МагъчIваялъе рес

ЛъагIалида жаниб 8 бегавуласда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун буго


Гьал къоязда 50 азарго гъурущ ришват тIалаб гьабиялда щаклъи букIун Къасумкент росдал бетIер ккун вуго къуваталъул идарбаз. 2015 соналда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ коррупциялда гъорлъ рукIиналда щаклъи бугев микьго росдал бетIерасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун букIун буго. Гьезул цохIонигиязе жеги диваналъ хIукмуги къотIун гьечIо.

Росулъ заманалъулаб базар, ай ярмарка гьабизе теялъухъ 50 азарго гъурущ босарав Къасумкенталъул бегавул Бейдулаев Мурад ккун вукIана, дагьав цевегIан, къанун цIунулез.

Цебе-цебеги гьес батIи-батIиял багьанаби ратун росулъа гIадамазухъа ришват тIалаб гьабиялъул хIужаби рукIанин, амма гьаб нухалда гурони гьев тIадкквезе щвечIин лъазабулеб буго цIех-рехалъул идараялъ.

Лъабго къоялъ жанивги тIамун цIех-рех лъугIизегIан рокъов туснахъ гьавун тезе хIукму къотIун буго гьесие диваналъ. Бейдулаевасде гIунтIизабулеб бугеб гIайиб тIадчIезабуни россиялъул къануналда рекъон 10 соналде щвезегIан туснахъ гьавизе бегьула гьев.

Гьединго ришват тIалаб гьабиялъухъ исана гьебго Сулейман-Стал мухъалъул Карчагский росдал бетIер Сефибегов Асланбегги ккун вукIана цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз. Росулъ мина базе бакI кьейилан абун гьебго Карчагскиялдаса чи вачIараб мехалда Сефибеговас гьеб ракь кьуралъухъ 60 азарго гъурущ тIалаб гьабун буго.

Гьедин жиндихъа ришват тIалаб гьабулеб бугин абун гьев чияс гIарза хъван хадуб ккун вукIана гьев Карчагский росдал бетIер, гIемер заман балалдего гьебго рокъов туснахъ гьавизе хIукмуги къотIун къватIиве виччанин гьев, амма гьеб иш жеги ахиралде бахъун гьечIин, цIех-рех гьаб сагIатги унеб бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзабаз.

Гьезул баяназда рекъон цохIо исана гьезул идараялъ Дагъистаналда ришват тIалаб гьабиялда ва коррупциялда гъорлъ рукIиналда щаклъи бугев микьго росдал бегавуласда тIад такъсиргьабиялъул ишал рагьун руго.

ГIемерисеб нухалда цохIо гьеб коррупциялда гъорлъ рукIин гурони, росдал бюджеталъул гIарац бикъи, хIилла-рекIкI ва гьереси документал гьариялда хурхунги такъсиргьабиялъул ишал рагьун руго гьел бегавулзабазда. Гьел ишазул гIемерисезда хурхун цIех-рех лъугIун гьел диваналде кьун ругин, амма гьезул цонигиязе жеги диваналъ хIукму къотIун гьечIин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз.

Гьединго ахириял саназда хIилла-рекIкI гьабиялъухъ , бюджеталдаса гIарац бикъиялъухъ, хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъухъ Дагъистаналъул I0 гIан мухъалъул ва шагьаразул бутIрузда тIадги такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана. Гьел киназдаго гьоркьоб диваналъ хIукмуги къотIун Табасаран мухъалъул вукIарав бетIер ШихмухIамадов НурмухIамадил иш гурони рагIалде бахъинчIо.

2013 соналда Азербайджаналъул гIорхъода ккун вукIана гьев хасал идарабазул хIалтIухъабаз. Гьединго чанго гIайибги гIунтIизабун ккун вукIун, цIех-рех лъугIизегIан къватIиве виччан вукIарав Дербент мухъалъул экс-бетIер Къурбанов Къурбан Азербайджаналде тIурун ун вукIиналъ халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вуго.

Ахираб заманалда гьединго коррупциялъухъ ва бюджеталъул гIемер гIарац бикъиялъухъ ккурал хIакимзабазда гьоркьоб бищунго гIемер ахIи-хIур Дагъистаналъул вице-премьерлъун вукIарав МухIамадхIусен Насрудиновасул ишалада сверун букIанилан абизе бегьула.

Насрудиновас 2002 соналъ хIилла рекIкIги гьабун гьабун муниципалияб газалъул система бичиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьелде т1аде ришват босулеб бук1анин абураб г1айбиги г1унт1изабулеб буго гьесде.

​Живго Насрутдиновасги цебехун чанцIулго лъазабуна жинца Дагъистаналда газ бикъиялда данде рагъ балеб букIанин, гьеб данде кколарез ургъунго жинда данде багъаразибунин гьеб ишилан. Гьесул яц Насрудинова Мадинаца МухIамадхIусение ритIухъаб диван гьабейин, гьесул ихтиярал цIунейилан гьарун Инсанасул Ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналде гIарза хъвазе хIадурулей йигин жийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе.

Гьелъ бицухъе кIиго сонгIан мехалъ халат бахъунеб бугеб гьеб иш жидеего бокьухъин сверизабун бачунеб буго диваналъ ва прокуратураялъ.

Мадина Насрудинова: «Федералияб тIалъиялъул тIадецуялда гъокь унеб буго гьаб сагIатги гьеб иш. Диванчиги тIубан гIайибгIунтIизабулезул рахъалда вуго, гьесухъги щибго гьабун бажарулеб гьечIо. Кире ниж ва нижер адвокатал хъвадараниги гьеб диваналда бугеб ахIвал-хIал хисизабизе кIолеб гьечIо.

Нижер рахъалъ ахIарал нугIзалги, эксперталги цохIонигиял риччалел гьечIо гьез диваналде. ГьанжелъагIан гIунтIизарун рукIарал гIайибазде тIаде гьанже ришватчи вукIанин гьевин абун гIайибги буго гIунтIизабулеб.

Гьабизе кколеб батани гьабеха гьесие диван, амма ритIухъго гьабеха. ГьечIеб гIайибги тIадкъан, лъил-лъилниги заказалда рекъон гьабугеха гьеб иш. Нижеца батIаго кутакаб жо тIалаб гьабулеб гьечIо, нижее къваригIун буго ритIухъаб диван ва цIех-рех.

Цого рахъалде цIан гьабулеб бугеб гьеб диваналдаса разиял гьечIо ниж, гьез некIого къотIи-къай гьабун батила гьесул ишалда хурхун кинаб хIукму къотIилебалиги».

XS
SM
MD
LG