МагъчIваялъе рес

Къадировас лъазабуна жиндир болжал лъугIанин


Рамазан Къадиров (бакьулъ)
Рамазан Къадиров (бакьулъ)

Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница лъазабуна регионалъул бетIерлъи гьабизе гьесие цIараб болжал ахиралде щванин ва гьеб хъулухъалде цоги чи валагьизе кколин улкаялъул нухмалъиялъин.

Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница лъазабуна регионалъул бетIерлъи гьабизе гьесие цIараб болжал ахиралде щванин ва гьеб хъулухъалде цоги чи валагьизе кколин улкаялъул нухмалъиялъин. Гьесул рагIабазда рекъон, жакъа къоялде гьес гьабурабщиналъе икъбал щун буго ва гьесул цIар гьесул халкъалде данде хIалтIизабизе гьесие бокьун гьечIо.

«Дица абулеб буго-дир заман анин. Нижер командаялда дун хисизе чи гIемерав вуго, руго лъикIал махщелчагIи»,-ян абуна Къадировас НТВ телеканалалъул Центральное телевидение абулеб программаялъе интервью кьолаго. Къадировас абуна жинца бажарарабщинаб гьабунин.

Рамзан Къадировас Чачан республикаялъе бетIерлъи гьабулеб буго 2007 соналдаса нахъе. Исана марталда рагIалде бахъуна гьесул болжал.

Январалъул ахиралда россиялъул президент Владимир Путиница Къадировасул хIалтIуе кьун букIана «эффективияб» абураб къимат.

23 февралалда оппозиционер Илья Яшиница къатIибе загьир гьабун букIана "Миллияб хIинкъигьечIолъиялъе хIинкъи» абулеб доклад. Гьелда бицунеб букIана Рамзан Къадировасул. Яшинил рагIабазда рекъон, гьеб документалъул масъала букIун буго Къадиров Чачанлъиялъул нухмалъиялдаса нахъе рехизави. Живго Къадировас Россиялъул оппозиционеразда абун букIана «халкъалъул тушбабийин» ва «хъурмалин».

XS
SM
MD
LG