МагъчIваялъе рес

Синдикъовасул ва ришватчагIазул хIакъалъулъ


Щибаб къоялъ бакъанида МахIачхъалаялъул ралъдал рагIалда бугеб бульваралде тиризе гIемераб гIалам бахъула къватIиб. БатIи-батIиял чагIи рукIуна гьенир. Цо бокIнилъа раккула пенсионерал, цадахъ букIуна СССРалъул заманалъул сумка, мухIканго гьебги лавочкаялда гъоркь лъун, гьениса бахъун бачIуна гьитIинабго къандалъо, гъоркь лъезе, цIороберал ва казиятал.

ГIемер дандчIвала гьенир хъулухъалдаса арал чиновникалги цадахъ лъудбигун тиризе рачIун. Щивав данде вачIунев чиясда бер речIчIизабула гьез, квер босичIого унеб гIаламалда хадурги ралагьула цо-цо ва доб цебесеб ссиги къадруги батуларого тату хварал гIадин рихьула тIаде балагьун.

Сон бакъанида Родопалъул бульвар чIван вачIунаго дандчIвана машгьурав кочIохъан Синдикъов. Тирулев вугоан гьенив, гьесул цо рекIелъ босулеб гьими букIуна гьурмада. Гьаб нухалдаги букIана гьеб.

- Тиризе вачIун вуго, гьаниб дица кIиго круг гьабулаан, жакъа лъабго гьабизе бокьун буго - ян абуна Синдикъовас жинца абулеб жоялде кинаб реакция букIунищали валагьарас гIадин.

Гьебго гьабулел нижги ругин цадахъ вачана. Синдикъовасул вуцIцIунчIеялъ бицунеб букIана гьесие цо жо гьикъизе бокьун бугеблъи. Гьедин кIалъалеб къагIида буго гьесул. ЛъикI рагIабиги рищун байбихьана.

- Цо суал буго дир... нужее гуроха, вообще власталъе, гъол дибирзабазе и так далее... - ян абуна Синдикъовас пикраххарав гIадинги лъугьун. РукIуна гьел сулалал гьесул, хасго дибирзабазе. Жинцагун дибирзабаца гьабулеб жо цохIого буго, гъоз вагIзаялъулъ дица кочIолъ абула гIадамазда "бикъуге, чIваге, цIогьодуге" - ян.

Гъоз битIахъе абула, малълъарула, дица гъоб сурун бихьизабула кочIолъ, масала, буго цо хIаким кIодо гьавулел чагIазде хъвараб Расулил кечI:

"КIудияв щив? Цебехун, кIудияв абулаан.

ГIемераб цIураб моцIги цIвабиги рихьарав чи.

Гьанже цо-цо чагIаца кIудиявин абула,

КIудияб хъулухъ щварав, щив вахьна вугониги..." - ян.

Гьал рагIаби гъос абун рукIана цо "Миллат" газеталъулгун букIараб гара-чIвариялда. Гьаниб бульваралда гуро, тIад руссинин гъосул суалалде.

- Щай гъоб власталъги, дибирзабацаги цадахъ рекъон чIахIиял баннерал чIваларел бихьулеб бакIалда, гьаб сагIаталда гъол цо светодиодный лампаби абурал жал руго... - ян пикраби ракIарулев вукIана ав.

- Щиб гьабизе баннерал чIвазе кколел, гьез гурищ цIун бугеб Дагъистан, гьечIогойищ ругел гьел?

- Масала, бищунго рихьулел бакIазда чIвазе бегьула "Взяточник - чёрт!!!" абун. Дида лъала молодежалъе гIассиго квешаб рагIи буго гьеб. Масала, эменгун вас унел руго джипалдаги рекIун, светофралда гъоркь машина чIарабго кIиясдаго бихьизе буго "взяточник - чёрт!!!" абун хъван.

Гьел нечезе руго цоцадаса, гьезда лъалелъул кин жидеца машина босараб, мина бараб. Рес буго живго чёртлъун вукIунгутIизе васас инсуца кьуралдаса инкар гьабизе, гьечIиии - ян цо лъимадул гIадаб божилъигун валагьана Синдикъов.

Вай, дир гьудул Синдикъов, дуда рагIун батилаха ришват квешаб жо бугин кIалъалев цониги хIаким, дур лъимадул гIадаб бацIцIадаб, хIилла-рекIкI лъалареб ракIалда ккун буго гьеб абулелги гIенеккаралги гIадамал ришваталда дандеги рахъун гьеб кин лъугIизабилеб лъаларого ругилан.

Гьеб буго гьезул бидулъ анцI-анцI сонал рараб инфекция, гьезул гIумруялъул магIна ва норма. "Ришват босуге" - ян абулеб калима буго гьез нилъ гъаримазе бицунеб хабар. Гьезул гьаруралдаса хвезегIан гьабулеб, инсуца васасухъе, вацас вацасухъе, тухум-кьибилалъго наслабахъе кьолеб "гIелму" буго гьеб ришват.

Гьеб босуларев чи вуго гьезие гIабдал, кьоларев вуго къарум. Гьеб цо хасаб батIияб дуниял буго нилъер пикру-хIисаб хадуб гъолареб. Гьезие гIалам буго кIиго батIияб - ришват босизе щваралги, щвечIелги, босичIел гурелха, босизе щвечIел.

Гьезие гьеб буго ччугIие лъимгIан, хIанчIие зобгIан, бацIие гьангIан гьечIого гIолареб тIалаб. Дуда раг1ич1ищ поэтас гьезул рахъалъ абураб? "Роржунел хIанчIазде ццидакь руго гьал, цо кепкил жидее пайда гьеч1илан...". Сундул бицунев вугев мун? Дуца къеда чIвараб баннералъ нечолеб куц чан батилеб гьеб чанкIкIараб ва хъантIараб агьлуялда гъорлъ?

Амма кигIан къеркьеялъул хIасил ккечIониги мун вуго рагIул, яхIалъул ва гьунарлъул нухда ритIухъго хIалтIулев, дуца гьабулеб жо буго гъазават. КочIолъ хIалихьатида хIалихьат, бахIарчиясда бахIарчиян абиялъулги буго кири ва даража. Гьеб нухдаса таризе хъванги батугеги дуе.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG