МагъчIваялъе рес

Риххун инел минабахъа гIадамал щай нахъе рахъинаруларел?


Риххун унел минабахъа гIадамал нахъе рахъинариялъул программа гIумруялде бахъинабун бажаричIел регионазда гъорлъ буго Дагъистанги. Республикаялда 2015 соналда жаниб гIадамал рахъинаризе бакIал ран рахъинчIого, гьеб масъала 2016 соналда тIубазабизе бугин лъазабулеб буго республикаялъул бакIал раялъул министерлъиялда. Амма чIунтарал рукъзабахъ ругел гIадамаз абулеб буго гьелда хьулго хутIун гьечIин.

2015 соналда жаниб риххун инел минабахъа гIадамал нахъе рахъинариялъул программа лъабил бутIаялъцин тIурачIел 16 регионалда гъорлъе ккун буго Дагъистанги. ГIаммаб куцалда, 2015 соналда жаниб респуликаялъе гьел мурадазда биччан буго 43 миллиард гъурщидаса цIикIкIараб гIарац, амма 2014 соналда жанир рарал гIанаселцин минаби гIадамал рахъинаризе ран гьечIила.

Дагъистаналда ругел басриял риххун инел ругел минабазул бащалъи кколеб буго МахIачхъалаялде. 50 гIемертIалаяб мина бихьизабун буго МахIачхъалаялда инсанасе жаниб гIумру гьабизе хIинкъи бугеллъун ва гьениса гIадамал нахъе рахъинаризе чанго нухалъ рагIи кьун буго, амма церего гIадин гIадамаз гIумру гьабулеб буго кинабгIаги квегIенлъаби гьечIел бакIазда. Хадусеб бакIалда, буго Дербент шагьар. Гьенирги риххун инеллъун рикIкIарал минбахъа гIадамал нахъе рахъинари рагIабазда гурого тIубан гьечIо.

2015 соналда жаниб республикаялъул анлъго муниципалияб мухъалда бан бугила 14 гIемертIалаяб мина. Гьел минабахъе рахъинарун руго 110 хъизам. Амма рахъинаризе рихьизарурал ругила 1456 хъизам тIолго республикаялда. 2015 соналда жаниб ран рахъинаризе кколел рукIарал бакIал лъугIун гьечIила аслияб куцалда МахIачхъала ва Дербент шагьаралдайин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул бакIал раялъулгун архитектураялъул министерлъиялъул вакил, пачалихъиял бакIал раялъул программаби гIумруялде рахъинариялъул бутIаялъул нухмалъулев Бахтияр ГIалирзаевас.

ГIемерал гIунгутIаби дандчIвалел ругила МахIачхъалаялдаги Дербенталдаги. Гьенир ралел 8 гIемертIалаял минабахъе рахъинаризе кколел рукIун руго 700 цIикIкIун хъизам.

Бахтияр ГIалирзаев: «Нижехъа бажаричIо лъагIалил болжалазда жаниб программа гIумруялде бахъинабизе. Гьелъие гIиллалъун ккана диваналда минаби разе бихьизабураб бакI битIун кьун гьечIин гIарзал рукIин. Чанго диваналъул данделъаби рукIана, масала. Дербенталда. Гьебго диваналъул процессс сабаблъун Избербаш шагьаралда 114 хъизам жанибе бахъинабизе балеб мина гьаб соналда гурого гIадамазухъе кьезе рес гьечIо. Программаяда рекъон, гьеб араб соналдаго жанире гIадамал рахъун букIине кколаан. Программаялда рекъон, гIадамал рахъинаризе кколеб микьго минаялда сверухъ унеб буго диван, гIадамал рахъинаризе минаби ралел бакIал къанун хвезарун рихьизарун ругилан абун. Гьезда гъорлъа лъабго Дербент шагьаралда ва щуго МахIачхъалаялда».

МахIачхъалаялда цIиял минаби ралел руго «Эльтав» заводалда гIагар, Кошевкого къватIалда, Тимирязева къватIалда ва жеги чанго адресалда. ГIемерисел гьел минаби ралел бакIал кколел руго цогидал минабазул рагьаби ва гьенир гIумру гьабурал гIадамазул рази гьечIолъи буго, жидер рагьда цойги гIемертIалаяб мина балеб букIиналдаса, тIубан рагьоги къан.

Гьеб кинабгIаги къануналда данде кколарин абулеб буго гIадамаз. Масала, Тимирязева къватIалда бугеб минаялъул рагьда мина баялда данде чанго нухалъ рази гьечIолъиялъул акцияби тIоритIанин, амма хIасил ккечIин абулеб буго гьенив гIумру гьабун вугев ГIалиев Рамазаница. Цо гIадамазул ихтиярги хвезабун, цогидал гIадамазе бакI бахъи ритIухъаб гьечIила.

МахIачхъалаялда нусидасаги цIикIкIун ругин басриял минабийин абулеб буго гIадамаз. Масала, ункъо соналдаса цIикIкIун заман балеб буго Пушкина къватIалда бугеб 30-абилел соназго бараб мина гIумру гьабизе хIинкъи бугеблъун рикIкIаралдаса. Амма программаяда рекъон жал нахъе рахъинариялда хьулго хутIулеб гьечIилан абулеб буго гьений гIумру гьабун йигей ХIажиева ПатIиматица.

ХIажиева ПатIимат: « Ниж нахъе рахъинари чанго нухалда нахъбахъана. Гьанже, иргадулаб нухалда нижеда абулеб буго 2017 соналда нахъе рахъинаризе ругилан. Гьанже нижехъе рачIунел руго инвесторал. Гьез абулеб буго, пачалихъалъ кьолелда тIаде цIикIкун кьелин квадратура хисун кьолел квартирабазда, амма ниж разилъулел гьечIо.

Гьез нижее хIадурарал квартираби кьолел руго яги Редукторный поселокалда бугеб минаялъуб, яги гьаниб цIияб бан бахъиндал, гьаниб жаниб. ГIадамал гьелда разилъизеги бегьула. Исана жаниб хинлъи гьечIогон киналгIаги квегIенлъаби гьечIогон тIамуна гIадамаз хасел. ГIадамал свакан руго гьадин гIумру гьабун, ралагьун чIун».

ХIажиевалъ рехсарал инвесторал кколел руго гIемертIалаяб минаби ралел гIуцIи. Гьез гIадамазухъа квартираби ричун росун, гьелъул бакIалда гIемертIалаяб минабазул комплекс базехъен бугила. МухIканго кинаб бакIал ралеб компания гьебали лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG