МагъчIваялъе рес

Лъабго сон Дагъистаналъул бетIерасул тахида


Дагъистаналъул нухмалъуде Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдаса кватIичIого тIубала лъабго сон.

2013 соналъул январалда Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал, киналгоязде гIагарун дагъистаниял божун рукIана гьесда къокъидаго гьаниб кинабго хисизабизе кIвелилан. Амма циндаго хисизабун бажарулареблъи бичIчIизабулеб букIана эксперталгун жамгIиял хIаракатчагIаз доб мехалда информ. алатазе кьолел комментариязда. Гьев Дагъистаналде тIамуралдаса кватIичIого лъабго лъагIел балеб букIинги хIисабалде босун, «Эркенлъи» радиоялъул пикру ккана кинаб бугеб жакъа халкъалъул гьесдехун пикруяли лъазабизе. ГIемераб хабар бицунев вукIин гуреб, халкъалда ракIалда рукIарал лъикIал хIасилал лъугьинчIин гьесул хIалтIулъилан рагIизе бегьула гIадатиял гIадамазул кIалдисан.

Халкъалда ракIалда букIараб къагIидаялъ гьезул мурадал тIуран бажаричIин хIакъикъаталдаги ГIабдулатIиповасухъайилан абулеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевасги. Щайгурелъул гьелъие хIажатал сурсатал хутIун гьечIила гьесие Дагъистаналда. Амма ГIабдулатIиповасухъа бажаранин цогидал республикаялъул нухмалъулезда кIвечIел ишал гьаризе Дагъистаналда.

ГIисалмухIамад Набиев: «ЦохIо Амиров тIалъиялдаса нахъе вачахъи рикIкIине бегьула, щуго нухмалъулесул багьаяб гьес гьабураб хIалтIилъун. Гьев (Амиров) ва гьесда релъарал бакIалъулал хIакимзабазда нух бихьизабуна гьес. Гьев вачIинегIан кин букIараб? Дагъистан гьеб батIияб регион бугин, гьаниб нухмалъи гьабулеб батIияб къагIида букIине кколин абун гаргалел рукIана цересел Дагъистаналъул нухмалъулел. Чачаналда бугеб гIадаб бада-гъудур гьаниб гьечIелдаса нахъе хутIараб бигьаяб жо бугилан Россиялъги тун букIана гьеб. Амма батIайиса хIалтIи гьабизе кIолеблъи бихьизабуна ГIабдулатIиповас. Амиров нахъе вахъизе кIолеблъиги, Сайид Муртазалиевасда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе кIолеблъиги, Имам Яралиевасда хъулухъ тезабизе кIолеблъиги бихьизабуна.

ГIабдулатIиповасда кIвана рохьилал гIодоре кьуризеги, кьвагьиязул сас гIодобцинабизеги, терактал дагьлъизаризеги. Гьесда щвезегIан абуни чIвалел рукIана цересан, МВД-ялъул министрги чIвалев вукIана, кIуди-кIудиял хIакимзабиги чIвалел рукIана. Щибаб анкьида жаниб кIиго-лъабго чIвай-хъвей гьечIеб къо букIинчIо.

Узухъда кинабго роцIцIун гьечIо, нухмалъиялъул суалалда жанир загIипал рахъал рихьулел руго, коммунистазул заманалда букIараб низамалъул гIаркьелал рихьулел руго гьесул нухмалъуда жанир. Гьев веццулев гьечIо дицаги, гIунгутIаби руго гьесул. Амма кинабго лъикI гьабизе гьесие бокьун букIинги, гьелъие гьес бахъулеб гъираги бихьулеб буго. Министрал хIалтIуда лъолебги, гьел рахъулел куцалъухъги балагьун бихьулеб буго рищватги кьун гьел гьенире тIамулел гьечIеблъи. Щайгурелъул къокъабго заманалда министралги, гьел таралги нахъе рахъулел рукIин бихьарабго, цогидасда бичIчIула жинца кинаб рищват кьуниги халатккун мехалъ жив гьенив хутIуларевлъи.

Къого соналда жаниб хисизабизе кIолареб къагIидаялде ккезабун букIараб иш, къокъидаго хисизабизе захIмалъулеб буго ГIабдулатIиповасда, амма гьелъие гьесул бажари буго».

«Халкъалъул пикру» абураб Дагъистаналда бугеб цIех-рехал гьарулеб фондалъ чанго нухалда тIобитIун буго, «ГIабдулатIиповасул нухмалъиялдехун халкъалъул кинаб бербалагьи бугеб?», абураб суалалда тIасан цIех-рех. 2013 соналъ тIоцебесеб цIех-рех тIобитIарабго халкъалъул 90 проценталъул ракIчIун букIанин гьес Дагъистаналда хIалтIи гьабизе букIиналадаян бицана гьеб фондалъул вакил ХIабиб Давудовас. Гьев гьаниве тIамунилан Владимир Путиницин борхун букIанила Дагъистаналда рейтинг. Амма заман ингун ГIабдулатIиповасдехун гIадамазул божилъи гIодобе ккун букIанила.

ХIабиб Давудов: «Цеве вукIарав нухмалъулев МухIамадсаламил къапилаялъ ГIабдулатIипов какизе квербайдал, интернеталда щиб-щибниги хъван гьезда хадур арал цо-цо чагIи сабаблъун 25 проценталъ гIодобе ккун букIана ГIабдулатIиповасул рейтинг. Хадуб гьезда бичIчIана жалго мекъи рукIин ва 10 проценталъ гьесул рейтинг нахъойги борханила. Ахирисеб нухалда, лъабго моцIалъ цебе тIобитIараб рейтингалъ бихьизабуна жакъа ГIабдулатIиповасдехун божилъи бугел гIадамазул 73 процент букIин Дагъистаналда. 10 проценталъ рагьун гьев какулев вуго, хутIараб 17 процент ккола я у, я гуро абун чIванкъотIараб пикру абизе кIвечIого щакдарилел хутIарал чагIи».

Къокъ гьабун абуни Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вачIун хадуб ГIабдулатIиповасул хIалтIул хIасилал гьарулаго, халкъалъ тIоцере рехсолел руго МахIачхъалаялъул вукIарав нухмалъулев СагIид Амиров туснахъалъув тIамиги, теракталгун чIвай-хъвеял, гьединго бизнесчагIазухъе флешкаби ритIун букIараб бада-гъудур лъугIиги, рохьилазул хIаракатчилъи республикаялда дагь-дагьккун гIодобцинги.

XS
SM
MD
LG