МагъчIваялъе рес

Басриял школалги, 50 миллиардги


Dagestan- school
Dagestan- school

2016 соналда Россиялда цIиял школал ва ясли ахал разе 50 млрд. гъурущ биччазе буго Россиялъул хIукуматалъ.

2016 соналда Россиялда цIиял школал ва ясли ахал разе 50 млрд. гъурущ биччазе буго Россиялъул хIукуматалъ. Гьедин лъазабуна премьер Дмитрий Медведевас. ЦIиял школал хIажатал регионазда гьоркьобе уна Дагъистанги. Жакъа гьенир руго риххун иналде ккарал, басриял школал.

Дагъистаналъе гьеб гIарцуда гьоркьоса чан гъурущ биччазе бугебали жеги лъалеб гьечIо. Амма республикаялъе цIакъ хIажат ругин цIиял школалги гьединго ясли-ахалгиян абуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялда.

ГьабсагIаталда Дагъистаналда ругин 1489 школа, амма цогидал регионазда дандеккун лъимал гьариялъул рахъалъ цебесеб кьерда бугеб бакI хIисабалда гьенир гIемер школал ругин жеги разе кколелилан абуна Лъай кьеялъул министерлъиялъул хIалтIухъаналъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Лъай кьеялъул министерлъиялъул хIалтIухъан: «Киналго цIалдохъаби цо ригьалъулал дарсал кьолеб къагIидаялде рачине ккани цохIо МахIачхъаялда базе ккола къогониги школа»

Дагъистаналда ругел 1489 школалда гьоркьоса 119 рагIула биххун ине къачIараб. «Эркенлъи» радиоялъ цебеги чанго нухалда бицун букIана гьединал школазул хIакъалъулъ. Мисалалъе ЦIунтIа мухъалъул ХIибиялъ абураб росулъ бугеб школа буго бокьараб заманалда биххун ине хIадураб куцалда.

Бокьараб лахIзаталда гьелда гъоркьеги ккун чи хвезе бегьулеблъиги хIисабалде босун араб соналъул ноябрь моцIалда прокуратураялъ тIалаб гьабулеб букIана гьеб школа къазе. Амма жакъаги гьеб школалда лъимал цIалулел руго.

Гьеб школа къани киналго школалги къазе кколин рикIкIунеб буго ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица, щайин абуни цогидал школалги гьединалго риххун ине къачIараб хIалалда ругин жидер мухъалда.

Гьединго ЦIумада мухъалъул ТIиси росулъги буго 1930-абилел соналдаго бан букIараб басрияб школа. Гьелъул бакIалда цIияб школа базе рагIи кьун букIун буго мухъалъул нухмалъиялъ, амма гьале микьабго сон бугин гьеб рагIи тIубазабуларелдасаян бицана школалъул директор МухIамадов Заурбегица.

Заурбег МухIамадов: «Гьеб школалда жакъа гьечIо киналниги шартIал. Дарсал кьолел рукъзал руго цIакъго гIисинал, компьтералъул классал гьенир гьечIо, «рагьарал» дарсал кьезе гьениб рес гьечIо».

ЦIумада мухъалда гьединалго квачIакъаб къагIидаялъ рагIула Гьаквари ва КIванада росулъ ругел школалги.

Цересел соназда дандеккунани, чанги цIияб школа банин республикаялда ахираб лъабго-ункъо соналда жанибилан рикIкIунеб буго Дагъистаналда биччалеб «Московский Комсомолец» газеталъул редактор ХIапизов Юсупица.

Амма лъиениги балъгояб жо гурин бокьараб социалияб объект базе биччараб гIарац чанго чиясул чвантинибе унеблъи. Гьединлъидал бикъичIого хутIани Россиялъул хIукуматалъ Дагъистаналъе биччазехъин бугеб гIарцудеги чанги цIияб школа базе бегьулин абулеб буго гьес.

XS
SM
MD
LG