МагъчIваялъе рес

Р.ГIабдулатIипов: «Гьедин нилъ бергьунаро»


"Авиаагрегат" заводалда гьабулеб рагъулаб техника
"Авиаагрегат" заводалда гьабулеб рагъулаб техника

КIиабилеб къо буго Дагъистаналда предпринимателазулгун бизнесчагIазул форум унеб. Гьедин тIоцебесеб къоялъ къотIи-къай гьабун буго ГIахъуша, Табасаран ва Дахадаев мухъазда инвестораз гьаризесел хIалтIабазда хурхарал, 48 млн гъурщил багьаял проектазе.

Жеги гъулбасине хIадурулел проекталги ругин бицана ЭР-ялъе республикаялъул тIалъиялдаса вакилзабаз.

Инвесторазда рихьизе МахIачхъалаялъул аслияб майданалда лъун руго павильонал. Гьезда жанир тIиритIун руго Дагъистаналъул ресал рихьизарулел проектал, къайи.

Масала, кубачиязул хужрулги, Гъизляралъул коньякги, бархъалисезул щегIги гуребги, рихьизе лъун руго Дагъистаналда ракIарулел микроавтобусалги, «Дагъдизель» заводалда бакIарараб рагъулаб автомобильгицин.

Кубачиялъул хужрул
Кубачиялъул хужрул

Гьедин экономикаялъе ресал рукIаниги, бакIалъул хIакимзабаздаса разилъи гьечIолъи загьир гьабулев вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов.

Дагъистаналда цониги бер бахилаб хъулухъ щвезе ккани, чияс цонигиясухъа гьеб хъулухъ бахъизе, яги гьесул гьурмалъ жо базе кколаанин, гьанже гьелдаса ине къваригIун бугин абуна республикаялъул бетIерас.

Гьединлъидал феодалияб жамгIиятин цIар лъураб мехалда цо-цоязда квеш букIунебги бугила, тIокIалъги киндила гьелда абилеб. Гьесул баяназда рекъон, Буйнакск, Гъизляр гIадал шагьаразда гIадамазул гIицIго 12-15 гурони процент хIалтIулеб гьечIо промышленносталда.

Рагъулаб техникаги
Рагъулаб техникаги

Пачалихъиялгицин банказдаса къарзалъе гIарац щвезе кканани, дагъистанияз квер цIалтараб ришват тезе кколеб буго гьениб. Гьелда тIадеги жибго къарзалъе щвараб гIарцуда тIасан кколел проценталги цIикIкIарал руго.

Дагъистаналъул ругел ресал кIочон тун ругила гIадамазда. Масала, Каспи ралъдал рагIалда гIумру гьабулел рукIаниги, гьенибе нух щоларила гIадамазеян тIадежубана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Щайгурелъул ралъдалъе нух къан бугила, ралъдал рагIалда бечедал чагIаз кIалгIабиги ран. Каспи ралъдалъа щвараб хайиралъул гъурущ бачIунарила бюджеталде. БачIаниги, расги гуреб жо бачIунила, гьениса ккураб ччугIилги анкьго процент гурони щоларила гIадамазе.

Гьелъие гIайибиял чагIи жалго хIакимзаби гурони щалинха рукIинел, гьезие щайин гIадлу гьабуларебин абулеб бугоан залалда гIодор чIаразул цо-цояз.

Республикаялда ахIи базе ккараб хIал бугин абула заводазда хIажалъулеб лъаялъул гIадамал гьечIолъиялъ. Долейин, Гъизляралда бугеб заводалъул директор Ибрагьим АхIматIов вугин векерахъдулев киндай гьеб завод бахъун чIезабилебан, гьебго заманалда гьеб Гъизляралда цохIо чи гурони гьечIин физикаялъул экзамен кьолевин бицана респуликаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Аммайин абуни нилъер гьанир гали бахъа-бахъаралъур руго рекIеде щун цониги къанунги лъаларел юристалги, экономикияб цониги проектги рагIалде бахъинабун бажаруларел экономисталги. Гьедин хIалтIун жо кколаро. Гьедин нилъ бергьунаро, бергьенлъи цогидаз босула нилъеда тIад».

Ахираб заманалда Дагъистаналда цебетIолеб бизнесалда гъорлъ рехсезе бегьула косметологиялъул бизнесги. Гьедин къойилго косметологазухъе унел кIутIби кIодо гьаризе, мугIрул, гьурмаде рехарал рукIкIалаби ритIизаризе бокьарал руччабазул читIир кIудияб бугин абизе бегьула.

Амма косметологазул махщел гьечIолъиялъ сурукъ гьарурал руччаби гIемер рихьанин жиндаян абуна республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIиповас косметологиялъул бизнесалъул бицуней йикIарай тохтур Зумруд Бучаевалдехун вуссун.

КигIан жидее рекIее гIечIониги, щаялиго Дагъистаналда косметологал гIицIго кIутIби чIахIалъизарулел чагIи хIисабалда гурони къабул гьарулел гьечIин абуна Бучаева Зумрудица.

Бучаева Зумруд: «Гьеб жо нилъер республикаялъе катастрофа гIадаб жо ккола. ЦохIо интернеталда жаниреги лъугьун, тIокIаб жоялъул ургъелги гьабичIого гIун бачIунеб тIубараб гIел буго. Косметология ккола чи сах гьавиялъе, гьев берцинлъизавиялъе бугеб сабаб. Косметологиялдаса гIицIго хайир, яги цо хасаб мурад тIалаб гьабизе бегьуларо».

Умумуз гIетIги тIун данде гьабураб магIишат чIунтизе тун бугин, гьелъул бакIалда цо-цоял, гьабизе жо тIагIун ракъун чIейги лъазабун чIун ругиланги ракIалде щвезабуна республикаялъул нухмалъулес. ЭР-санги бицун букIана гьел чагIазул хIакъалъулъ.

Масала, ГIабдулатIиповасул политикаялъ иш нахъехун гиризабулеб бугин, гьев нахъе ине кколин абун ракъун чIей лъазабуна дагьалъ цебе «Справедливая Россия» партиялъул чагIаз. Гьездаго хадур рилълъун МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Караман абулеб бакIалъул ракьаздаса тумал нахъе гъейин, гурони жал ракъун чIезе ругин лъазабуна лъарагIаз. Гьеб жидер умумузул ракь бугин. Тумалин абуни гьенире чачаназ дагIба балеб Новолак мухъалдаса гочинарулел руго.

Гьел чагIи унго-унгоял провокаторал кколин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьезда рагIун бугин жидеца гьел ракьазул суал тIубан бахъун букIин, гьедин жидеего цIаралъе ракъун чIолел чагIи ругила гьел.

XS
SM
MD
LG