МагъчIваялъе рес

Мессенджералищ къалел, террористалищ ралагьилел?


Украиналъул суратчи Олекси Кустовскияс бахъараб карикатура
Украиналъул суратчи Олекси Кустовскияс бахъараб карикатура

Россиялъулал ИГИЛалда гъорлъе аслияб куцалда Telegram абураб мессенджералдасан цIалел ругин лъазабуна гьанжегIагар Пачалихъияб Думаялъул комитеталъул вакил Александр Агеевас.

Гьенисан тIибитIизабулеб информациялда хадуб халкквезе захIмалъулеб бугила. Гьединлъидал гьеб къазе ихтияр кьеян гьес хитIаб гьабуна Россиялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул нухмалъулесде.

13 ноябралда Парижалда терактал гьарилалде цереги террористаз пайда босанила Telegram-лдасан.

Амма Россиялъул бухьеналъул министр Николай Никифоровас гьеб пикру хIасил кьолареблъун рикIкIунеб буго. Щайин абуни Telegram абураб мессенджер къани, террористаз балагьизе бугила цойги батIияб нух. Гьеб мехалда щибдила гьабилеб?

Гьединлъидал гьелъул магIна бугила ИГИЛалъулазда гьоркьор машгьурал «Тойота» машинаби Россиялда рачине гьукъи гIадаб жо.

Мессенджер къачIого, террористал ругеб бакI тIатинабизе ккола, Никифоровасул рагIабазда рекъон. Мессенджер къай ккола, тIолабго интернетго къай гIадаб жо. Интернет къазейин абуни гьукъун буго Россиялда.

Бицен гьабулеб Telegram абураб мессенджер ургъарав Павел Дуровасги тIаде жубалеб буго гьадин: «РагIабиги гьукъизе ккола. Руго баянал гьезул кумекалдалъун бухьен гьабулеб бугин террористазилан абурал».

Гьеб рахъалъ Дагъистаналда кинаб мессенджер машгьураб бугебали жеги чIванкъотIун бицунеб бакI гьечIо, амма цо-цо экспертаз абула ютюбалдасан гьарулел вагIзабазул асаралда гъоркье кколин гьелилан.

Динияб цIали гьабизейин лъагIалица цеве Туркиялде арав Дагъистаналдаса МухIамад кIиго анкьидасан хабар бачIун буго Сириялда вагъулев рагIулилан. Туркиялде гьев ун вуго Москваялдасан. Гьенив вуго гьесул кIиго вац. Живго МухIамадил эбел-эменги лъадигун кIиябго лъимерги Дагъистаналъул Дербент мухъалда руго.

Жиндир вас Туркиялдасан Сириялде вагъизе кин ине кколев вукIаравали бичIчIуларого вуго гьесул эмен СагIид. Киданиги рагъул бицунев чи вукIинчIила гьев. Доре унел какулевги вукIунаанила. Живгойин абуни гIицIго динияб цIалуда тIад чIун вукIунаанила.

МацI бицун, вусса-сверизавун ИГИЛалда гъорлъе цIазе бегьулин I7-I8 сон барав гIолилав. Амма 30 сон барав, кIиго лъимерги бугев чиясул гIакълу кин сверулебин гьикъулеб буго эмен СагIидица.

ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна Сириялде рагъизе арал гIадамаз гIумру гьабулеб букIараб Берикей, Губден, Сасикь ва цогидал росабазул гIадамазулгун. Гьезул гIемерисез абуна динги гьабун, берцинан Дагъистаналда рукIарал чагIи, цо заманалда Москваялде анила магIишат гьабизе. Цинги дораса анила гьел Сириялде рагъизе.

Гьанив цевехун бицен гьабулев МухIамадги Москваялда вукIана дове иналде. Амма гьесул эмен СагIидица абуна жинда лъаларила лъица щал кисан ритIулелани, жиндир васин абуни Туркиялде ун вукIанила.

СагIид: «Дида лъаларо хас гьабун Москваялда дир вас лъицаниги вусса-сверизавулев вукIаравищали, амма гьедин бигьаго вусса-сверулев васги гуро гьев. Туркиялде цIализейинлъидалха гьев ун вукIарав. Дида лъаларо, батIи-батIиял харбалги рагIулел ругоха – гьекъолеб чаялда гъорлъе дараби журалел ругин, бетIер гIатIххенабулеб бугилан. Гьединаб жойищ гьесие гьабурабали…

Амма гьитIинаб мехалдасанго Къуръанги цIалуларав вас вукIана дир. Динги гьесда дир эбелалъ малъулаан. Амма гьелъ террористлъун вахъайин малъичIоха гьесда. Террористлъун вахъине бокьун букIарабани, Москваялда вукIагоги гьабилаан гурищ гьеб щиб букIаниги гIала-гъважа. Нижер хъизан буго тарбия кьун гIураб хъизан».

Дагъистаналда руго гIадамал жидер лъимал Сириялдаса нахъе рачине бажарарал. Гьез бицуна цо заманалда Туркиялъул гIорхъаби цIунулез борхун зазиххараб хьуригун, жидецаго рагьулаанила гIорхъи. Амма гьанже захIмалъулеб бугила гьедин гьабизе. Кин букIаниги, Сириялдаса нахъруссун рачине бажарарал дагъистаниял цIакъго дагьал руго. Гьелги гьабсагIаталда хIинкъулел руго Россиялде рачIине.

Щайин абуни 20I3 соналъул октябралда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб къануналда рекъон, гIорхъи тун къватIир (гьединго Сириялда) рагъарал россиялъулал экстремистазда ращад гьарулел руго, цинги анлъго соналде щвезегIан туснахъалъул сонал кьолел руго. Гьеб къанун къабул гьабилалдего Сириялде ун рукIарал Хасавюрт мухъалдаса гIолохъабиги тамихIалде цIан рукIана, цо-цо, кIи-кIи сонги кьун. Гьанже эркенлъуда руго.

Гьединго жиндирго вас валагьизе ракIалда букIун буго гьанив цевехун рехсарав Дербент мухъалдаса СагIидидаги.

СагIид: «Дие бокьун букIана Египеталде, Сириялде, Туркиялде ун, вас валагьизе къватIиве вахъине. Амма гьеб гIададисеб жо бугин абуна дида… Васал жанир рукIинеян бана дица гьаб мина-карт. Гьанже дие гьеб щибизе? Вас чIаго вукIингIаги лъалебани, дица гьаб кинабго мина-картги ракьги сайгъат гьабилаан дида гьев чIаго вугин бицарав чиясе. Дие вас хирияв вуго гьеб киналдасаго».

Гьал къоязда Россиялъул президент Владимир Путиница прессаялъе кьурал баяназда рекъон, Сириялда вагъулев вуго Россиялдасаги цере гьелда гъорлъ рукIарал республикабаздасаги 5-7 азарго чи.

XS
SM
MD
LG