МагъчIваялъе рес

ГIахьвахъ хIалтIудаса рехун вуго 144 школалъул хIалтIухъан


Исана Дагъистаналъул ГIахьвахъ мухъалъул росабазул мактабазул 144 хIалтIухъан эркен гьавун вуго. Гьелъие гIиллалъунги рехсолеб буго мухъалъул бюджеталда гьезие кьезе гIарац гьечIолъи. ГIахьвахъ мухъалъул администрациялъул пикруялда къан руго хIажат гьечIел хIалтIул бакIал.

«2014 соналда жаниб ГIахьвахъ мухъалъул росабазул мактабаздаса 144 хIалтIухъан хIалтIудаса эркен гьавуна. Гьелъие гIиллалъунги рехсолеб буго бюджеталда гIарцул къварилъи лъугьун букIин. Гьебго заманалдайин абуни, ай октябралъул байбихьуда Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалда гьоркьоб лъун букIана мугIалимзабазе харжал цIикIкIинариялъул суал. Кинго бичIчIуларо, хIалтIухъабиги нахъе ритIунищ харжал цIикIкIинарулел ругелали». Гьадин хъвалеб буго ГIахьвахъ мухъалъул Изано росулъа МухIамадов ГIабдулаца республикаялъул бетIерасде гьабураб хитIабалда.

ХIакъикъаталдаги, дагьаб цебегIан хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда республикаялъул бетIерас лъазабун букIана мугIалимзабазе ва тохтурзабазе 25-гIанасеб проценталъ харжал цIикIкIинаризе кIванилан. Амма цогидалги нахъе ритIунищ гьел цIикIкIинаруралали гьениб рехсей гьабичIо. Гьединлъидал, хIукму ккана хIакъикъаталдаги ГIахьвахъ мухъалдаса МухIамадов ГIабдулаца балеб «ахIи» битIараб бугищали цIех-рех гьабизе ва битIараб батани, щиб гIиллаялдалъун мугIалимзаби хIалтIудаса эркен гьаруралали баян гьабизе.

ТIоцебесеб иргаялда, нижеца бухьен ккуна республикаялъул бетIерасде хитIаб гьабурав МухIамадов ГIабдулалгун ва гьес бицана гьеб хабар уяб бугин, гьелъул хIакъалъулъ мухъалъул газеталда бахъараб баянги бугин.

МухIамадов ГIабдула: «Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго гIарац гьечIолъи ва финансазул министерлъиялдаса бачIараб кагъат босун буго кьучIалъеги. Дун вукIана мактабалда тарбиячилъун. Дун гIодов чIун вугоха гьабсагIаталда хIалтIиги гьечIого. Гьединго хIалтIудаса нахъе гьаюна пионеразул вожатая, социалияй педагог. Мухъалъул администрациялъ хъван буго гIарац гьечIолъиялда бан 144 хIалтIухъан эркен гьавунилан».

МухIамадов ГIабдулаца бицухъе, гьес жив мекъи хIалтIудаса вахъун вугиланги абун диваналде гIарза хъван букIун буго. Амма гьенив гьев къун вуго.

Гьеб лъугьа-бахъиналъе къимат кьолаго республикаялъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщелчагIазул идараялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадица бицана мактабалъул федералиял стандартазда гьоркьоре унел дарсал кьолел мугIалимзабазул штатал къазе изну букIунарила. Мухъалъул администрациялда кIолила стандартазде гьоркьоре унарел, бакIалъулаб бюджеталдаса харж щолел, масала, социалияв педагогасул, вожатиясул, психологасул ва тарбиячагIазул штатал къазе.

Кин батаниги, гьадингоги хIалтIи гьечIезул кьерал цIикIкIараб Дагъистаналда гьединаб иш гьабиялъе гIилла лъазабиялъул мурадалда бухьен ккуна ГIахьвахъ мухъалъул лъай кьеялъул идараялъулгун. ЦIар рехсезе бокьичIев лъай кьеялъул идараялъул жавабияв хIалтIухъанас гьеб хIужа ритIухъ гьабуна ва абуна жидеда бараб жо гьениб щибго гьечIила. Гьеб бугила мухъалъул администрациялъ гьабураб хIукму. Гьединго, рехсараб мухъалъул лъай кьеялъул идараялда бицухъе, диваналъул хIукмуялдалъун цо-цоял хIалтIуде тIадруссинарунги рагIула.

МухIканлъи цIехон кIалъана ГIахьвахъ мухъалъул администрациялдеги. Гьеб мухъалъул бетIер хисулев Муслимов ХасмухIамадица бицухъе, хIукуматалъул хIукмуялда рекъон къан рагIула къаси-къаси цIали гьабулебин хъвай-хъвагIай гьабураб мактаб. Гьединго, щибаб мактабалъул ва яслиязул нухмалъулел кколел рагIула гьеб бакIазул жавабияллъун. Гьезул щибалъул батIа-батIаго бугила жидерго бухгалтерияги.

