МагъчIваялъе рес

ХъулухъчагIазе харжал дагьлъизаризе рес буго


Дагъистаналъул хъулухъчагIазул харжал тIаса къотIизе, Шамил имамасул наиб ХIажимурадил гвангвара Петербургалъул кунсткамераялдаса нахъе тIалаб гьабизеги ва рищиязул бюллетеназда хиса-басиял гьаризе абурал ва цоги суалал рорхулел рукIана 12 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб Дагъистаналуъл Халкъияб Мажлисалъул иргадулаб сессиялда.

Пачалихъиял хъулухъчагIазе харжазе кьолеб гIарцуда тIасан 180 млн гъурущ къотIизе хIукму гьабуна гьениб ХIисаб гьабулеб палатаялъ. Гьелъие гIиллалъун кколеб рагIула улкаялда финансазулгун экономикаялъул кризис лъугьин. Гьелда бан депутатаз разилъи кьуна 2015-2017 соназул бюджеталда хиса-басиял гьаризе.

Коммунистазул вакил МахIмуд МахIмудовас абулеб букIана хъулухъчагIазе харжал тIаса къунцIичIониги, цойги нухги бугин гьениб. Масала, бечедал чагIаздаса магъало цIикIкIун бахъиялдалъун «лъавуде бачIинабизе» бегьулин бюджет. Амма гьеб суал кIвар кьечIого тана депутатаз.

Коммунистазулго дандечIей букIана муниципалиял рищиязда хIалтIизарулел бюллетеназда «киназдаго данде гьаракь кьолеб бокIон» нахъе бахъизе кколин абураб проекталдаги. Дагъистаналда гьеб бокIоналъул (графа: против всех) хIажалъи гьечIин, халкъалъ гIаммаб куцалда рищиязе бойкот лъазабураб хIужаби ккечIелъулин баян кьуна гьелъие сессиялда.

Амма коммунист МахIмуд МахIмудовас гьадин абуна.

МахIмуд МахIмудов: «Халкъалъ гIаммаб куцалда рищиязе бойкот лъазабураб хIужаби ккечIин Дагъистаналдаян абулеб буго нужеца. Сон-жакъа ккечIониги, мете-метер ккезе бегьула гьаниб гьединаб хIужа. Нагагь жидее данде кколареб цониги партия яги чи ватани сияхIалда, гIадамаз щиб гьабизе кколеб?»

Амма гьанже рищиязда гIезегIан батIи-батIиял партиялги гIадамалги рукIунин гIахьаллъулел, гьединлъидал гьезул цонигиявгIаги данде ккечIого хутIуларин халкъалъеян жаваб кьуна гьеб проект цебе лъурав «Единая Россия» партиялъул вакилас коммунистазе. ТIоцебесеб цIалиялда гьебги къабул гьабуна.

Хадуб депутатаз бицана божилъи хвеялда бан хъулухъчи хIалтIудаса нахъе рехиялда бан хIадурараб къануналъул проекталъул. Хъулухъчиясе яги гьесул лъадуе моцIрое щолеб хайир балъго гьаби лъугьине бегьула гьелъие аслияб гIиллалъун. Амма гьебги хIалае ккун тIадчагIазе данде кколарев бокьарав чи хъулухъалдаса рехизе рес бугилан абуна коммунистаз.

Гьединго сессиялда партиязул фракцияз гьарулел кIалъаязул бицани, жидеего цIар-реццалъейищ, яги унголъунги Шамилил наибасда хадуб ракIхунищали, Петербургалда Кунст-Камераялда бугеб ХIажимурадил гвангвара тIадбуссинабизе ккелин суал лъуна «патриотаз» гьаб нухалда. Лъалеб букIахъе, гьеб гвангвара пачалихъалъул буголъилъун рикIкIунеб бугогьабсагIаталда. Гьединлъидал нахъеги кьолеб гьечIо, кигIан тIалаб гьабулеб букIаниги. Масала, Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вукIаго ХIажимурад ГIумаровасги цогидазги борхун букIана гьеб суал.

ХIажимурадил къаркъала букъун буго нухаялда (Азербайжаналда). Нагагьлъун наибасул гвангвара нахъе щвани, наибасул ракьцоял, хундерил жамагIаталда ракIалда буго гьев инсул ватIаналда, Хунзахъ вукъизе. Амма Дагъистаналъул диниял цо-цо церехъабаз абулеб буго гвангвара букъизе кколин къаркъалаялда аскIоб. Исламалда рекъон, букъараб бакIалъа къаркъала нахъе босула гIицIго гьеб бакIалда гьеб хобалъе хIинкъи букIунеб бугони. Гьединаб хIинкъийин абуни гьечIин рикIкIуна Дагъистаналда цо-цо бусурбабаз.

Нухаялда чIварав наибасул бетIер къаркъалаялдаса батIалъизабун буго гьесул тушман ХIажиагъаца. Цинги Тифлисалда базаралда бичулеб батун босула гиназ Воронцовас гьеб Москваялде битIула.

ПалхIасил, 12 марталда Дагъистаналъул парламенталда «патриотазул» вакил МухIамадхан ГIарациловас гьеб гвангвараялъул суал борхидал, депутатазул цонигияс тIасанкIалъай гьабичIо.

Коммунистазул вакил МахIмуд МахIмудовас бицана Дагъистаналда ракьул суал бугин цойиде ккезабизе къваригIун. Гьеб мехалда залалда гIодов чIарав росдал магIишаталъул министр БатIал БатIаловасе гьелъул ургъелгицин букIинчIин, аскIов вугесулгун накъиталда вугоанин гьевилан бадибчIвай гьабуна спикер Хизри ШихсагIидовас.

XS
SM
MD
LG