МагъчIваялъе рес

Кванил нигIматазул багьаби тIаде унел руго


10-15%-алъ кванил нигIматазул багьаби хиралъизе руго цIияб соналдасаилан, лъазабулеб буго экспертаз. Гьез абухъе, экономикалъул цониги бутIа хутIизе гьечIо багьаби цикIкIинаричIеблъун.

Кванил нигIматазул багьа батIаго цIикIкIун гьечIин Дагъистаналдаилан, рикIкIунеб буго регионалияб индустриялъул, инвестициябазул ва дармил министерлъиялъ ай Минпромторгинвесталъ. Гьеб идараялъ жиб-жиб къоялда кванил нигIматазул багьабазул мониторинг гьабулаан.

«Багьаби хиралъун руго, амма цодагьго. Дагъистаналъул жиб-жиб мухъалъул базаразда кинаб ахIвал-хIал бугебали нижеда лъала ва гьелдалъун абизе кIола багьаби цIакъ тIадерахараллъун кколарин», - ян хъван буго Минпромторгинвесталъул пресс-релизалда.

Гьединго пресс-релизалда хъван буго министерлъиялда даран-чагIигун хасаб данделъи тIобитIанин ва киналго разилъанин багьаби кIванагIан тIаде рахизаричIого чIезе.

Амма гIадатиял гIадамазул гIарзаби руго багьаби хиралъулел ругин. Мисалалъе, «Кавказский узел» информалаталъ гьикъа-бакъи гьабун буго Шималияб Кавказалъул регионазда. Гьелда рекъон, гIадамаз абулеб буго багьаби хиралъанин 20-25%-илан. Дагъистаналдаса гIадамаз, мисалалъе, бицун буго хиралъун ругин рахьдал нигIматал, ханал, рис, ханжу ва гь.ц.

МахIачхъалаялдаса Мадина ГIисаевалъ абуна «Эркенлъиялъе» хиралъичIел нигIматал хутIичIилан.

Мадина ХIасанова: «Киналго нигIматазул багьаби хиралъана. Нижеца кидаго 24 гъурущги кьун босулеб букIана чадил буханка, гьанже тIаде цо гъурущ кьезе кколеб буго. ЦIакъ тIаде бачIана чакаралъул багьа».

«Кавказский узел» информалаталъ гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIасилал хIакъал рукIин бихьизабулеб буго статистикадул хасаб хъулухъалъги. Идараялъул лъазабиязда рекъон, мисалалъе, ноябралъул ахиралда рукIарал кванил нигIматазул багьаби декабралъул 15-лелда хиралъун руго 2-3 гъурщидалъун. Октябралъул багьабазда дандеккун – 5-6 гъурщидалъун.

Дагь-дагьккун тIаде рачIунел руго бензиналъул багьабиги. Гьелдалъун абизе бегьула, кванил нигIматазул багьаби жеги цIикIкIилин. ТIадежоялъе, статистикаялъул хъулухъалъул хIасилазда рекъон, гIемертIалаял минабазда ругел рукъзабазул багьабиги 25-30% хиралъун руго.

Жиб-жиб къоялда багьаби дагь-дагьккун хиралъулел ругин абуна «Эркенлъиялъе» экономист Андрей Меламедовас.

Андрей Меламедов: «Кризис байбихьаралдаса хадуб багьаби 20-30% тIаде рахана. БачIунеб соналъул байбихьудаги 10-15% хиралъизе руго багьаби. Кинабго бараб буго долларалда. Щиб абуниги, долларалъул багьа хиралъанагIан кванил нигIматазул багьабиги тIаде рачIинаан. НигIматазул багьаби гурелги хиралъизе руго. Автомобилазул багьа, ратIлил багьа, дарабазул багьа ва гь.ц.

Импорталъул секторалъ ккураб экономика буго Россиялда. Хас гьабун Дагъистаналъул бицани, гьанибги гьединабго хIал буго. Пихъ-овощазул рахъалъан республикаялда жибго кваназабизеги Россиялъул цогидал регионал кваназирезеги кIолин абулеб букIана риидал Дагъистаналъул хIакимаз. Раккеха базаралда, цIехей, батизе бугищали гьаниб гIезабураб помидор. Риидалцин гьанире пихъ-овощал цогидал регионаздаса щолел рукIана. Дагъистаналда рижулел пихъ-овощал республикаялъе гIола сезон бугеб мехалда, цогидаб заманалда республикаялда къватIиса бачIуна кинабго.

Минпромторгинвесталъул хIасилазда божизе дида кIоларо, гьел хIасилал гьез киса росунелги бичIчIулеб гьечIо. Статистикаялъул хъулухъалъул баянални хIакъаллъун рихьула. Дицаги халгьабулеб букIана багьабазул ва жиб-жиб къоялда дагь-дагьккун багьаби тIаде рачIунел руго».

Экспертасул рагIабазда рекъон, гIагараб заманалда республикаялда цIакъго хиралъизе буго гьаналъул багьаги. Гьес гьединго абуна, Дагъистаналъе рес щвезе бугин экономикадул хIал цодагьго лъикIлъизабизе.

Андрей Меламедов: «Гьаналъул багьа цIикIкIина Дагъистаналда. ГIи-боцIидул рахъалъан республика тIоцебесеб бакIалда буго Россиялда ва гьаналаб экспорт гьабулеб регионлъунги ккола. Амма гьаналъул багьа бараб буго гIи-боцIие босулеб кормалдаги, хералдаги ва гь.ц.

ГIагараб заманалда Дагъистаналъеги, Россиялъул югалъул рахъалда ругел регионазеги федералияб бюджеталдаса гIемер гIарац биччазе буго. Импорталъулал нигIматал хисиялъул программа тIубаялъе гIоло биччалеб буго гьеб гIарацги. Федералияб централда ракIалда буго гьеб гIарцудалъан регионаз росдал магIишат цебетIезабилин. Гьелдалъун Дагъистаналъул рес буго росдал-магIишаталъул нигIматазул рынокалда жиндиего бакI кквезе».

Экономист Меламедовасул пикруялда рекъон, республикалъул хIукуматалъе кIвезе гьечIо багьаби хиралъиялдаса цIунизе. Монополияб къотIи-къайги багьаби цIикIкIинариялъулъ батизе гьечIо, щайгурелъул кванил нигIматазул рынокалда Дагъистаналда монополисталилан абизе бегьулел фирмаби гьечIо.

Меламедовас абухъе, республикаялъул нухмалъиялъ кIвар кьезе ккола росдал магIишат цебетIезабиялъе. Гьес рикIкIунеб буго, гьеб сфераялда ришватчилъиялъул кIудияб процент буго ва федералияб бюджеталдаса рачIине ругел цIиял дотацияз батIаго жо хисизе гьечIо коррупциялда дандечIараб хIалтIи гьабичIони. Амма Дагъистаналъул хIукуматалъ гьединал хIалтIаби цереги гьарулел рукIанин ва гьез кьураб пайда жеги бихьичIин, тIаде жубана ахиралда экспертас.

XS
SM
MD
LG