Муслимов ХасмухIамад: «Мактабал хIебтIизе харжалъе, мухьалъе гIарац кьола республикаялъул бюджеталдасан, субвенция хIисабалда. Гьеб гIарацги кьола щибаб соналъ щибаб мактабалъ, лъай кьеялъул идараялъ кьураб хIисабалда рекъон. Исана бюджет тасдикъ гьабулеб мехалда ГIахьвахъ районалъе бихьизабун буго республикаялъул бюджеталдаса кьезе, ай аслияб лъай кьеялъул программа тIубазе 132 миллионгун 607 азарго гъурущ. Гъоркьисала букIана 136 миллионгун 506 азарго гъурущ. Нижецаги, ай администрациялъ гьелда рекъон щибаб мактабалъе жидеего кколеб гIарац кьуна пачалихъияб стандарталда рекъон. Гьеб заманалда тIаде кьезе цоги гIарац гьечIеб мехалда къватIибе рехун бачIун батила мактабазда ругел хIажат гьечIел штатал. Администрациялъ цониги мугIалим вахъуларо хIалтIудаса, гьединго хIалтIудаги толаро, гьев вахъизеги тезеги ихтиярги букIунаро. Гьеб буго щибаб мактабалъул администрациялъул иш».

Муслимов ХасмухIамадица бицухъе, ГIахьвахъ районалъул администрациялъе республикаялъул бюджеталдасан, дотация хIисабалда, 2013 соналъ кьун букIун буго 109 миллион гъурущ. Исана кьезе бихьизабун рагIула 65 миллион гъурущ.

Муслимов ХасмухIамад: «Цебе-цебе, къануналда бихьизабун гьечIониги, мактабазе гIарац биччалаан администрациялде бачIаралдасаги. Нижеца гIарац харжазе кьезе бегьулароха, нижеца кьезе ккола ремонталъе, тIурччи-цIулалъе ва цогидалги магIишатиял ишазе. 109 миллион букIараб бакIалда 65 миллион хутIараб мехалда нижеца, ай администрациялъ цогидалги идараби хIебтIизе ккеларищ. Гьелдалъун добе-гьанибе кьезе гIарац хутIичIо».

ПалхIасил, республикаялъул бюджет мукъсанлъун букIиналда бан, цебе гIадин гуреб, гьанже дагьаб рачел къазе кколеб рагIула. Амма гьеб рахъалъ щиб хIалха бугел цо-цо цогидал мухъазда. Масала, Хунзахъ мухъалда. Гьеб мухъалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев ГIумаров Залумханица бицухъе, гьенибги беццисеб хIалалда иш рагIуларо. Амма цо-цо мугIалимзабазе рихьизарурал сагIтазул къадар дагьлъаниги цониги чи хутIичIила хIалтIи гьечIого.

ГIумаров Залумхан: «Нижееги гIолеб гьечIо гIарац. Амма мухъалъул бетIерасул хIаракаталдалъун харжазул къварилъи ккезе течIо, гъоркьисала рукIарал налъабиги рецIана».

Гьединабго хIал бугониги, щиб рес батунги хIалтIухъаби нахъе ритIичIого гьел цIунизе нижецаги кIвараб хIаракат бахъулеб бугин бицана ЛъаратIа мухъалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев Мажидов Сулейманицаги.

Мажидов Сулейман: «Пачалихъияб стандарталда рекъон харжалъе кьолеб гIарац дагьаб буго. Гьелъул хIасилалда гъоркьисалаги цо-цо хIалтIухъабазул къадар дагь гьабизе ккана. Амма ургъунго администрациялъ букIа, лъай кьеялъул идараялъ букIа хIалтIухъаби нахъе ритIуларо. Щибаб мактабалда цIалулел цIалдохъабазул къадаралда рекъон гьабулелъул гIарцул хIиса-суалги, мактабазул нухмалъулез жидецаго рекъезабулеб батилаха гьеб суал. Нижер росабалъ руго кIиго лъимер цIалулебцин мактабал. Гьелцин къалел гьечIо. Гьединал мактабалги руго 20-ялдаса цIикIкIун. Масала, психологасул ишал тIуразарула классалъул нухмалъулес батаниги, гIуцIарухъанас батаниги. Кабинетал руго гIарацги кьун, амма хIалтIуларел. Гьединалго лабораториял руго. Гьединлъидал администрациялъги ресал ралагьулел руго хIажатал тун, хIажатал гурел къаялъе».

ХIасил гьабун абуни, бихьулеб букIахъе, мактабазда гIезегIан ратулел руго щибго пайда гьечIелги штатал ва гьел къайги битIараблъун рикIкIунеб буго нижергун гара-чIвари гьабуразул гIемерисез. Амма нахъе ритIаразда щиб гьабизе бугебин абураб суал хутIулеб буго жаваб щвезе захIматаблъун.

XS
SM
MD
LG