназаялда хадур. Гьединго лъикIав адвокатги ккун, гьесда ракIалда буго лъукъуназарханаялда вугев кIиабилев вас Жовгьарги цIунизе.
Царнаев Анзор (квегlиса), лъади Зубейдат, гьелъул вац Мухlамадхlажи. Эбелалъул кодов Тамерлан
Царнаев Анзор (квегlиса), лъади Зубейдат, гьелъул вац Мухlамадхlажи. Эбелалъул кодов Тамерлан
Зубейдат Царнаевалъ ЭР-ялъе бицана Тамерлан кIалъанила жиндихъе гьеб кьвагьи ккун хадур низам цIунулел рачIунрукIанин жиндихъе цIех-рехалъилан. Жидер дуда щаклъи ккун бугин полициялъулаз абидал, гьеб нужер иш бугилан жавабкьун бугила Тамерланицаги.
Гьедин батани, щайха гьев полициялдаса тIурулев вукIарав, гьеб мехалда киве унев гьев вукIарин гьикъидал, Зубейдатицажаваб кьуна Жовгьар цIалуде щвезавизе унев вукIун вугин дов, цинги полициялъулал жинда хадур гIунтIулел рукIинбихьидал, жидеда хадур кьвагьдолел ругилан лъадухъе ахIун бугила гьес.

Зубейдат Царнаева: “Дун божуларо полициялъулав чIванин абураб жоялда. Щайгурелъул додинаб ахIвал-хIалалда бокьараб жо ургъизе рес буго. Нужеда жибго Америкаги щиб улкаяли лъаларогойищ? Жидее къваригIани, бокьарав чиясда тIад бугьтан лъезе рес буго доз. ГIиси-бикъинаб жогицин кIодо-кIодо гьабун шоу гьабула, гьезда сверухъ кIудиял хIаял ургъула гьез. Гьаб ахIвал-хIалги ккола дир лъималазе гъураб къор”.

ПатIимат Сулейманова ккола Зубейдатил вацасул лъади. Гъоркьисала МахIачхъалаялда вачIиндал, гьезухъги гьоболлъи балеб букIун буго Тамерланица.

ПатIимат Сулейманова, 22Апр2013
ПатIимат Сулейманова, 22Апр2013
ПатIимат Сулейманова: “Гьеб кин ккарабали нижеегоги бокьун буго лъазе. Мажгиталдаса вачIунаго росас ахIун бачIана телевизоралъухъ балагьейила Царнаевазул бицунеб бугилан. Тамерланилги Жовгьарилги бицунеб рагIидал, жив кутакалда виххун кканин абуна гьес. Щайгурелъул гьеб божизе бегьулеб жо гуро. Телевизор биччазе цояб рокъоехун йортана дун. Гьеб мехалда гIодулаго Анзорица ахIун бачIана :”Патимат, моих детей нету – Тамерлана и Анзора” ян. Гьеб заманалда нижехъ рукIана гъозул эбелалъул (Зубейдатил) яцалги. Гьезул вац унтун вугилан гьесда ракIгурхIун гIодулел рукIана. Цинги тIаде гьаб цояб хабарги бачIанаха. ГIодор герегахъдизе лъугьана. Нижер ахIи рагIун мадугьалзаби рачIана тIаде”.

ЭР: Дур хIисабалда, додинаб кьвагьи гьабизе гIилла букIанищ гъосул?

ПатIимат Сулейманова: “Нижер мадугьал йикIана бицуней цо нухалда нижехъе вачIунев гьесда данде кканин жий. Цинги жиндихъа кодоса росун сумкабигун кумек гьабунин тIаде ячIине. Гьединав вас вукIана… Рокъов-къватIивги вацIцIадав, адаб бугев вугев вукIана. Гьединго жал гражданаллъун гьарураб улкаялъе гьединаб жо щай гьабизе кколеб букIарабали бичIчIуларо дида. Жовгьарие щун букIана гражданлъи. Тамерлание грин-карта кьун букIана. Гьесие Америкаялъул гражданлъи сентябралдайищ, декабралдайищали щвезе кколаан. Нижеда кколеб буго гьезие цогидаз къор гъун батилилан. Доз жидецагоги батIи-батIияб жо буго гьезда нахъасан бицунеб. Цогидаз гьабулеб иш жидедаго тIаде босун батилила, Доку ГIумаровасул къокъаялда гъорлъ рукIун ратилила. Амма гьес жинцаго лъазабуна гурищ гьесулгун жидер кинабгIаги бухьен букIинчIилан…

Дида телевизоралдасан радал вихьана гьеб теракт ккараб бакIалъул суратазда рюкзакги нахъа бан кIиго вас – Тамерланги Жовгьарги рукIун ругоха гьел. Къасиялдехун рагIана гьел чIван ругилан.

Вести 24 программаялдасан ЛДПРалъул цевехъан Жириновскиясги абуна гурищ гьеб суал полициялъе кьезе кколила – кигIан кьвагьулеб жо букIараб, кигIан гьеб харж гьабурабали. КинабгIаги Россиялъул яги чачаназул лъалкI гьениб гьечIила. Кавказ бокьуларев Жириновскиясгицин гьедин абулеб мехалъ, нижеца щибинха абилеб? Гьесда гьел лъазецин лъалароан, нижедани гъол лъалел рукIаралъул”.

Гьелъ ракIалде щвезабулеб буго Тамерлан вукIанин берцинаб гIамал-хасияталъул вас. Гьединго вукIанила динияв вас. Гьелда бан журналистаз кIвар буссинабулеб буго Тамерлан МахIачхъалаялъул Котровасул мажгиталде унев вукIун ватиялде. Гьенире аслияб куцалда салафиял хьвадула. Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Котровасул мажгиталъул имам ХIасан-ХIусеница абуна гъоркьисала Тамерлан МахIачхъалаялде вачIараб мехалда жив кутакалда унтун рокъов вукIанила, гьединго лъаларин гьев мажгиталде вачIун вукIаравищ вукIинчIевищали. Тамерланил эмен Анзорица бицана гьев какде унаанила МахIачхъалаялъул аслияб Жума-мажгиталде.

ПатIиматица гьединго бицана Тамерлан лъикIав боксер вукIанин, амма щаяли МахIачхъалаялъул цониги клубалде восичIила гьев.

Тамерлание бокьун букIун буго кватIичIого Америкаялдаса тIадвуссун, гIумру гьабизе МахIачхъалаялде вачIине.

XS
SM
MD
LG