МагъчIваялъе рес

К.Кубасаев: «10 миллион гъурущ бюджеталдеги бакIарана, макручагIиги къватIир чIвазаруна».


2015 соналъул 11 моцIида жаниб монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) Дагъистаналда бугеб бутIаялъ рагьун буго монополиялъул къанун хвезабиялъул 105 иш. Гьезул бащадалдасаги цIикIкIун руго хIукуматалъул батIи-батIиял идарабазда тIад рагьарал ишал. Араб ичIго моцIида жаниб Федералияб бюджеталде гьез бакIарун буго цо миллиардгун 200 миллион гъурущ. ЛъагIалида жаниб гьабураб хIалтIул баян кьезе микьабилеб декабралда журналистал ракIарун рукIана Дагъистаналъул УФАСалъул нухмалъулев Къурбан Кубасаевас.

Бищунго гIемер монополиялъул къанун хвезабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналъул малмулкалъул министерлъиялда тIад (36 иш). Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялда тIад рагьун буго щуго иш, тIабигIаталъул министерлъиялда тIад кIиго.

Гьединго, МахIачхъала, Каспийск, Дербент, Гъизляр ва Избербаш шагьаразул администрациялда тIадги рагьанин гьединал ишалилан бицана монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Къурбан Кубасаевас.

Бищунго ахIи-хIур бахъарал ишазда гъорлъ гьес рехсана «Русгидро» абураб ток бикьа-къотIулеб идараялда тIад рагьараб иш. Халкъалъе бикьулеб ток гьез цIакъго гIодобегIанаб багьаялде кьолеб букIин тIатинабунин жидеца.

«Юмэк» абураб цо идараги гьоркьохъанлъун ккун гIадамал махсароде кколел ратанин гьез. Жидеца монополиялъул къанун хвезабиялъул иш рагьидал диваналде жалги кьун, къун чIеларилан лъугьанин гьелилан бицана Къуран Кубасаевас. Жеги гьеб иш рагIалде бахъун гьечIо.

Бищунго квал-квал гIемераб бакIлъун хутIулеб бугин пачалихъалъул заказазда хурхун гьабулеб хIалтIиян бицана Къурбан Кубасаевас хадубги. Араб 11 моцIалда жаниб жидехъе батIи-батIиял заказчиказул цIаралда хъвараб 1600 гIарза.

2014 соналде бачIун букIанин 900 гIарза, гьелъул магIна кколин гIадамал жидехъе гIарзалъ рачIине ругьунлъун рукIинилан абуна Къурбан Кубасаевас. Амма гьел гIарза хъвалезда гъорлъги ратулел ругин чанги макручагIиян тIадежубана гьес.

Къурбан Кубасаев: «Гьел пачалихъияб къайи-цIаялъул заказ гьабулеб къапилаялда гъорлъ раккун руго гIадамазухъа гIарац бакIарулеб цо къавм. Дица рэкеталин цIар лъун буго гьезда. Пуланав заказчикасул цIаралда битIун бачIунеб буго гьез гIарза. Хадуб хал гьабидал баянлъулеб буго гьес киданиги гьединаб заказ кьун букIинчIилан абураб хIужа.

Щай гьединал хIужаби кколел ругелилан цIех-рех гьабурабго баянлъана жиндир цIаралда гIарза битIарав чиясда гьединаб гIарза хъван букIин лъалебцин батичIолъи. Мисалалъе, цо мухъалда нижеца гьединаб хIужа тIатинабидал жиндир цIаралда гIарза битIарав чи чIана жиндица кинабниги гIарза битIун букIинчIин, компьютералдаса гьеб битIулеб къагIидацин лъаларин жиндаян, жив вугин жиндирго хъизам-рукъалъе чед балагьулев, автомобилал къачIан гIарац гьабулев чийилан. Нижеца гьединал хIужаби ракIарун жанисел ишазул идараялде кьуна».

2015 соналъул ичIго моцIида жаниб монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъ, улкаялъул бюджеталде бакIарун буго цо миллиардгун 200 миллион гъурущ. Дагъистаналда бугеб бутIаялъ бакIарун буго 11 миллионалде гIагарараб гъурущ. Гьелда гьоркьоса щуго миллионги 347 азарго гъурущ ккола монополиялда дандечIараб къанун хвезабиялъул хIужаялда хурхун батIи-батIиял идарабазухъа бакIарараб гIакIа, 870 азарго гъурущ, рекламаялъул хIакъалъулъ къанун хвезабиялда хурхун къотIараб гIакIа. Гьеб кколин Шималияб Кавказалда ругел регионазда гьоркьоб гуребги, Россиялъул цогидал регионазда ругел, монополиялда дандечIарал хъулухъаз гьабураб хIалтIуде дандекун бищун лъикIал хIасилазул цоябилан баян гьабуна Кубасаевас.

Журналистаз кьурал суалазда гъорлъ букIана 2015 соналдаса байбихьун Дагъистаналда рорженал гьаризе байбихьараб «Победа» абураб авиакомпаниялда хурхун. Щайгурелъул рекламаялъул хIакъалъулъ бугеб къанунги хвезабун бищун гIодобегIанаб багьаялде ричулин жидеца пассажиралин лъазабиги кьун, кIиго бутIаялъ хираго ричулел ратанин гьез жидерго билетал. Гьезда тIад рагьараб иш жеги рагIалде бахъинчIин, щайгурелъул батIи-батIиял багьанабиги рачун гьез гьез жидее жеги чIванкъотIараб жаваб кьечIилан абуна Къурбан Кубасаевас.

Журналистазул рукIана цогидал суалалги. Мисалалъе, МахIачхъалаялъул базаразда ругел багьабазда хурхун. Щайгурелъул доллар эехеде бахине байбихьаралдаса багьабазул низам хун буго бича-хисулеб жоялда жаниб. Мисалалъе, долларалдехун хурхен гьечIел нигIматазухъги бахинабулеб бугин ричарухъабаз багьайилан гIарз букIуна гIадамазул.

Багьабазда жаниб бугеб ахIвал-хIалалда бан гIадамазухъа жидехъе гIарзал рачIунел гьечIилан абуна Къурбан Кубасаевас. Гьел гIарзазда рекъон гурони жидеца халгьаби тIобитIизе рес гьечIин.

Амма жинда лъалеб бакIалдаса гIебеде ахирал моцIазда циндаго багьаби эхеде рахиналъул хIужаби гьечIилан абуна Къурбан Кубасаевас. Ричарухъабаз гьел рахинарулин КIалбиччаялъул ва Къурбанкъоялъул байрамал гIагарлъулеб мехалъ. Дандекквеялъе босани Россиялъул шагьаразда гIурусазул кIалбиччаялъул байрамал тIаде щолелъул гьезул ричарухъабаз гIаксалда учузго бичулин жидерго къайи-цIа.

XS
SM
MD
LG