МагъчIваялъе рес

ГIабдулатIиповги, МухIуги, Яралиевги, «бецIаб рокъоб чIегIераб кетуги»


Китаязул лъаларо, греказул лъаларо аби буго цIакъ гIемер гIурусаца мисалалъе бачунеб: «Дуца балагьугейила бецIаб рокъоб чIегIераб кето, хасго гьеб кето гьениб жаниб батичIони» абураб. Тамашаяб аби гьечIищха? ТIоцебесеб иргаялда бецIаб рокъоб бугеб жо бихьизе захIмалъула, нагагь бихьизе рес бугониги чIегIераб кету кинха бихьилеб бецIаб бакIалда, тIаде жоялъе гьениб гьезецин гьечIеб.

Гьеле гьеб аби паркъана ботIролъ машгьурав журналист, РАНалъул бакъбаккул рахъ лъазабиялъул отделалъул гIелмияв хIалтIухъан Руслан Къурбановас http://onkavkaz.com/ сайталда лъураб «ГIабдулатIиповас Яралиевасдаса къисас босана МухIу сабаблъун» абураб макъала цIалигун. Руслан Къурбанов гIемерисезда лъала цохIо макъалаби цIалун гурев, телевизоралдаса вихьуниги. Гьес федералияб масшатабалда гIезегIан гIужилго ва пасихIго жавабал кьолел рукIана Жириновскиясдаса бахъараб къапилаялъе Кавказалъул ва исламалъул темаялда. Аслияб ярагъги Русланил букIана лъикIго тема бичIчIи, профессионалияб гъваридаб лъай, кIалъазе бугеб махщел. Ма нужее, гьев чи хисун лъурав гIадин ахираб заманалда рагьараб цIияб интерент сайталда Дагъистаналъул темаялда цо гIовукъал, щвалде щвечIел жал хъуризе вагъарун вуго. Хасго гIемер кIвар буссинабула Дагъистаналъул Югалъул рахъалде, Дербенталде ва Имам Яралиевасде.

Гьанже рачIина гьас бицен гьабулеб МухIу ГIалиевасулгун Рамазан ГIабдулатIиповасул «гьудуллъиялде». Политикаялъухъ хал гьабурабго якъинго загьирлъулеб жо буго МухIу ГIалиевасе вокьулароан ГIабдулатIипов. Тамашалъи гьабизе бакI гьечIо, гьев вокьуларел чагIи дида МухIу гурелги лъала. Амма МухIул гьеб рокьукълъи щулалъун батила 1993 абилеб соналъул Совет Федерациялде рукIарал рищиязда Рамазан бергьун хадув. Гьел цоцазе гьуинлъизе ресго гьечIо. ГIамал – хасияталъул рахъалъги руго гьел батIи-батIиял чагIи.

ТIоцевесев - мухIканав, сабурав, протоколалдаса кьуруларев, гIумруялъулъги, хIалтIулъги, киса-кивего хиси гьечIев «обкомалъул секретарь».

КIиабилев - цIакъго эркенав, кинабгIаги протокол хIаларев - жиндиего бокьи бокьунгутIи гурони, рагьарав, бокьараб бакIалда кьурдулев, как балев, тIамур хъвалев, сурат бахъулев, волейбол хIалев, ай щибниги гIадамаздаса батIияб жо президентасул букIунареблъи бихьизабулев чи. Гьел тIабигIаталъго рижун руго батIи-батIияллъун. «МухIу ГIалиев сабаблъун ГIабдулатIиповас къисас босана» - ян хъвалев чиясда нилъ рихьизе ккола я гIорхъолъа арал миллатчагIилъун, ялъуни живго вукIине ккола гьев миллатчилъун.

Щиб сабаблъун босилеб ГIабдулатIиповас къисас? Дида лъалеб, рагIараб бакIалдаса МухIу ГIалиевас ГIабдулатIипов живго президент вугеб мехалда къабулцин гьавун рагIуларо. РакIалда буго 2006 абилеб соналъул 5 абилеб август, ГIабдулатIиповасда 60 сон тIубаялъул юбилей баркизе Гъебгъуда гьесул дачаялде рачIун рукIана гIемерал гьалбал Москваялдаса. Тажикистаналдаса, МахIачхъалаялдаса, Россиялдаса ва цо-цо къватIир улкабаздасацин. Рамазан вукIана Россиялъул Тажикистаналда вугев посол. ЦIалана гьениб Тажикистаналъул президент Имамали Рахмоновасул телеграмма, Россиялъул президент В.Путинил ва гIемерал машгьурал политиказул. ЦохIо барки гьечIеб букIана Дагъистаналъул ХъахIаб рукъ ва МухIу ГIалиев. Гьеб бихьун МухIу какулел чагIицин рукIана хабар ккаралъур, щибгIаги гьедигIан тIаса лъугьине кIолареб квешлъи гьабураб гьеб хIалалъ гIисинлъизеян. Гьеб букIана якъинго бихьулеб МухIул рахъалдаса «къисас» 1993 абилеб соналъул рищиязухъ. Рамазанида баркулецаги баркигун зигара бай гIадаб жо цадахъ гьабулеб букIана 60 сон тIубаялда бан – «мун хIалтIана», « мун вукIана» - ян араб заманалда гьесул рахъалъ бицун. Кисаха гьезда лъалеб букIараб пенсиялде ун анкьго сонидаса гьев «Дагъистаналда политика гьабизе бугин гьав васас» - ин хадур чарал вертолеталги гьарун керен бухизе вачIуневлъи?

ВачIарабго гьесги «къисас» босун рагIула МухIудаса. Жиндихъего гьоболлъухъ ахIун, гьесул юбилей гьабизе указ хъван, рокъов тIаде ун баркун. Дида ккола гьаб «къисас» цебехун жинцаго гьабураб жоялде балагьун жеги захIмалъун батилин МухIуе абун.

БатичIого букIинеги бегьула, гьеб батIияб тема. Яралиев хъулухъалдаса иналда хурхун лезгиязул жамагIатчагIаз кьурал пикрабаца рачана гьаб хIакъикъат рагьиялде. ХIисаб гьабеха, рес бугищ гьал гьоркьорлъабаздаса хадуб «МухIухъ къисас босизе»? Дербент шагьаралда загIипаб нухмалъиги, нухда рачине рес гьечIел шартIалги, азарго роцIцIине кIвечIел масъалабиги рукIин хIисабалде босулеб рагIуларо. ХIисабалда босулеб рагIула цохIо рахъ – Яралиев лезгияв вукIин, МухIугун ГIабдулатIипов аварал рукIин.

Гьаб макъала буго официалияб интернет-ресурсалда гIалимчи, жакъасеб политпространствоялда лезгиязда гьоркьов бищунго рейтинг бугев лезгин Руслан Къурбановас тIибитIизабулеб макъала интернеталда. Гьаб тайпаялъул хъвай-хъвагIаяз цIун руго социалиял сеталги, инормациялъул алаталги. Гьалъ сундул бицунеб бугеб? Гьалъ бицунеб буго, жакъа киназдего гIагарун миллатал руго жидер миллатазул тIалабазда, цохIо аварал хутIун руго халкъазда гьоркьоб вацлъи цIунулел «интернационалисталъун». Гьеб лъикIищ квещали щивав магIарулас биччай жинцаго хIисаб гьабизе ва рес рекъани пикруги загьир гьабизе. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG