МагъчIваялъе рес

«БукIана гьединаб шагьар. Дербент»


«БукIана гьединаб шагьар» абураб проекталъул автор, журналист Светлана Анохиналъ бахъун буго цIияб тIехь «БукIана гьединаб шагьар. Дербент» абураб цIаралда гъоркь.

Гьеб кколеб буго кIиабилеб тIехь, «БукIана гьединаб шагьар. МахIачхъала» абураб тIехьалдаса хадусеб, «БукIана гьединаб шагьар» проекталда жаниб къватIибе бахъулеб бугеб.

Бищун некIсияб шагьаралъул тарих, араб гIасрулъул нугIзазул биценаздасан, ракIалдещвеяздасан, суратаздасан гIуцIулеб буго 100-200 соналлъул шагьаралъул гIумру бихьизабулеб цIубараб сурат. Дербент шагьаралда гIурал, херлъарал, гьенир гIумру арал чагIазул гIагараб шагьаралъул щибаб къватI ва щибаб гъветI кинаб букIарабали ракIалда бугеб, цIалдолезул рекIелъе хинал ракIалдещвеял ккезарулел руго гьелъ.

БачIиндаго, 2007 соналда, цин «Настоящее время» хадуб «Новое дело» газеталда «БукIана гьединаб шагьар» абураб проект рагьун, МахIачхъалаялда гIумру арал гIадамазул ракIалдещвеял, биценал рахъулаго, гьеб тIехьалде сверилин ккун букIинчIин абулеб буго журналисталъ. ГIадамаз гезетазда рахъарал гьел публикациял нахъе къунцIун, ракIарун данде гьарулел рукIин лъайдал, гьел тIехьалде ракIаризе пикру кканин бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист ва шагьаразул тарихчIужу Светлана Анохиналъ.

Светлана Анохина: «Дир киналгIаги хиялал рукIинчIо тIахьал рахъиялде сверилин гьеб ишилан. ГIемерал харбал, хъвай-хъвагIаял данделъидал, гIадамаз гьел текстал ракIарулел рукIин лъайдал, бичIчIана тIехь бахъичIогон иш тIубалареблъи. БачIиндаго, тIахьал рахъиялъул иш лъаларогон, гьеб цIакъ захIматго букIана, МахIачхъала шагьаралъул музеялъул нухмалъулей Зарема Дадаевагун ва Полина Санаевагун бахъана гьеб тIехь, цIакъго халатбахъана гьеб къватIибе бачIин».

«БукIана гьединаб шагьар. МахIачхъала» абураб тIехь бичулеб кибго хутIун гьечIо, гIадамазе цIакъго рекIее гIуна гьеб. Амма гьеб проект лъугIун гьечIин тIехь бахъиялдалъун, гьабсагIаталдаги жеги гIадамал кIалъан рачIунин, хъвалел ругин биценал, проект халатбахъунеб бугин бицана журналисталъ.

КIиябгоги тIохьода рехсарал чагIи кколел руго гIадатиял гIадамал, авторалъ жиндирго тIохьода цIакъ жигарго хIалтIизарулел руго демократиялъул аслаби, ай кIвар кьолеб гьечIо гIадамазул социялияб хIалалде ва борчазде. Дербенталда гIадамазда гьединаб тIехь хъвазе бокьун бугин абун бицен гьабидал, гьез квер хьвагIун абулеб букIанила, гьеб захIматаб иш бугин, Дербент гIадинаб шагьаралъул гIадамазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвазе.

Свелана Анохина: «МахIачхъалаялда бигьаго букIана гIадамал ратизе. Дербенталда ниж, Анна ХIажиевагун цадахъ унан, данде ккарал гIадамазда гьикъулеб букIана ругищ гьел Дербенталдасаяли. Гьединго хIаракат бахъана шагьаралъул тарих, аслияб куцалда Дербеналда рукIа-рахъин гьабун ругел миллаталъул гIадамазул гуребги, гьенир къанагIат ругел, даргиял, магIарулал ва цогидал миллатазул гIадамаздасан цIехезе. Рокъоре ун, басриял суратал, альбомал, батараб жо бакIаризе хIаракат бахъана нижеца».

БачIиндаго гIадамазда бичIчIулеб букIинчIила, тIех хъвазе жидер гIумрудулъ щиб букIине рес бугеб кIвар бугеб жояли, гьез цо кидаялиго хIакимлъуда рукIарал, цIар рагIарал ва цогидал гIадамазухъе ритIулел рукIанила жал. Абизе ккола, Дагъистаналда тIибитIараб жо ккола гIадамазул хIакъалъулъ гьезул гIарцухъ тIахьал рахъиялъул иш, амма гьеб цIакъго сурараб жо кколила. Шагьаралъул тарих, гIадатиял гIадамазул ракIалдещвеяздаса гIуцIараб букIиналъ гьелъул киназего гIаммаб, хасаб хинаб асар букIунин бицана шагьаразул тарихчIужуялъ.

Светлана Анохина: «Дирго проекталдалъун дие бокьун буго цIияб бичIчIи кьезе шагьаралъул - хъизамалъул гIадинаб. Шагьар ккола цо хъизан. Шагьаралда гIумру тIамарал чагIи ккола цо хъизаналъул чагIи, гIагарлъи гIадин, цоял цересел, цоял нахъисел дагьал. Цо дуда вихьулев чиясул кIудада дур кIудадал гьалмагъ вукIараблъи лъала. Гьелъ цо батIияб асар гьабула рекIее. Гьединлъидал, профессор вукIа, хIаким вукIа, гьеб кинабго нахъе хъвагIан буго, щай гурелъул цIаразда нахъа бахчун хутIулеб буго хIакъикъияб кIвар бугеб жо. Ниж ритIулел рукIана цин депутатазухъе, цин мустахIикъал мугIалимзабазухъе, амма нижее гьел гурел, гIадатиял гIадамал, чайханаялъул хважаин вукIа, гIодобакIал рацIуней чIужу йикIа, батIалъи гьечIо. Гьел цо цIар рагIарал чагIи данде росун рахъулел гIемер бутIабазул тIахьал ккола гьересиял хазинаби цере цулеб жо, гьеб гуро кIвар бугеб кколеб».

«БукIана гьединаб шагьар. Дербент» абураб тIехь бугила гьенир гIурал, гьеб лъалел гIадамазе гIагараблъун лъугьунеб тIехь.

«БукIана гьединаб шагьар» абураб проект халатбахъине бугищин цIехедал, Анохиналъ баян гьабуна, гьел тIахьал рахъи гурила асрияб мурад проекталъул, гьелъул мураб бугила гIадамал жалго ургъизе, хъвазе тIами. Цогидал журналистазул гьелде кIвар буссинаби. Щай гурелъул кидаго криминалалъулги, лъугьа-бахъиназулги цIалун бажаруларила, цIалдохъанасе бокьулила рекIее хинаб асар гьабулеб, рухIияб рахъ, тарих жаниб бугеб жо. Гьел лъугьа-бахъиназул ва цогидалъул цIалун хадуб кIочон толеб батани, гьеб проекталда гъорлъ рахъулел жал газетаздаса къотIун, нахъе цIунулел ругила цIалдолез, гьелъ бихьулила щиб гьезие кIвар бугеб бугебали.

Проекталъул хадусеб тIехь букIине бугищан цIехедал, Свелана Анохиналъ баян гьабуна цойги шагьаралъул тарих, гIадамазул рукIа-рахъиналъул бицараб тIехь бахъизе ракIалда бугила, гьелъие квебакъи гьабулел гIадамал кканани. Цо чиясул къуваталдалъун ва хIалтIадалъун гьеб бажаруларила. Гьединал ресал кканани проекталда гъорлъе бачараб шагьарлъун ккезе бугила Буйнакск ва «БукIана гьединаб шагьар. Темирхан-Шура» абураб тIехь бижизеги бегьулила.

XS
SM
MD
LG