МагъчIваялъе рес

Москваги, Къадировги гьезул гьоркьорлъабиги


Январь моцIалъул бищунго гIемер хъуй гьабураб лъугьа-бахъин ккана Чачан республикаялда тIобитIараб митинг. Гьенир чIварал игIаланаздаги гьарурал хитIабаздаги рекъон митингалъул аслияб мурад букIун рагIула Россия ва В.Путин къватIиса "тушбабаздаса" цIуни.

Гьеле гьел къватIиса тушбаби абулел чагIиги рагIула Россиялъул либералал, демократал, ай жакъасеб Кремлиялъул ва В.Путинил политикаялдаса рази гьечIел чагIи. Гьаниб бачIунеб буго суал, щай Грозныялъ гьадингоги социологиялъул цIех-рехазда рекъон 80 проценталдаса тIаде жиндир рахъ гражданаз кколев В.Путин цIунизе кколев? Бищун аслияб суал, лъидаса цIунизе кколев гьев? Къалам гурони кодол гьечIел либералаздасайищ?

Гьел гьадингоги машгьурал гьечIо Россиялда. Россиялда "либерал" ва "демократ" абурал рагIаби абула рогьо бараб гIадин. Гьезие я телевидениялда, я официалияб бакIазда площадкабиги кьолел гьечIо. Кьуниги гьезда гIагараб заманалда хадуб халкъ цIазеги кIоларо. Тарихалда балагьарабго Азиялде цIикIкIун гьетIараб пачалихъ буго Россия Европаялдаса. Хал гьабеха Россиялъул тарихиял цIаразда ва халкъалъ къимат гьабулел чагIазда. ГIурусазул хан Иван Грозный, император Пётр ТIоцевесев ва большевиказул "хан" И.Сталин. Гьеб халкъ кумирал ругеб пачалихъалда рагIулищ либераласул ва демократасул гьаракь?

Гьеб хIакъикъат бичIчIана В.Путинида нухмалъуде вачIарабго. Амма гьев Сталингун данде кквей мекъи букIина, батIияб заман, цIияб нухмалъи ва формация, ХХI абилеб гIасру. Гьеб хIакъикъат бичIчIиялъ 90 абилел соназда байбихьарал ва квеш-лъикI унел рукIарал реформабазе ва демократияб нухмалъиялъе ахир лъуна Путиница.

ХIажат букIана бих-биххун унеб улка данде бачизе щулияб вертикаль. Ва захIматал регионазда къуватаб квер ва гIадлу. Гьеле гьединав чилъун ватана Путинида доб заманалда бищунго проблемаби гьарулеб Чачан республикаялъе Рамзан Къадиров. Гьесул квераздалъун лъугIизабуна Ичкериялъул дандечIей ва диниябгун миллияб сепаратизм. Къокъаб заманалда жаниб гIуцIана чармилаб гIадлу ва чIинтIана кинабгIаги батIияб иш ва пикру.

Рамзан лъугьана Россиялъул цо субъекталда ихтиярал кодосев ханлъун. Ххвалие жив Путинил мухъилав солдат вугин абуниги хIакъикъаталда бихьулеб буго гьесул гIорхълъа араб властьги, сурсатги, жиндие мутIигIаб 20 азарго чи жанив вугеб армияги букIин. Гьесие къварилъана Чачан республикаялъул гIорхъаби. Гьоркьоса къотIичIого жувазе лъугьана Россиялъул халкъазда гьоркьосеб политикаялде киналго протоколалги хвезарун. Гуржиязе хIинкъаби кьуна, Украиналда ритIани жидеца гIадлу гьабилин лъазабуна, Шамалде аскаргун ине вукIин бихьизабизе вахъана. Щаялиго федералияб центалъ гьесда лъазабичIо гьеб суал субъекталъул бетIерасухъе кколарин.

КIалалъ В.Путиние ритIухълъи лъазабуниги гьоркьоса къотIичIого рукIана тIубанго централъул ва регионазул форматалда данде кколарел хитIабал. Дида ккола гьеб ахIвал-хIалалда рикIкIад гьавун ватилин Рамзан Путиница. Гьадингоги асдехун хинаб балагьи гьечIел къуваталъулалги ругеб мехалда рахIат хун батила гьесул Путиница гьабураб паузаялъ. Щибха хутIараб гьасие? ТIоцебесеб иргаялда централда бихьизабизе ккола лозунгал кинал ругониги жинца абурабго къватIире рахъулел миллионалде гIагарараб халкъ букIин ва жиндие ритIухъаб аскар букIин.

КIиабизе, митингал ва шествиял гьаризе къварегIуна багьана, ургъизе ккола тушманасул образ, бегьуларелъул "Путин, дуца щай Рамзан къабул гьавуларев?" абураб игIлангун цере рахъизе. Гьелъие ургъана тушбабилъун оппозиция - "пятая колонна", "шайтаны" ва гь.ц. Гурони лъида лъалареб жакъа 80 проценталдаса тIаде "Путин - красавчик!!!" абун ахIтелеб Россиялда гьев цIунизе хIажалъи гьечIеблъи? Лъидаса гьев цIунилев? ХIалица гали босулей ва абулеб рагIи рагIуларей Людмила Алексеевалдасайищ, гитарагун Макаревичасдайищ, Ирина Хакамададасайищ? Лъидаса ва сундаса гьеб митингалъ цIунулев вугев Путин? Дир пикруялда Грозныялъул митингал рижана Кремлиялъулгун Къадировасул гьоркьорлъаби цIоро-гъороялъул хIасилалда.

Официалияб Кремлиялъул кинаб бугониги реакция букIине кколаан. "Дуца щиб гьабулеб бугеб?" абураб суал кьезе ахIизе кколаан В.Путиница Къадиров. Щаялиго ахIичIо, тIубанго жиндир ханлъиялда иш квеш бугин тушбабазда ккечIого букIине Путиница "он эффективный руководитель" абураб цохIо рагIиги реххана. Путин жеги ургъулев ватула Кремлиялъул ва Грозныялъул гьоркьорлъабазда тIад.

Кин жинца гIорхъи гьечIеб власть кьураб Чачан республика хутIарал субъектазул кьерде буссинабилеб абураб суал букIина гьесда цебе аслияблъун. Гьедин батизе рес буго, батунгутIизеги рес буго, чанги чваххиял рукIунелъул нилъеда рихьуларелги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG