МагъчIваялъе рес

В. Иноземцев: "Гьанжеги накабазда хутIулел руго нилъ"


Владислав Иноземцев, Постиндустриалияб  жамгIияталъул цIех-реххазул централъул директор
Владислав Иноземцев, Постиндустриалияб  жамгIияталъул цIех-реххазул централъул директор

Путин Россиялъул нухмалъуда вуго 16 соналъ. Кинал хIасилал ругел гьесул хIалтIул? Гьеб суалалъе жаваб кьезе хIалбихьун буго Постиндустриалияб  жамгIияталъул цIех-реххазул централъул директор Владислав Иноземцевас жинцаго гьабураб цIех-реххалда.

Иноземцевас абулеб буго, жакъасеб тIалъиялъул букIанин заманги сурсаталги, анцIго-къого соналда жаниб экономикияб тегьаялъе кьучIги лъун, Россия кIиабилеб Китаялде батичIониги, цIиял Эмиратазде гIаги буссинабиялъейин. Щибха ккараб хIакъиъкаталдаги?

Авторасда бихьухъе, Путин нухмалъуда вугеб заман кколеб буго гIадада хварал сонал.

Владимир Путин нухмалъудагун байбихьараб 27-билеб сон россиялъулаз данчIвалеб бугин гIага-шагарго 2006 соналъул гьоркьохъеб харжалъул гIадал ресал ругеб гьоркьохъеб харжгунин. Ай, долларалъул багьа босун, жакъасеб гьоркьохъеб харжалъухъ къимат дандбазе бегьулеб буго 2006 соналъул гьоркьохъеб харжалъухъ къиматалда.

Гьеб 17-леб сон нилъеца дандчIвалеб бугин, ахирисеб лъабго сонида жаниб 280 миллиард долларалъул капитал къватIибеги унин, 4,4 нухалъ цIикIкIинабураб рагъулаб бюджетгун, нухмалъиялъул классалде буссараб бюрократиягун, ахирисел соназда байбихьараб кIиго рагъгун, постсоветияб гIатIилъиялда рукIарал гьалмагъзабазцин тун ва магIишаталъул рахъалдаса аслиял партнеразулгун гьоркьорлъабиги хвезарунин, жубалеб буго цIех-реххалъул авторас.

«Пачалихъалъул бетIер Владимир Путиние битI ккана. Гьесие ккимана конъюнктура. 2000 соналда баррелалъухъ 28,5 долларалъул нартил багьа 2014 соналде щвезегIан бахана баррелалъухъ 102 долларалде. Гьесул нухмалъиялда гъоркь халкъалъе бокьун букIана лъикIаб гIарац щвезе, гьелдаса пайда босизе ва «накабаздаса рахъунел» рукIиналдаса роххун рукIине», - ян хъвалеб буго Иноземцевас.

Пикру халат бахъинабулаго, гьес абулеб буго, Россиялъул экономика цебетIезабиялъул аслиял масъалаби цере рукIарал «Газпром» гIадал корпорацияз ранин кIудиял рогIораби. Амма 20I5 соналда бахъулеб газалъул къадар гIодобе кканин. Лъазабулеб букIанин, гьел рогIорабазул ресал гIуралъ кIудиял ругин, амма Россиялъул газалде интерес гIодобе кканин. Гьедин батани, щай добго Катаралъ бахъулеб газалъул къадар цIикIкIинабураб ва гьеб бичиялда хурхун гьелъул кинал гIаги проблемаби гьечIин, лъолеб буго суал авторас.

«Путинил эпохаялъул Россиялъул экономика цебетIеялъул тарихалде балагьани, баянго бихьулеб буго, гьеб заманалда хIакъикъаталдаги пачалихъалъул гуреб сектор цебетIолеб букIараблъи, опталъул ва розницаялъул даран, коммуникация ва бухьен, хасал банкал, объектал рай, коммерциялъул хъулухъазул сфера цебетIураблъи. Пачалихъияб сферайин, абизе бегьула, тормозалда лъун букIанин», ян хъвалеб буго Иноземцевас.

Авторас кIвар буссинабулеб буго, гьеб заманлда хIакъикъаталдаги кIвар буссинабизе кколеб букIараб рахъалда. Баянго бихьулеб букIанин, гьелд соназда жаниб тIоцебего инфпаструктураялде кIвар бусинабизе кколеб букIараблъиян абулеб буго гьес.

«Жиндие кIудиял ресал щавараб (батIалъи гьечIо сундасан гьел щваралали, рукIине те гьел ракIалдаги гьечIого щварал нартил долларалардасацин), тарихалъ кодоре шансал кьураб улкаялъ, нахъ тIамичIого разе кколел рукIана автомобалзулги маххулги нухал. Кьоял, энергетикиял объектал. Гьелегури Китаялъул мисал цебе буго. Гьеб гьедин букIуна кисса-кибего, Россиялда хутIизегIан.

16 сонида жаниб бан гьечIо, хехаб маххул нухалъул транспорталъул цогIаги километр. Ралел гIадатиял нухазул темпалги цIахъ тохал руго.

16 сонида жаниб Россиялъул ралъдал портазул ресал гIатIилъиязариялъул даражаги гьитIинаб рагIула Шанхаялъул цого-цо порталъул ругел ресаздасацин.

Путиница рагIи кьун букIана ВВП кIиго нухалъ цIиккIинабизе бугин, нартидаса рарал рукIиналдаса рорчIизе ругин», абулеб буго Иноземцевас.

Авторас бачунеб буго улкаялъул бетIерас кьурал ва тIуразаричIого хутIурал рагIабазул тIубараб сияхI ва цIидаса лъолеб буго, кибха бугеб Россия накабаздаса рахъиналъул ишараян, абураб суал.

XS
SM
MD
LG