МагъчIваялъе рес

Унтараб социализм ва гIалхулаб капитализм


Ахираб заманалда республикаялъул бетIерасулгун районазул бутIрузул дандчIваязда рагIулеб буго цо гIажаибаб тIалаб.

Цебехун нухмалъиялъ бутIрузда цебе лъолареб букIараб МугIрузул районазда нужеца хасал чагIи бетIергьанал школал, лъималазул ясли-ахал, медицинский пунктал ва участковиял больницаби рагьизе шартIал гIуцIе абураб.

Гьедин абулеб буго ГIабдулатIиповас муниципиалазда. Гьеб буго базаралъул экономикаялъул ва капитализмаялъул гIаламатаздаса. Гьеб буго жиндирго гIарац бугев хасав чияс жинцаго школа яги больницаги бан гIарцухъ гIадамазе лъай кьей ва унтарал сах гьари.

Пачалихъ щиб гьабизеха гьеб мехалда абураб суал бачIунеб буго. Пачалихъалъ чIезаризе ккола ращадал шартIал гьеб лъайкьей ва сахлъицIуни гIадамазе гьарулел даранчагIазе. Капитализмаялъул шартIазда гьев хасаб больница яги школа рагьарав чи тохтир яги педагог вукIине кколаро.

Гьев вукIине ккола лъикIав менеджер ва гIуцIарухъан. Гьес жиндир больницаялде ва школалде нухмалъи гьабизе, дарсал кьезе ва гIадамал сах гьаризе рачине ккола гьел хъулухъазул базаралдаса конкуренциялда бергьунел лъикIал мехщелчагIи. Гьеб буго капитализмаялъул шартI.

Нилъер гьаниб пачалихъ, лъай-кьей, сахлъицIуни ва нухмалъи буго жуба-гъубан. Цоялъуб - капитализм, цогидалъуб - социализм, хIасил цонигияб камилго хIалтIулареб. РачIаха хIисаб гьабизе щиб ахIвал-хIал лъугьун бугеб гьеб кIиго формация жубаялъул хIасилалда?

Ришват кьун институталдеги лъугьун, гьенир гIарцухъ экзаменалги росун, чIовогояв чи вачIунев вуго тIад пуланав махщелчи вугин хъвараб кагъатгун къватIиве.

Гьесда цебе масъала буго кIванагIан хехго директорлъун, бетIерав тохтирлъун яги министерлъун вахъизе. Щай гурелъул гьесул лъай гьечIо гIадатияв мугIалимлъун, яги тохтирлъун хIалтIизе.

Гьениб жо кколаро гьесул. Толевги вуго гьев бетIеравлъун, гьесда релълъарал тIад ругеца кьураб жоги босун жидер мазгьабалъул чи вихьун тола дораса мугьал къунцIизе. Гъоркь ругел гьесги тола жидеего "санагIалъаби" гьаризе. Гьел "санагIалъабазул" къурбаналлъунги лъугьуна нилъ. Гьаб жо буго бищунго сурараб форма социализмалъул. Пачалихъалъ "чIобого лъайкьей ва сахлъицIуни гьабулеб буго халкъалъе" абураб гьерсица.

Гьанже рачIина капитализмаялде. Рагьулеб буго цо пуланав базарганас лъикIал мехщелчагIиги рачун, къиматаб обородуваниеги лъун живго бетIергьанаб поликлиника.

Гьадаб диплом бичун босарал тохтирзаби ругеб "социализмалъул поликлиникаялда" я лъалеб гьечIо, я кIолеб гьечIо унтуе мухIканаб диагностика гьабизе, яги сах гьаризе. ГIадамал ине кколел руго "каписталистазухъе" азда лъалареб букIун. ГIадамазул батIияб рес гьечIолъиялдаса пайдаги босун доз бахъулеб буго кIванагIан цIикIкIун гIарац.

Азие конкуренция гьечIо, гьеб гьечIолъиялъ хIулулеб буго халкъги. Жеги гIаданиб социализм бугел нилъеца гьединаб поликлиникаялдеги ун абула, гьадал чагIазул хIалихьалъи бухьулищ, цIикIкIун гIарац босулеб бугин. Гьеб дозул хIалихьалъи гуро.

Гьеб буго капитализмаялъе рагьараб базарги, конкуренцияги, шартIалги чIезаризе кIолареб пачалихъалъулги хIалихьалъи. Капитализмаялда багьа дагь гьабула базаралъ ва конкуренциялъ, пачалихъалъ гуреб.

Рамазан ГIабдулатIиповас мугIрузул районал капитализм гьабизе тIамиялъе гIилла буго нужее лъайкьеялъе ва сахлъицIуниялъе кьураб гIарцуда рекъараб я лъай, я сахлъи магIарухъ гьечIин абураб. Гьеб хIалалда хIалтIун жо кколарин кьолеб сигнал. ХIисаб гьабеха, цо гьоркьохъеб магIарул районалъе лъайкьеялъе кьолеб буго лъагIалие 350-400 миллионгIан гIарац.

Гьебго районалъул цIалдохъабаца 80 проценталдаса тIаде кьезе кIвечIо ЕГЭялъул экзамен. Сундуеха харж гьабун бугеб 340-400 миллион гIарац? ГIадамал харжаздалъун хьезаризейищ?

Гьеб буго социалияб министерствоялъул масъала, лъай-кьейялъул гуреб. ХIасил калам киналго унтаби руго унтараб социализмаялъулги - ришват босичIого хъулухъ гьабизе кIолареб, гIалхулаб капитализмаялъулги - рес гьечIолъиялдаса пайда босун халкъ хIулулеб, хIасилалда рижарал.

Гьеб ахIвал-хIалалдаса рорчIизе нухал ралагьулел руго ГIабдулатIиповас. Гьелде ахIулел руго муниципиалалалги. Щолеб бугищ гьезухъе бетIерасул тIалаб абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG