МагъчIваялъе рес

ГIундузда килщал чIван, бадир кверал ккун


ХIикматаб республика буго нилъер. Цояб рахъалдаса къо гьоркьоб къо биччачIого данделъаби, форумал, коллегияби, заседаниял ва анцI-анцI цогидаб хIапу-чапур бюджеталъе экономия гьабизе ва гIарац балагьизе гIалам ахIун. Цогидаб рахъалъ нохъо рикIкIун гIанхвара буго жиндир цагъринибе улкаялъул буголъи баччулеб, халкъалъе кколеб бикъулеб, гьеб гIечIого жидер гIетI тIун халкъалъ данде гьабурабги гьездаса бахъулел.

Валагьун вукIана Дагъистаналъул телевидениялдаса бихьизабулеб республикаялъул бетIерасул ихтиярал кодосев вакил ГIалибег ГIалиевасулгун гьокочагIазул репортажалъухъ. Маршруткабазул шопераз гIарз гьабун буго республикаялъул бетIерасухъе жидехъа «Горавтотранс» абураб МУПалъ гIарац бахъулеб бугин ва жидее хъизамал хьихьизе гъоркь мугьалго хутIулел гьечIин.

Гьеб ахIиялъ вачIун цо рицIцIигъотIода гъоркь шопералги ракIарун гьужумал гьарулел руго ГIалибегица, нужеца щай бюджеталда магъалаби кьолел гьечIин. Гьениб цояс абулеб буго, кьолин нижеца, пенсионный фондалде кколеб взносги кьолин, налоговая инспекциялъ тIалаб гьабулебги кьолин, гьелъул къадар моцIие I800 гъурущалдасаги тIаде унин, гьебни бигьаяб бугоан…

Гьаниб сихIкъотIи лъугьана, нахъойги гьоркьов жувана ГIалибег ГIалиев, цойги кибе кьолеб дуца гIарацин. «Горавтотранс» абураб МУПалъе кьола 3I50 гъурущ, диспетчерский рикIкIинчIогоян абуна гьокочияс.

-Дуе квитанция кьолеб бугищ гьеб дуца кьураб гIарцул? – ян гьикъулеб буго ГIалибегица.

-ГьечIо.

-Щай дуца кьолеб гIарац квитанция кьечIого?

- Щай гурелъул гIарац кьечIони тIоцебесеб гъотIода нахъаса чараб тIилгун чиги вачIун къотIула гIакIа 8000 гъурущ ва къала дир чед – ин абуна гьев чияс.

ХIасил калам ГIалибегил тIаса-масаго гьабураб ревизиялъ гьеб бакIалда чIезабуна шагьаралда 80 линияги, гьениб щибаб линиялда 50 маршруткаги хIалтIулеб букIин. ГIаммаб къагIидаялъ борцун гьеб кколеб буго 4000 ялдасаги цIикIкIун автомашина.

Гьезул щибалъ квитанция гьечIого щибалиго лъалареб гортрансалъе 3150 ва тIаде азаргогIан гъурущ диспетчеразе кьолеб батани, рагIдукь бугеб, тIад магъало лъечIеб гIарцул къадар бахунеб буго 200 миллионалде гIагарараб къадаралде. МУП «Горавтотранс» рагIула Саид Амировасул чагIазул кварщаликь жеги.

Гьеб коррупционияб механизмаялъ хьихьун руго налоговиялги, гаишникалги, диспетчералги, МУПалъул хIакимзабиги, хIасил калам жалго жидедаго чIарал акционеразул къапила. Гьезда ракIалдацин гьечIо магъалаби кьезе ва рагIдукьа къватIире рахъизе. Жакъа гьаб нухда хIалтIизе ихтияр дица дуе кьеялъухъ квитанцияги кьечIого чиясухъа 3150 гъурущ босизе чи вачIунев ватани, гьеб буго шагьар бакьулъ къадгIадада гьабулеб рэкет, хъамалчилъи.

Азие инсухъа ирсалъейищ щвараб МахIачхъалаялъул нух ГIадамазухъа жидеего гIарац бакIаризе ккани? Кире ралагьун ругел органал - МВД, Прокуратура, ФСБ ва ЦIех-рехалъул комитет?

МУП-гун рекъон ГАИ-ялъ водителал хIулулел ратани гьеб кколеб бугогури «организованная преступность», цойги щибха цIар гьелде лъелеб? Лъала, органаз абила гIарза гьечIин, жидеда гьениб гьеб цо «состав преступления» абураб жо бихьулеб гьечIин. ГIалибегица тIаде азарго ватталъул канлъи бугеб прожектор речIчIизабуниги азда бихьулеб гьечIо гьеб «состав» абураб жо.

Камераялда жанивеги валагьун гIаламалда цебе чияс абуниги жиндихъа 3I50 гъурущ унеб бугин цIар гурони жал щалали лъаларел чагIаз, азда рагIулеб гьечIо. «ГIундузда килщал чIван, бадир кверал ккун», ралагьулел гьечIищ аз такъсирчагIи? Нагагь рихьизе гурин.

ГIагараб заманалда иргадулав Нунубег вахъизе вуго гIаламалда цеве, рагIдукьа экономика къватIибе бачизе ккеялъул ва такъсирчилъиялъулгун гьабулеб рагъул бицине. Щив божилев гьезда, гьаб тIубараб республикаялда рагIун борхараб суал роцIцIинчIони? Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG