МагъчIваялъе рес

Рамзан Къадиров Игорь Каляпиниде данде


Каляпин абураб фамилия бугев чиясул хал гьабизе кколин 2014 соналъул 4 декабралда Грозныялде гьабураб тIадекIанцIиялде гIахьаллъи букIиналъул рахъалдасайин, лъазабуна Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница.

Журналистаз абулеб буго, хIакъикъаталдаги бицен гьабулеб бугин, Къадировас лъазабураб пачалихъалде данде къеркьолел къокъабазул гIахьалчагIазул хъизаназул гIаммаб жавабчилъиялда хурхун Россиялъул генералияв прокурорасухъеги ЦIех-реххалъул комитеталъул бетIерасухъеги хитIаб хъварав ГIазаб кьеялде данде комитеталъул нухмалъулев Игорь Каляпинилин. Рамзан Къадировас фамилия гурони цIар рехсечIого тун буго.

Рамзан Къадиров: «Цебе дица лъазабун букIана, гIагаразул жидерго лъималазул хьвада-чIвадиялда бан жаваб кьезе кколеб букIиналъул, нагагьлъун гьез гьел чIезаричIони яги полициялде хитIаб гьабичIони.

Кинавали лъаларев Каляпин вахъун вуго бандитазе ва гьезул гIага-божаразе хIалае. Хасал идарабазул информация буго, Каляпин абураб фамилия бугев чияс Магърибалъул хасал хъулухъаз кьураб гIарац АхIмад ГIумаровасухъе кьунин абураб. МухIканлъизабизе ккола гьав Каляпинилищ бицен гьабулеб бугебали. Гьеб гьедин батани, гьев жавабчилъиялде гъоркье вачине ккола».

Живго ГIазаб кьеялде данде комитеталъул нухмалъулев Игорь Каляпиница тасдикъ гьабулеб буго бицен жиндирго хIакъалъулъ гьабулеб букIин. Гьадин абуна гьес нижер программаялъе комментариял гьарулаго.

Игорь Каляпин: «Нужго гIенеккеха, гьанже-гьанже Чачан республикаялъул парламенталъул спикер Дукваха ГIабдурахIмановас гьабураб лъазабиялъухъ.

Гьесни абулеб буго, Каляпин кколин балъгояв террористин. Гьес гьезие ва гьезул гIагаразе кумек гьабулеб бугин, гьесул кинаб гIаги ихтияр гьечIин чачаназде малъарила вукIинеян, Каляпиница чачаназул жамгIияталда малъизе кколарин кинаб къагIидаялда ишал гьаризе кколелали. Жидеца жидерго гIадатазда рекъон, проблемаби рагIалде рахъинарулел ругин. Икъбалал щвечIогоги гьеб рахъалда жал хутIун гьечIин.

Амма дида ракIалда гьечIо кинал гIадатаз, полициялъулазе изну кьолеб гIадамал нахъеги къотIун гьезул минаби кьагьизаризе».

Къадировас хадуб-цебе интернеталда лъолел руго жиндирго лъазабиял. Гьезда гьанже гьес ишара гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIуниялъул хIаракатчилъиялъ жиндие квал-квал гьабулеб букIиналъул, гьеб сфераялда жинцаго рилъанхъизарулел къагIидаби ритIараллъун рикIкIун.

«Инсанасул ихтиярал… дица цIунула чачаналъ. Дица дидего тIаде босун буго халкъалъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул жавабчилъи», - ян хъвалеб буго республикаялъул бетIерас.

Каляпинил рагIабазда, Къадировасул лъазабиял кколаро бухIулъго загьир гьарурал пикраби, гьес гьел гьарун руго лъикIаланго юристазулгунги дандбан. Бихьулеб буго гьез гьениб гьесие диваналде хитIаб гьабиялъе ресал тун гьечIеблъи.

Инсанасул ихтиярал цIунулесул пикруялда, жакъа Чачан республикаялъул нухмалъиялъ гьарулел лъазабияз ва боевиказул гIагарлъиялъул рукъзал рухIун, гьел республикаялдаса нахъе къотIиялъул къагIида гIумруялде бахъинабиялъ, тIоцебе босани бижинабизе бегьула гьеб практика тIибитIиялъул прецедент, хасго пачалихъалъул къанунал цIунулел идарабаз Къадировасул къагIидабазда бан жидерго реакция гьанжеги загьир гьабичIого толеб букIиналда бан.

КIиабизеги, чачаналъа къватIире къотIиялъ ццин бахъинабурал гIадамаз Россиялъул цогидал регионазда байбихьизе бегьула Россиялъул пачалихъалде дандечIеялъул хIаракатчилъи.

Каляпиница ахIи балеб буго Рамзан Къадировасул эмоционалияб лъазабиялъ бижинабураб къануназда кинаб гIаги хурхен гьечIеб вакханалия чIезабиялде.

XS
SM
MD
LG