МагъчIваялъе рес

Бащадаб лъагIалида жаниб дагъистаниязул харжал 3% дагьлъун руго


Сергей Ёлкиница бахъараб карикатура
Сергей Ёлкиница бахъараб карикатура

Гъоркьисалалде дандеккун Россиялда гIемерисел регионазда харжал гIодоре ккун ругин лъазабулеб буго финансазул аналитиказ. Гьел регионазда гьоркьоб буго Дагъистанги. Гьелъие аслияб гIиллалъун улкаялдаго бугеб кризис бугин рикIкIунеб буго гьез. Амма экономист Маир Пашаевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана харжал гIодоре ккеялъе багьаналъун кризис гурони бакIалъул тIалъиялъул лъавукъаб сиясатги, нахъе ккараб экономикаги бугилан.

2014 соналъул апрелалдаса бахъараб исана июнь щвезегIан, гIаммаб къагIидаялъ, Россиялда инляция цIикIкIиналъ харжал ункъго нухалъ дагьлъун руго. ГIага-шагьарго багьаби Россиялда 17,6 проценталъ цIикIкIун руго, Москва ва Санкт-Петербург гIадал чIахIиял шагьаразда харжал 4,3 проценталъ рахинарун руго. ХутIарал гIемерисел регионазда гIадамазе щолеб мухь дагьлъун гурони цIикIкIун гьечIо.

Бищун цIакъ гьел харжал дагьлъарал регионазда гьоркьоб буго Дагъистанги. Гьедин финансазул аналитиказул баяналда рекъон республикаялда харжал лъабго проценталъ гIодоре ккун руго. Экономистаз лъазабулеб буго улкаялъул экономикаялъул захIматаб хIал бугила гьаб сагIат, бакътIерхьул рахъалда ругел улкабаз Россиялда санкциял лъазариялъул хIасил кколин гьеб кинабгойилан лъазабулеб буго гьез.

Россиялда бищунго цIакъ инфляция цIикIкIараб регионлъун кколеб буго Крым, гьениб багьаби 57 проценталъ рахун руго. Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьоб гьеб рахъалъ цебесеб кьерда буго Ингушетия, гьениб 24 проценталъ цIикIкIун буго инфляция. Дагъистаналда багьаби 16 проценталъ гурони рахун гьечIо.

Россиялда бугеб гьеб кризисалъул ва инфляциялъул хIасилалда улкаялда къокъаб заманалда цIакъго гIемерлъун руго ресукъал гIадамазул къадар. Россиялъул хIукуматалъул премьер-министр Ольга Городецица лъазабуна 2014 соналде данде ккун исана лъабго миллионалъ цIикIкIанила Россиялда мискиназул къадар, гьанже гьединазул 22 миллион чи вуго.

Дагъистаналъул статистикаялъул идараялъул хIалтIухъан Елена ГIамирхановалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьаб сагIат Дагъистаналда чан ресухъав чи вугевали мухIканго чIезабун бахъун гьечIила жидеца, гьаб сагIат гьеб суалалда тIад хIалтIулел ругила жал.

Амма гьел ресукъазул къадар гъоркьисалалде дандеккун республикаялда бахун букIин ракIчIун абизе кIолин лъазабуна гьелъ. Гьеб идараялъул баяналда рекъон гъоркьисала республикаялда гIумру гьабун ругезул I0 процент рикIкIунеб букIун буго ресукъаллъун. Гьезулго баяназда рекъон ахираб анцIго соналда жаниб Дагъистаналда гьединазул бищунго цIикIкIараб къадар букIун буго 2005 соналъ. Гьеб соналъ язихъазде гъорлъе унеб букIун буго дагъистаниязул 24 процент. Республикаялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон Дагъистаналда гьоркьохъеб къагIидаялъ ресукъавлъун рикIкIине бегьула моцIие 8666ялдаса дагьаб гъурущ щолев чи.

Экономист Маир Пашаевасул пикруялда рекъон Дагъистаналда харжал дагьлъиялъе гIилла гIицIго крисиз гуребги, республикаялъул тIалъиялъул магIна гьечIеб экономикияб сиясатги кколеб буго. Гьедин 2015 соналъ Дагъистаналда бюджеталдасан мухь щолел чагIазул харжал дагь гьариялъги ресукъазул къадар баханилан бицана экономистас.

Маир Пашаев: «Бюджеталдасан мухь щолезул харж цин 10 проценталъ гIодобе ккезабизе бугин абулеб букIана, хадубги 7 проценталъ дагь гьабуна гьеб. ТIоцебе Дагъистаналъул бетIерас бюджеталъ хьихьун ругел хIакимзабазул харжал тIаса къотIизе ругин лъазабун букIана, гьезда гурониги цойгидал бюджеталдасан харж щолездаги хъинтIичIого хутIичIо гьеб.

Гьел харжалги дагь гьарун тIокIлъараб 180 миллион гъурущ ресукъал гIадамазе ва гIемерал лъимал ругел хъизаназе кумек гьабизе хIалтIизабизе бугин лъазабун букIана республикаялъул бетIерас. Гьелъул ккараб хIасилги жеги бихьулеб гьечIо. Киназдаго лъалеб жо буго республикаялъул хIажалъабазе гIураб гIарац гьечIолъи Дагъистаналъул бюджеталда.

Гьедин цо-цо баяназад рекъон камун буго 5 миллиард, цойгидаз абулеб буго 7 миллиард гIолеб гьечIилан. Гьединлъидал гьеб бюджеталда бугеб каратI бацизелъун батIи-батIиял нухал ралагьизейилан лъугьун руго тIадчагIи. Цересел саназги нилъер республикаялъул бюджеталда къваригIунелдаса 2.5 млрд камун букIунаан. Гьанже гьеб цIикIкIиналъе гIиллалъун буго магIна гьечIел, къваригIунарел бакIазде гIарац хвезаби ва магъалаби ракIариялъул план тIубазабунгутIи.

Гьел магъалаби ракIариялъул рахъ гьанже цIакъ нахъе ккун буго. Гьедин гIарац къваригIиналъ республикаялъул нухмалъиялъ 5 млрд кредит босилин I5 проценталда гъоркьилан лъазабунги букIана. Гьединаб цIикIкIараб процент тIадеги кьун нахъбуссинабизе гIарац цIакъго рес къотIараб мехалда гурони босуларо.

Гьебги республикаялъул хIажалъабазде хвезабизе гурониги, Дагъистаналъул налъаби цIакъго гIемерлъун рукIиналъ гьел рецIизелъун балагьулеб батизеги бегьула. Масала, «Россельзозбанк»-алъухъ босараб лъабго млрдги нахъбуссинбун цойгидал хIажалъабазе тезехъин батизеги бегьула хутIараб гIарац».

Кинаб рахъалъ босаниги гьаб сагIат Дагъистаналъул экономика цIакъ захIматаб хIалалда бугин лъазабуна Маир Пашаевас. Гьеб квешаб хIалалда букIиналъ ва республикаялда гIураб гIарац гьечIолъиялъ пачалихъияб хIалтIуда ругезе чанго моцIица харжал щолел гьечIин, республика цебетIеялъе ургъарал чанги программабиги чIезе тун ругин гьебго гIарац гIолеб гьечIолъиялъилан тIаде жубана экспертас.

ГIадамазе харжал кватIизарулел рукIиналда бан Дагъистаналъул прокуратураялъ халгьаби тIобитIун буго Шамиль мухъалда. Прокуратураялъ лъазабухъе халгьабиялъ бихьизабун буго мухъалъул администрациялъ 10 миллионалдасаги цIикIкIун, гIадамазе харжие ине кколеб, гIарац кьун гьечIолъи бакIалъулал идарабазе. Гьеб гIарац къокъаб заманалде кколелъубе биччайилан лъазабун буго прокуратураялъ гьезда.

XS
SM
MD
LG