МагъчIваялъе рес

ГIададагосел хIинкъиял яги щай Къадировас чалиялда тIил бахъулеб?


«Рамзан, унге мун нахъе!» Гьединаб ахIигун тIубараб акция тIобитIулеб букIана гьаб анкьалда интернет-гIатIилъиялда. Чачан республикаялда щибаб къойилго гIадин хъулухъчагIаз, жамгIиял ва диниял хIаракатчагIаз гьарулел рукIана лъазабиял, гьаруна  батIи-батIиял тадбирал. Живго Къадировасни абулеб буго, жиндир болжал рагIалде бахъанин, жив хIадурав вугин нахъе ине ва гьединал «тIалабал» загьир гьаричIого тани, лъикI букIинаанин. ​ Амма цо-цо экспертаз абулеб буго, жакъа чачаналъ загьирлъулеб багъа-бачари кколин политикияб кIигьумерлъиялъул спектаклин.

(Дагьалъги гIатIидго гьаб тема гъоркь бугеб гьаркьил файлалда).

Интернет-мухъ

5 апрель ккола Рамзан Къадировасул Чачан республикаялъул бетIерасул хъулухъалда ахирисеб къо. Жиндир болжал рагIалде бахъунеб букIиналъул хIакъалъулъ жив ургъулевцин вукIинчIин, жинда гьеб журналистаз ракIалде щвезабунин, абуна гьес «Русская служба новостей» абураб радиоялъе интервью кьолеб мехалда.

Кколищ гьел ракI-ракIалдаса рагIаби? Гьел гьединал рукIин рихьизаризелъун батила, Къадировас жиндие кьолеб буго суал.

Рамзан Къадиров: «Бокьун бугищ Къадировасе халат бахъинабизе гьеб хIалтIи? Бокьун гьечIо. Нижер командаялда руго дидасаги махшел цIикIкIарал профессионалал. Дида гьикъулеб бугони, дие хъулухъалда хутIизе бокьун гьечIо. Щайгурелъул дица рикIкIуна, дица дирго налъи тIубазабунин. Дир болжал лъугьунеб бугин Медницацин (Къадировасул лъади - ред.) абун букIинчIо, журналистаз абунаха».

Гьанибе щвезегIан кколеб букIана гьеб бугин Къадировасул чIван къотIараб, нахъе кьурулареб хIукмуйин. Амма хадусеб каламалъ щаклъи бижинабулеб буго.

Рамзан Къадиров: «Кинабго жоялъе Аллагьасул хIукму бугоха. Дун гIицIго пехотинец ккола. Хадубги дуца хъулухъ гьабизе ккелин абулеб бугони, хъулухъ гьабизе бугоха».

Нижер радиоялъул чачан редакциялъул журналист Лема Чабаевас абулеб буго, чачаназул аби бугин, чалиялда тIил бахъунцин мунго кIочене тогеян, абураб ва ахирисеб заманалда Рамзан Къадировасул хьвада-чIвади дурусго кколин гьеб тIил чалиялда тенкезабийин, гьесул рахIат хун букIиналъул реакцияйин.

Лема Чабаев: «БичIчIен бугел чачаназул ракIчIараб буго, гьел хIаял рукIиналда. ГIадамазда гъорлъ тIиритIарал харбазда божизе бегьулел ратани, ахирисеб моцIалъ-моцIгун бащдалъ Путиница Кремлалда кинниги къабул гьабулев рагIуларо Къадиров. Путинил бакIалда гьевгун дандчIвалел рагIула Кремлалъул администрациялдаса кIиабилел-лъабабилел даражаялъул хъулухъчагIи. Къадировасда гьеб бихьулеб батизе бегьула жиндиего хIинкъи бугеб сигнал хIисабалда.

Гьев хIинкъун ватизе вуго. Щайгурелъул Путинидаса довегIан гьев къазавуни, гьеб гьесие балагь букIуна. Чачаналъ гIемер руго гьесда бецIизабизе бокьарал гIадамал. Гьесда ва гьесул сверухълъияда тIад буго бидул ралъад.

Гьединаб къагIидаялда гьес гIамал гьабулеб бугин ккола дида, конституциялде данде кколеб гьечIониги, лъабабилеб болжалалъги хъулухъалда хутIиялъе гарантияби щвезаризе. Гьелъие буго гьес гьеб кинабго гьабулеб».

Чабаевасул пикрабазде данде кколеб буго машгьурав журналист Милрад Фатулаевасул нижер программаялъе гьарурал комментариязул магIнаги.

Милрад Фатулаев: «Къадировас гьединал лъазабиял гьарулел руго жиндирго хадусеб къисмат баянлъизабиялъул мурадалда.

Гьанже Россиялъул Федерация жибгоги экономикияб рахъалдаса накабазде кколеб мехалда республикаялъул экономикияб цебетIеялъул суалалъул кIвар тIадеги цIикIкIунеб букIинарищха. Гьеб рахъ ракIалде босун, гьесие бокьун батила, ругищали цетралъул планал республикаялда хиса-басиял гьариялъул, тезе вугищали гьев хадувги гьеб тахалда лъазе».

Чабаевасул пикруялда, жакъа Чачан республикаялъул политикияб кIигьумерлъиялъ гIадатиял гIадамазул парахалъи хвезабун буго, гьел ккезарун руго щибаб букIнилъ Къадировасул цIар ахIулел рукIиналде.

Лема Чабаев: «ХIаяз ракI гъезабулеб бугоха. Гьес "Инстаграмалда", телевидениялда абулеб буго, жиндир цIаралда хурхун киналгIаги ишал, киналгIаги митингал, киналгIаги гьариял гьаругеян. Путиние жив къваригIун вугони, гьес жив ахIизе вугин. Жив вукIанин ва хутIулевги вугин гьесул пехотинецлъунин.

Амма гьале шамат къоялда тIобитIизе буго митинг. Гьебин абуни, тIобитIулеб буго Къадировасул сверухълъиялъул нухмалъиялда гъоркь. БакIалъулал администрациязул, бюджеталъул батIи-батиял идарабазул бутIрузе буюри кьун рагIула, митингалде бажарарбгIан гIемер халкъ бакIареян, абураб. Гьеле дуе кIигьумерлъиялъул хIаял».

Хадуб щвараб информациялда рекъон, гьеб митинг нахъе бахъун буго ва Къадировасул сверухълъиялъ абулеб рагIула гьединаб митинг хIадурулебцин букIинчIин, гьел кколин Чачан республикаялъул тушбабазул харбалин. Щиб гьединаб хьвада-чIвадиялда нахъ букIине бегьулеб?

Лема Чабаев: «Ахирисел къоязда Къадировасул ботIролъ бугеб захIаматаб суалалъе жавабал рачIунел ругин ккола, дида. Кремлалъул цо-цо кабинетаздаса ругьелал рачIун рагIула: тIоцебесеб - Къадиров заманалъ республикаялъул бетIерасул ишал тIуразаризе тIамизе вугин; кIиабилеб - гьев Путиние бокьун рищиязде ине вугин; лъабабилеб - гьел рищиязда гьев бергьине вугин, абурал. У, Россиялда бергьуна заман тIаде щвелелдего».

Республикаялъул конституциялда хиса-басиял гьарун рукIун руго, ритIахъел рищиял тIоритIиялда хурхарал. Гьанже информалатазда гьелда сверун пикраби загьир гьарулезул цояз абулеб буго, гьел рищиязда Къадировасда цадахъ жидерго кандидатураби лъуразда тIад киналго релъанхъулел рукIине ругин, гьебги кколин гьелго политикиял хIаязул элементин.

Лема Чабаев: «Къадировасул, республикаялъул бетIер хIисабалда, хIакъаб къварагIел бихьула гIицIго гьесул сверухълъиялда. Гьелги, ай, гьес гIагар гьарурал гIадамал, гьевго гIадин чачаназул бидуца релъарал чагIи ккола. ХутIараб халкъалъе Къадиров хIакъикъаталдаги къваригIун гьечIо.

У, халкъ хIинкъун буго. Щайгурелъул республикаялда гьабулебщинаб жоялъул аслияб къагIидаялда кинаб гIаги хурхен букIунаро конституцияладаги къануназдаги.

Цебесеб сон, гьелда цебесеб сон ракIалде щвезабуни, бачIуна цебе рухIарал анцI-анцI рукъзал, республикаялдаса нахъе къотIарал яги къватIире иналде ккезарурал гIемер гIадамал. Халкъалда депортациялъул къо ракIалде щвезабизе хIалбихьиялъе гIоло туснахъалъул ункъго сон кьурав чи, гьединалго гIеме-гIемерал хIужжаби.

Къадировасул сверухълъиялъе унгоги къваригIуна гьесда сверун ярагъ букIине, гьев халкъалдаса цIунун вукIине. ХIакъикъаталдаги Къадировасе, цадахъго гьесул сверухълъиялъеги, жибго лъабабилеб болжалалъул гуреб къварагIел бугеб, гьесул гIарцил къадар гIунги тIокIабги буго. Гьесие гьеб тах къваригIун буго гьанже живго гIицIго физикияб рахъалдаса, гьадин абила, гьесул черх-лага, цIунун хутIиялъе. Гьесул сверухълъиялъего гьебго жо къваригIун буго».

Фатулаев тIуванго разилъулев гьечIо ахирисеб пикруялда. Жакъасеб Россиялъул тIалъи хутIулеб букIаго, Къадировасе хъулухъалдаса нахъе иналъул кинаб гIаги хIинкъи гьечIо. Щаяли, гьес бичIчIинабулеб буго гьадин.

Милрад Фатулаев: «Дир пикруялда, гьесие щибниги квешаб жо букIинаро гьелдаса. Микьго соналъ Рамзан Къадировасги, гьелда цебе гьесул инсуцаги республикаялъул нухмалъи гьабиялъул хIасилалда чачаналъ абухъего, гьава-бакъ жакъа гьабулеб буго чанго фамилиялъ. Гьел киналго гIагарал руго Къадировазул хъизаналъе.

Живго Къадиров нахъе ине кканиги, гьесул бакIалде рачIине руго гьесулго сверухълъиялдаса чагIи. Баянаб жо, гьез гьесул рахъ кквезе буго, гьевги, гьесул бизнесги, гIарацги, буголъиги цIунизе буго».

«Ресал рукIарабани, щив нужеца вищизе вукIарав Чачан республикаялъул нухмалъулесул хъулухъалде?» абураб суал лъун, нижер радиоялъул Чачан редакциялъ радиоялъухъ гIенеккулезул гьикъа-бакъи халат бахъунеб буго. Анкьалда жаниб гьаркьал кьуразул къадаралде балагьун, бихьулеб буго Владислав Сурковасе 20-25 процент щолеб букIин, Имран ХIасбулатовасе I0-I5 процент, Рамзан Къадировасе - 2-3 (!) процент ва Кремлалда хурхен гьечIев цогидав кандидатасе щолеб буго гьаркьазул 70-80 (!) процент.

XS
SM
MD
LG