МагъчIваялъе рес

ГIабдулатIипов гьечIин абун мухбирал инчIеб сессия


29 январалда МахIачхъалаялда тIобитIана Халкъияб Мажлисалъул сессия. Амма гIемерисел журналистал гьелде инчIо, щайин абуни, республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов вачIине гьечIила гьениве (щибаб къануналъул проекталде тIаде гьарулел интересал жал рукIунила гьесул).

Республикаялъул бетIерасда цадахъго гьеб сессиялда вукIинчIо спикер Хизри ШихсагIидовги, рукIинчIо анцIгоялдаса цIикIкIун депутаталги.

Жалго сессиялда гьоркьор лъурал суалалги рукIана чIамучIал. Гьединлъидал рехселин дагьа-макъабниги чIаголъи бижизабураб цо суал. Депутат ва «Россельхозбанкалъул» нухмалъулев ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадовас данде чIей бихьизабуна бакIал раялъул колледжалъул мина Дагъистаналъул парламенталъе гIоло аукционалда лъолеб букIиналда. Гьедин парламенталъе къваригIун буго тIадеги цо мина – хIукуматалъул минаялда аскIоб бугеб профсоюзазул мина. Профсоюзал рахъинарулел руго бакIал раялъул колледжалъул минаялъуре.

Улкаялда гьадинан финансазул кризис лъугьараб заманалда бегьуларин хасго гьединаб хIукму гьабизейин кIалъана ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадов.

ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадов: «Анлъазарго квадратияб метра кIодолъиялда бугеб ракь лъолеб буго нилъеца аукционалда. Депутатал гьунарогойищ ругел гьанжелъагIан ругеб минаялъур? ГьедигIан цIакъ колледж къваригIун батичони, цониги школалъе щай гьеб бакI кьезе бегьулареб? Анлъазарго квадратияб метра кIодолъиялда бугеб школа базе ккани, кигIан гIарац къваригIунеб? Дица рикIкIуна гьединаб хIукму гьабсагIат гьабун жо кколарилан. Чанго анцI-анцI соналъ гIун букIана гурищ нилъее гьаб мина – хIукуматалъеги, Халкъияб Мажлисалъеги? Гьанже нилъее бакIищ гьаниб къварилъараб?»

Амма кигIан депутат дандечIаниги, вице-спикер Юрий Левицкияс жаваб кьуна гьеб бугин Халкъияб Мажлисалъ цебеккунго гьабун хIадурараб хIукму.

Гьединго гьеб сессиялда «патриотазул» вакил Эдуард Хидировасе къваригIун букIана гьадинаб суал борхизеги. Россиялъул Пачлихъияб Думаялда хIалтIизабула гьеб къагIида. Пуланаб къануналъул проекталъе гьаракь кина-кинал депутатаз кинан кьун бугебали парламенталъул сайталда бихьизабизе. ЭР-хъе щварал баяназда рекъон, гьеб суал «патриотаз» цебего борхулеб букIун буго гьениб, амма гIемерисел депутатал дандечIун руго. Гьединго 29 январалда букIараб сессиялдаги борхугейин гьебин гьарун буго Хидировасда «единороссаз» (спикер Хизри ШихсагIидов Москваялдаса вачIинегIан).

ГIадатлъун лъугьун буго щибаб сессия байбихьулелъул щибаб фракциялдаса депутатал цереги рахъун жидеда лъикIабин ккараб суал борхулеб. Амма гьезул хIасил кколищали лъаларо, щайин абуни нахъисеб сессиялда лъицаниги гьелда тIасан чIванкъотIун баян кьоларо: я тIубанин гьеб суал, яги тIубачIилан.

Гьедин 29 январалда коммунистаз ракIалде щвезабуна советияб заманалда ватIан бокьиялде кьолеб букIараб кIвар, гьанжеги хIажат бугила гьебго тема.

Эдуард Хидировас ракIалде щвезабуна исана республикаялда чанго батIияб даражаялъул рищиял рукIине ругин, гьединлъидал гьадинаб хIужаялде кIвар кьезе лъикIанилан.

Эдуард Хидиров: «Кутакалда хIажат буго гьел рищиязда муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул, бегавуллъиялде кандидатура лъуразул сияхI тIадехун ругел идарабаз малъун гуреб, жибго халкъалъ гьабизе тей».

Гьесда гьединго квеш букIун бугоан Пачалихъияб Думаялъ жидер пикруялъухъ гIинтIамичIолъиги. Жидер инициативаялда рекъон, Халкъияб Мажлисалъ хитIаб гьабун букIанила добе бюллетеназда батIи-батIиял ишараби лъезе риччачIого, цо ккураб ишара лъолеб къагIиа гьабейин. Гурони хасго росабалъ рищиязда хIилла гьабизе рес бугин – дагьа-макъал хъулухъ-ишазда ругел чагIаз гIадамал тIамулин цо хасаб ишараги ургъун жидеего къваригIарал чиясул цIаралда дандбитIун гьеб лъезе. Амма Думаялъ гьелъул сан гьабун гьечIо. Гьединлъидал жал гIарзахъдизе ругин гьениреян чIана Хидиров.

«Единороссазул» вакилги Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректорги МуртазагIали Рабадановас бицана мадугьалихъ ругел республикабазда дандеккун, Дагъистаналда школлъималазулгун студентазул цIали гIодобе ккун букIиналъулги жалго мугIалимзабазулги гьечIин даража.

XS
SM
MD
LG