МагъчIваялъе рес

Депутатаз ахIи бана хIакимзаби дагьлъизаризеги анонимазе нухал къазеги


​28 маялда тIобитIараб Дагъистаналъул парламенталъул сессиялда «Россиялъул патриотал» партиялъул вакил Эдуард Хидиров кIалъана пачалихъиял хъулухъчагIи дагьлъизабизе кколилан.

ГIадамал хIисабалда жиндир кинабгIаги тIадкIалъай гьечIин Дагъистаналъул хIакимзабаздехун, амма пачалихъиял гIарац пасат гьабичIого букIине, нилъеца хъулухъчагIазул кьералги къокъ гьаризе кколин, цIиял технологияздаса пайдаги босизе кколин абуна гьес. Масала, Дагъистаналъул хIукуматалда вугев микьго вице-премьер щибизе къваригIунев чийила. Ункъояв гIунги тIокI вугила. Гьединго республикаялъул бетIерасул администрациялдаги гьаризе кколила хиса-басиял. 21 гIасруялда гIумру гьабулел рукIаниги, жеги нилъ ругьунлъун гьечIила кинабго документация электроннияб къагIидаялде бачине.

Эдуард Хидиров: «Нижеда лъикIаблъун бихьула федералияб цебетIеялъул рахъалъ гIуцIараб жанисеб политикаялъул БутIаги Пачалихъиял шапакъатал кьолеб БутIаги цолъизабизе. Гьединго гьабсагIаталда республикаялда ругел идарабазул 30 процент цоцалъ журазаризе, яги къазе. Масала, росдал магIишаталъул министерлъи цолъизабизе бегьула экологиялъулгун тIабигIат цIуниялъул министерлъигун ва рохьил магIишаталъул агентлъигун. Экономикаялъул министерлъиялда тIадкъазе бегьула пачалихъиял хIажалъабазе къайи босулеб комитет. Гьединго юстициялъул министерлъиялъулги республикаялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Ихтияразулаб БутIаялъулги буго цоцада релълъараб хIалтIи. Гьединго кризисалъул заманалда гIумру гьабулел чагIи хIисабалда нилъеца никар гьабизе ккола яги дагь гьаризе ккола пачалихъалъул гIарцуде машинаби росиги».

Эдуард Хидировас гьебщинаб жо бицунеб мехалда залалда гIодор чIарал депутатазулги тIаде рачIаразулги хъуй букIана бахъун, амма гьев мекъи вугин яги витIарав вугин абулев чи вахъинчIо.

«Правое дело» партиялъул цIаралдасан кIалъарав МухIамад Шабановас борхана анонимаз интернеталдасан хъвалел чорокал макъалабазул суал. Гьел хъвалел ругила республикаялъул бетIерасдаги, ректораздаги, депутатаздаги тIасан. Амма къанун цIунулез гьелъул сан щайила гьабуларебан суал лъуна Шабановас.

МухIамад Шабанов: «Гьел чорокал жал хъвалел чагIи щай нилъеца ралагьуларел? Гьезул гьел жал рахъулел сайтал щай къаларел? БитIараб хъвалеб бугониги, батIияб иш бугоан. Амма хIакъикъаталда гьезего гьечIел хIужабазул хъвалеб бугони, гьелъие ахир лъезе ккола».

Коммунистазул вакил МахIмуд МахIмудовас кIвар буссинабуна магъалодул роцен цIикIкIинабиялъ Дагъистаналъул бизнесчагIи рахчун хIалтIизе рукIиналде. Гьедин ахираб лъабго соналда жанир бизнесчагIи дагьлъанила 25 азарго даранчиясдалъун. Гьединлъидал цере рукIарал роцаби тIадруссинаризе кколин ахIи бана коммунистас.

«Единая Россиялъул» вакил АхIмад Изиловас бицана пачалихъиял азарханабазда дараби жалго унтаразда росизарулел ратанила. Хадуб азарханабазул тохтурзабаз гьел дараби жидецаго росараллъунги рихьизарун, пачалихъалда рецIизарулел ругила гьел.

Сундул бицунелин нилъ ругелин тIаде жубана спикер Хизри ШихсагIидовас, гьалейила, гьабсагIаталда дарабазул бицунеб мехалда гьезда тIасан суал кьезе сахлъи цIуниялъул министргицин сессиялде вачIунареб мехалда. Гьесдаго релълъун цогидалги ругила рачIинчIого чIун. Республикаялъул бетIер вачIинчIониги, гIемерисел рачIинчIого чIолин сессиялде, гьединго батилин жакъагийин щурщур бахъана журналистазда гьоркьоб.

Гьединго чIагояб кIалъай ккана гIолилал тIадегIанал пачалихъиял хъулухъазде росиялда бан бахъараб къануналъул проект гьоркьоб лъедалги. Гьенире гьел росизе ккани, пачалихъияб хъулухъалда хIалтIун лъабго сонил хIалбихьи букIине кколеб буго. Гьеб мехалда коммунистаз абуна советияб заманалда лъикIаб хIалбихьи букIанин гьеб рахъалъ. Бокьараб бакIалда бищун лъикI хIалтIарав гIолилав лъолаанин вачун цо кIудияб хъулухъалда. Жидецаги гьеб проект советияб заманалъул къануналда релълъун ургъанин жаваб кьуна сессиялда цебе гьеб проект лъурав депутат Фикрет Ражабовас.

XS
SM
MD
LG