МагъчIваялъе рес

#Рамзаннеуходи абулеб хештег сундуе къваригIараб?


Къадиров Рамзан президент В.Путинил сураталда цеве
Къадиров Рамзан президент В.Путинил сураталда цеве

Интернеталдаса пайда босулез #Рамзаннеуходи абулеб хештегалдалъун рахъкколеб буго Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзанил. «Говорит Москва» абулеб радиоялдасан гьедин бицана чачаназул гIолохъабазул Цолъиялъул лидер Тапаев Рустамица. Гьесул рагIабазда рекъон, гIадамазул гьединаб реакция букIун буго жиндир рахъ ккун митингал гьаругеян абурал Къадировасул рагIабазде.

Шамат къоялда Къадировас лъазабун букIана Чачан республикаялъул нухмалъиялда жиндир болжал ахиралде щванин ва Россиялъул тIалъиялъ гьениве батIияв чи вихьизавизе кколин. Гьес республикаялъе бетIерлъи гьабулеб буго 2007 соналдаса нахъе. Исана марталда лъугIула гьеб хъулухъалда гьесие бихьизабураб болжал.

Январалъул ахиралда Россиялъул президент Владимир Путиница Къадировасул хIалтIуе кьун букIана «эффективияб» абураб къимат.

23 февралалда оппозиционер Илья Яшиница къатIибе загьир гьабун букIана "Миллияб хIинкъигьечIолъиялъе хIинкъи» абулеб доклад. Гьелда бицунеб букIана Рамзан Къадировасул. Яшинил рагIабазда рекъон, гьеб документалъул масъала букIун буго Къадиров Чачанлъиялъул нухмалъиялдаса нахъе рехизави. Живго Къадировас Россиялъул оппозиционеразда абун букIана «халкъалъул тушбабийин» ва «хъурмалин».

XS
SM
MD
LG