МагъчIваялъе рес

Полициялъул къадар дагьлъила Россиялда


Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъуна улкаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабазул къадар дагьлъизабиялда хурхараб амруялда гъоркь.

Официалияб баяналда рекъон жанисел ищазул идарабазда гьанжеялдаса хутIила миллион гIанасев хIалтIухъан. 110 000 хъулухъчи хIалтIудаса махIрум гьавизехъин вуго.

Гьединго дагьлъизабун буго жанисел ишазул министерлъиялъул бюджет. Министр хисулев Игорь Зубовас лъазабуна полициялъул хасал хъулухъчагIазул, жанисел аскаразул ва Крымалда ругел низам цIунулезул къадар дагьлъизабизе гьечIин.

XS
SM
MD
LG