МагъчIваялъе рес

Дербенталъул мэриялъул юрист ришват босулелъул тIадккун вуго


200 азарго гъурущ ришват босиялъухъ Дербенталъул мэриялъул юридикияб бутIаялъул бетIер ккун вуго хасал идарабаз.

Ришват босиялъухъ ккурав Дербенталъул администрациялъул юридикияб бутIаялъул нухмалъулев Андрей Константинов кида виччалевали жеги лъалеб гьечIо. ХIакимчияс ракьалъул бетIергьанчилъи чIезабулел документал хIадураралъухъ босулеб букIун буго 200 азарго гъурущ. Гьединго гьал къоязда Дербенталъул лъай кьеялъул идараялдаги экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб жанисел ишазул идараялъул хIалтIухъабаз хал-шал гьабулеб буго, гьениса документал рахъун ун руго.

24 декабралда къуваталъул идарабаз ришват босиялъухъ ккурав Дербенталъул администрациялъул юридикияб бутIаялъул нухмалъулев Андрей Константиновасде жеги гIайиб гIунтIизабун гьечIин, 25 декабралдаги гьев жеги кковухъего вугин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе. Гьес ракьалъул бетIергьанлъи чIезарулел документал гьаруралъухъ босулеб букIун буго гьеб 200 азарго гъурущ. КидаллъагIан гьев ккун тезе вугев ва кида гьесде гIайиб гIунтIизабизе бугебали лъалеб гьечIо, щай гурелъул Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго гьеб иш Москваялдаса рачIарал хасал идарабазул хIалтIухъабаз гьабураб хIалтIи бугила, гьединлъидал жидеца кинал рукIаниги баянал кьун бажаруларилан.

Гьев Константинов ккун вугин абураб иформация баккун хадуб гьеб гьересияблъун гьабизе лъугьун рукIана цо-цо дербенталъулал. Амма 25 декабралда Дербенталъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Ирина Шихшаевалъ «Эркенлъи» радиоялъе тадсикъ гьабуна гьев Константинов унголъунги хасал хъулухъазул вакилзабаз ккун вукIин.

Ирина Шихшаева : «Нижехъе гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун кинаб букIаниги информация кьолеб гьечIо жеги. Амма гьев жеги кковухъе вукIин лъала дида, рузман къоялъул радал жеги гьев виччаялъул хабарги букIинчIо. ХIалтIулеб рукъги гьесул соналдаса нахъе кIалтIа хасаб кагъатги чIван низам цIунулез рахан буго. Гьенир сон хал-шал гьабулеб букIанин гьезилан абулеб букIана администрациялъул хIалтIухъабаз, дидани гьел рихьичIо. Кив гьев ккуравалиги мухIканго лъалеб гьечIо. Цояз абулеб буго гьев хIалтIулеб бакIалда ккунилан, цойгидаз абуна гьев рестораналда ришват босулеб мехалда тIад ккун вугилан. Жеги бичIчIулареб хIал буго гьеб ишалда сверун. Гьединлъидал нижехъеги жеги официалияб информацияго бачIинчIеб. Гьев хIалтIизе восунги гIемер мехго бан букIинчIо. Юридикияб бутIаялъул бетIерлъун щуго моцIица цеве тун вукIана гьев».

Гьединго «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Константинов кколев вуго заманалъ Дербенталъу мэрасул ишал тIуралев вукIарав Азади РахIимовасул гьудул. Гьес Волгоградалдаса вачун вукIун вуго гьев Дербенталъул мэриялде хIалтIизеги, амма гьев шагьаралъул бетIерлъиялдаса нахъе аниги гьев Константинов хъулухъалдаго хутIун вуго. Гьединго «Эркенлъи» радиоялъе дербенталдаса шагьаралъул нухмалъиялде гIагарал гIадамаз бицана Константинов кквелалда цеве жиндирго хIалтIулеб рокъов Дербенталдаса хIакимчигун вагъун вугилан. Гьес хIакимчиясухъа жинцаго гьабураб хIалтIухъ гIарац тIалаб гьабулеб букIун бугилан. Константиновасда ццин бахъарав гьев нухмалъулес гIарзаги хъван тIамун ругила хасал идарабазул хIалтIухъаби гьев кквезейилан.

Гьединго гьал ахирал къоязда Дербенталъул лъай кьеялъул идараялдаги Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб бутIаялъул хIалтIухъабаз хал-шал гьабулеб бугилан ва цо-цо хIалтIухъабазда сверун цIех-рех гьабулеб бугин абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб лъайкьеялъул системаялда хIалтIулев чияс. Гьесул рагIабазда рекъон лъайкьеялъул идараялъул экономикаялъул бутIаялъе хутIизегIан цойгидазе лъабго моцIица харж щун гьечIо.

Гьезда лъан буго мэриялъул финансазул бутIаялъе ришватги кьун гьеб лъайкьеялъул идараялъул экономикаялъул бутIаялъул нухмалъулелъ жидеего харж кьезабун букIин. Гьеб кинабго лъарал лъайкьеялъул идараялъул цо чанго хIалтIухъанас прокуратураялде гIарза хъван букIун буго. Гьезда ццин бахъун лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулей Эюбова Севилица лъазабун буго гьеб гIарза хъванщинав чи жиндица нахъе реххизе вугин абун. Гьел нахъе реххизе рукIине багьана щвезелъун гьелъ ахIун бугила гьеб экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб низам цIунулезул къокъаги. Гьез цохIо гьеб гIарза хъваразул гурони тIокIав цониги хIалтIухъанасул хал гьабулеб гьечIилан бицана гьев чияс «Эркенлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG