МагъчIваялъе рес

ХъулухъчагIазул штатал дагьлъизаризе ругин бицунебни буго тIалъиялъ...


Исана лъагIел ахиралде щвелалде Дагъистаналда хъулухъалдаса вахъизехъин вуго 120 хIакимчи. Экономикаялъул ва территориял церетIезариялъул рахъалъ гIуцIараб министерлъиялъул баяназда рекъон, республикаялъул бетIерасул тIадкъай буго лъабго соналда жанив хъулухъалдаса кинавниги ункъазарго хIакимчи эркен гьавизе кколин абураб. Гьелдалъун тIокI гьабизе бегьула 45 млн гъурущ.

Гьел хIукуматалъул хъулухъчагIи дагьлъизабизе кколин абураб бицен Дагъистаналда букIана 2006 соналда МухIу ГIалиев президентлъун вугеб заманалдаго. Гьединго Россиялда гьеб рахъалъ хIалтIи гьабизе байбихьана гьанжеялдаса щуго соналъ цебе. Масала, 2010-2011 соназда тIадкъаялдалъун Россиялда федералиял хъулухъчагIазул къадар дагьлъизабун букIана 20 проценталъ.

Амма Дагъистаналда гьеб рахъалъ иш гIаксалда бугин хъвалеб букIана журналист Эдуард Уразаевас «Чан хъулухъчи хIажат вугев Дагъистаналъе?» ян, 2013 соналда бахъараб жиндирго макъалаялда. Масала, 2000 соналдаса байбихьун 2011 соналде щвезегIан Россиялда гIумру гьабулел гIадамазул къадар дагьлъанила 3 млн чиясдалъун. ХъулухъчагIазул къадарин абуни цIикIкIанила 37 проценталъ. Гьебго заманалда жаниб Дагъистаналда гIумру гьабулел гIадамазул къадар цIикIкIанила 53 проценталъ, хIакимзабазул къадар – 41 проценталъ.

Гьединго гьеб макъалаялда рехсон букIана пачалихъиялги муниципалиялги идарабазда хIалтIулел чагIазул къадарги гIадатиял гIадамазул къадарги. Гьедин Россиялда гIумру гьабулев азарго чиясда тIаде кколев вуго улкаялъул II хъулухъчи. Дагъистаналда - 7, Кабардагун Балкариялда – I0, Чачаналда – 9 хъулухъчи.

Гьедин Россиялда цебегоялдаса нахъе борхулеб суал бугин, хъулухъчагIазул къадар дагь гьабиялдалъун бюджеталъул гIарац тIокI гьабизе кколилан, амма гьеб бицадаго хутIулеб бугин абуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялдаса экономист ТIайгиб Мусаевас.

ТIайгиб Мусаев: «Дагъистаналда цо-цо идараби руго цоцазул хIалтIи такрар гьабулел. Гьенир хIалтIулел хIакимзаби нахъе ритIизе ратани, цин гьадал идарабазул инвентаризация гьабизе ккола, гьез цоцазул хIалтIи такрар гьабулеб бугони, хIажалъи гьечIел хъулухъал къазе бегьула.

Россиялда гьединаб программаялъул бицунеб буго ахираб анцIго соналъ. Бицунеб буго пачалихъияб гIарац тIокI гьабизе кколилан. Амма цебехун билълъунеб жо гьечIо. ГIаксалда, хIакимзаби гIемерлъулел руго.

Кин букIаниги, экономия гьабичIого рорчIуларо. Щайин абуни, Дагъистаналъе биччалеб гIарцудаса 2 млн гъурущ тIаса къотIулеб бугелъул.

Министерлъабазда гуребги, мухъазул администрацияздаги гьабизе ккола гIадлу. Гьенирги гIемер руго гьел хIакимзаби.

ГIемер руго республикаялда чIахIиял министерлъаби, жидер хIалтIул хIасил бихьуларел. Масала, экономикаялъул. Гьез гьабулеб анализ яги цогидаб цIех-рех бихьулеб гьечIо».

Республикаялда цо-цоязул щаклъи бижулеб буго гьеб хIалтIи рагIалде бахъине букIиналда. Амма федералияб централъ кьураб тIадкъай батани, гьеб гьабичIого тезе рес букIунарин рикIкIунеб буго Разият НурмухIамадовалъ. Гьей ккола жамгIияй хIаракатчIужу ва МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъалде кандидатура лъун букIарай дагъистанияй.

Разият НурмухIамадова: «Узухъда, гьениб цо гьадинаб жо букIинеги рес буго. Масала, пачалихъиял хъулухъчагIи нахъе ритIизе кколел ругилан, тIалъиялда ругез хъулухъаздаса эркен гьаризе бегьула жидеего данде кколарел чагIи. Яги къан цо кинаб букIаниги идарагун, дагьалъ чIун рагьизе бегьула цогидаб идара, батIияб цIарги лъун.

Гьединго пачалихъиял хъулухъчагIи нахъе ритIулел гьечIолъи бихьулеб бугони жамгIиятги буцIцIухIун чIезе бегьуларо. Зама-заманалдасан тIалъиялда ракIалде щвезабизе ккола нужеца абун букIинчIищин пачалихъалъул гIарац тIокI гьабизелъун хъулухъчагIи нахъе ритIизе кколилан. Щибин долъул кколеб бугебилан суалал кьезе ккола зама-заманалдасан».

XS
SM
MD
LG