МагъчIваялъе рес

ГIисинал харжал ва чIахIиял мухьал


Россиялда бищун гIисинал харжар ругел бакIлъун 2015 соналда ккун руго Шималияб Кавказалъул регионал. Гьездаги гъорлъ, бищун ахада буго Дагъистан. ГIисинал харжал ругеб заманалда хIакъикъияб тIаде щолеб мухь Дагъистаналда кIиго нухалъ цIикIкIараб бугин лъазабулеб буго экономистас.

Россиялъул цогидал регионазда гъорлъ, дагъистаниязе щолел руго бищунго дагьал харжал. Гьоркьохъеб харжил къадар республикаялда бащалъулеб буго 18819 гъурщида.

85 регионазда гъорлъ Дагъистаналъ ахирисеб бакI кколеб буго Росстаталъул баяназда рекъон. АскIор ругел Чачан, Гъабардаязулгун балкариязул, Шималияб Осетиялъул республикаязда гьоркьохъеб харжил къадар 20 азарго гъурщидаса тIадехун бихьизабулеб буго статистикаялъ.

Социалиял гьиназда гIахьалчагIаз рикIкIунеб буго гьоркьохъеб харж Дагъисаналда 10 азарго, 15 азарго гъурущ бугин, 18 азаридаса цIикIкIун харж гьеб лъикIабилан рикIкIине бегьулин ва гьел баянал тIуранго мухIканал гьечIилан.

ГIаммаб куцалда Шималияб Кавказалъул округ кколеб буго Россиялъул цогидал округазда гъорлъ дагьал харжал щолеблъун. Бищун цIикIкIарал харжал щолеб бакIлъун кколеб буго Сахалиналъул икълим, гьениб гьоркьохъеб харжил къадар бащалъулеб буго 59900 гъурщида.

2014 соналъул хIасилал гьарулаго, Дагъистаналъул Экономикаялъул министерлъиялъ лъазабун букIана, ахираб лъабго соналда жаниб Дагъистаналда харжал киналго сфераязда чанго нухалъ рахинарунилан. Амма ахирисеб, лъалеб куцалда харжал рахараб сон кколеб буго 2011 сон, гьелдаса хадуб, лъалеб хиси харжазул ккун гьечIо.

Бищун дагьаб гьоркьохъеб къадар харжил бугеб заманалда, Дагъистаналда гIадамазе тIаде хIакъикъияб мухь 30 азарго гъурщидаса цIикIкIун бугин, ва гьелдасан бихьулин сияхIалде росичIел мухьал ва рагIдукь бугеб экономика кIудияб букIинин бицана «Эркенлъи» радиоялъе экономист Халил Халиловас. ХIакъикъияб тIаде щолеб мухь хIисабалде босун хал гьабунани, Дагъистан тIоцебесеб анцIго регионалда гьоркьобе кколила.

Халил Халилов: «Щолеб гьоркьохъеб харжил къадар босун, Дагъистан буго сияхIалъул бищун ахада. Ахирал соназда жанир харжал лъалеб хIалалда рахунги гьечIо. Амма гIадамазе тIаде щолеб хIакъикъияб мухьалул гьоркьохъеб къадар босанани, Дагъистаналда гьеб 30 азарго гъурщидаса цIикIкIараб буго. Гьеб ккола регионазул тIоцебесеб анцIилалда гьоркьобе унеб къадар. Щайха гьединаб сурат бугеб, харжал дагьал, амма мухь цIикIкIараб.

Гьеб ккола цо рахъалъ босанани, хIалтIи гьечIогон ругезул къадар цIикIкIараб букIиналъ, Дагъистаналда официалиял харжал хIаракат бахъулел руго рикь-рикьизаризе, ай ставкаби, бащдал ставкабазда гIадамазе хIалтIи кьезе, гьединаб гIаламатаб хIалтIи гьечIолъигун къеркьей кколеб буго.

Гьебго заманалда, официалияб къагIидаялда хъвай-хъвагIай гьабичIгон, росдал магIишаталдаса букIа, цогидаб ишалдаса букIа гIарац щолел гIадамазул къадар цIикIкIараб буго. Гьеб бищун гьитIинаб харжги букIаго, гьединаб хIакъикъияб тIаде щолеб мухь бугеб заманалда, ай гьединаб мухь, ккола Санкт-Петербург ва цогидал чIахIиял регионазда щолеб. Гьеб ккола республикаялда бугеб гIарцIул бащадаб бутIа официалияб гуреб кколилан абулеб жо, ай гьеб хIалтIулеб буго рагIдукь бугеб экономикаялда».

Дагъистаналъул ЗахIматалъул министерлъиялъ, гьеб ахIвал-хIал баян гьабулаго лъазабуна, Дагъистаналда, министерлиялъул статистикаялда рекъон, гьоркьохъеб харжил къадар 17 азарго гъурщидаса циIкIараб букIин, гIагараб заманалда жаниб харжал цIикIине рес гьечIила, 2016 соналъул бюджеталъул проекталда рекъонги, гьелъие ресал гьечIин тIаде жубана министерлъиялда.

XS
SM
MD
LG