МагъчIваялъе рес

«Гьезул цIиял минабаздаса нижерго басриялго цIикIкIун рокьила»


2016 соналда жаниб басриял риххун инел ругел минабахъа гIадамал гочинариялъул пачалихъиял программабазда рекъон дербенталдаса 281 хъизан цIиял рукъзабахъе рахъинаризе кколел руго.

«Гьезул цIиял минабаздаса нижерго басриялго цIикIкIун рокьила»
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:05 0:00
Интернет-мухъ

Амма гьеб программаялдаса разигурездаса гьелде дандечIаразул къадар цIикIкIун буго. Басрияллъунги рикIкIун риххизаризехъин ругел гьел гIемерисел рукъзал Дербент бакьулъ руго.

Цо-цоязе гьениса нахъе рахъун шагьаралъул рагIалда гIумру гьабизе бокьун гьечIо. Цойгидазе гьеб басрияб минаги биххизабун гьенибго балеб бугеб гIемертIалаялъул рукъзал кьелин къотIи гьабун бугониги, цIакъго гьитIинаб рукъ кколеб бугин жидеейилан абун разигьечIолъи буго.

Дербент. Кобяковасул къотIноб бугеб цо мина
Дербент. Кобяковасул къотIноб бугеб цо мина

Гьедин кIиабилеб сон буго Дербенталъул Интернационалъул къотIноб бугеб гьединго биххун ине бугеблъун рикIкIараб лъабабилеб минаялъур гIумру гьабун ругездаги шагьаралъул администрациялда гьоркьобги диван унеб бугелдаса. Тахо-Годил къотIноб бугеб 20 минаялъур гIумру гьабун рукIаралги руго гьебго диваналда.

Гьезулго кьерулъе лъугьине хIадурлъулел руго Кобякова къотIноб 24 минаялъур гIумру гьабун ругезги. Гьал къоязда гьеб минаялъур гIумру гьабун ругел 9 хъизаналъул вакилзабаз улкаялъул президент Владимир Путиниде кагъат хъван буго кинабго жидерго къварилъиги рехсон.

Гьеб минаялъув гIумру гьабун вугев Бабаев ХIусеница «Эркенлъи» радиоялъ бицана жидеца нахъе рахъине инкар гьабураб мехалда шагьаралъул администрациялъул вакилзабаз жидеда кIалал гьикъизе, хIинкъаби кьезе лугьанилан.

Бабаев ХIусен: «Нахъе рахъинарилан нижеца абидал газ свинабилила, ток гьечIого телила, щибила лъалеб расги лъачIого цIа ккезеги бегьулила нужер минаялъубилан абун хIинкъаби кьолел руго нижее шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабаз. Бокьараб гьабизеги бегьула гьез, щибниги божилъи гьечIо дир гьезда.

Ниж цIиял минабахъе рахъинарулел ругин абураб мехалдаго ниж кирениги рахъине гьечIин лъазабун букIана гьаб минаялъуб гIумру гьабун ругенщиназ. Цебего бараб мина букIаниги, гьалъие лъугьараб жо гьечIо. Метралъ риццатал къадалги руго, кьватIелгицин реххун гьечIо гьездеги. Шагьарбакьулъ бугеб лъикIаб бакIги буго нижер гьаб. Азбаралда къайи-цIа буссинабизе бакIалги руго нижер.

Гьел цIиял минабахъ нижер рукIараздаса гьитIинал рукъзалги кьолел руго нижее. Масала, дир буго кIиго кIудияб рукъги, гьезда цебе рагъиги гьелъухъ дие цо рукъалъул секция гурони кьолеб гьечIо. Гьединго цойгидазегиха, нижер букIаралда бащадаб щай нижее цIияб рукъ кьезе кколареб.

Щай гьеб гьедин гурони кьоларебали бичIчIизабулев чиги вахъунев гьечIо, гIинги тIамуларо лъицаниги. ЧанцIул аниги шагьаралъул администрациялъул бакIал раялъул ва рукIа-рахъиналъул магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулев СалихIов СалихIги кодой щвезе чIолев гьечIо».

ХIусенил гьединго разигьечIолъи буго гьел гочинарулел ругел цIиял минаби ран ругеб куцалдаса ва гьенир ругел рукъзабазул проектаздасаги. ТIаса рихьизаризе, хъата-масан гьарурал гIадал бакIал ругила гьел, жанив гIумру гьабулев чиясе щибниги санагIалъи бугел бакIал гьечIин гьелилан лъазабулеб буго гьес.

Бабаев ХIусен: «АнцIго сантиметр гурони биццалъи гьечIел къадал руго гьел нижее ралел рукъзазул. Гьезул кьучIчIалги рукIине кколедухъ щула гьарун гьечIо. Дун чанцIулго гьенивеги ун гьеб мина балел гIадамазда гаргадилев вукIана гьеб хIалтIи гьедин тIаса-масаго гьабугейин, цо къоялъе ралел жал гурелъулин гьел минаби рукIунелилан. Гьевгун вагъи гурони гьелъулги щибго хIасил ккечIо. Гьел нижер рукъзабазул проектал рихьарав чи гIодов ккелаха.

Пикру гьабеха анкьго метр халалъиги кIиго метргун бащадаб гIеблъиги бугеб рукъ. Гьеб чIолоялда жанир кин гIадамаз гIумру гьабулеб, гьеб проект бахъулеб ва тадсикъ гьабулеб мехалда кире ралагьун рукIунел гьелъул жаваб кьезе тарал чагIи.

КьучIал хIадурулеб мехалда гьеб къвакIизе ккани анкьгIаги къваригIуна, гьелдаса хадуб гурони къадал разе бегьуларо, гьез лъабабилеб къоялде байбихьана къадал разе. Гьел рукъзал нагагь ракьбагъарани тIанхал гIадин тIатIала ккезе руго».

Дербенталъул мэриялъул пресс-хъулухъалъ кьурал шагьаралъул бакIалраялъул ва рукIа-рахъиналъул хъулухъазул бутIаялъул нухмалъулев СалихIов СалихIил телефоналде чанцIул «Эркенлъи» радиоялъ ахIаниги гьесухъан жаваб щвечIо.

Щай гьел жидерго рукъзабахъа гочинарулел гIадамал разияб хIалалъ гьеб иш гьабулареб ва гьедин гIедегIун щай гьел цIиял рукъзал ралел ругелин абураб суалги жаваб гьечIого хутIана.

Гьелъие жаваблъун букIине бегьула гьеб басриял минабахъа гIадамал гочинарилъул программа цIарал болжазда жаниб гIумруялде бахъинабичIони бакIалъул администрациялдаги республикаялдаги тIад пачалихъалъ гIакIа къотIулеб букIин.

Щибаб гочинабизе кколеб хъизан рикIкIун къойие щуазарго гъурущ кьезе кколеб буго гьез. Дербенталда гьединал 281 хъизаналъухъ щибаб къойил 1.405.000 гъурущ гIакIа кьезе ккезе бегьула гьез. Гьелда тIадеги пачалихъалъ биччараб гьеб программа гIумруялде бахъинабизе хIажалъулеб гIарцул 60 процентги нахъе унеб буго.

XS
SM
MD
LG