МагъчIваялъе рес

БакIалъулал нухмалъулел рищизе руго депутатаз


16 сентябралда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда къабул гьабуна муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел халкъалъ гурел, депутатаз рищиялда хурхун бахъараб къанун.

Гьелда данде чIун гьаракь кьуна анлъго чияс. Журналистазда гъорлъ йикIарай коммунистазул партиялдаса гIадан йикIана малъарулей гьел дандечIарал чагIи коммунистал ругин хъвайила нужеца. Жинда якъинго лъалила гьел коммунистал рукIин. Амма щал гьел ратаниги, цеве вахъун щивниги кIалъачIо. Щайин абуни спикер Хизри ШихсагIидовас цебеккунго лъазабуна гьаб бугин кIиабилеб цIали, гьединлъидал проекталда тIасан нужеца пикраби цебесеб данделъиялдаги рицун рукIанин, гьанжесалъги такрарлъугейилан.

Гьебго суал Дагъистаналъул парламенталъ 10 сентябралдаги гьоркьоб лъун букIана. Гьедин анкь гьоркьоб индал хъата-масан тIобитIана кIиабилебги сессия. Парламенталъул сессиялин абуни тIоритIула моцI гьоркьоб ккун.

Доб мехалда гьеб къануналъул проекталда дандечIун кIалъан рукIана парламенталда ругел коммунистал - МухIамад МухIамадовги МахIмуд МахIмудовги.

Гьелдасаги квешаб къанун нилъеца Дагъистаналъул бетIер депутатаз вищиялда хурхун къабул гьабунин, гьединлъидал нилъ дагь-дагьккун эхерехун гирулел ва демократиялдаса рикIкIалъулел ругин абун букIана гьез. Жидерго мухъалъе нухмалъулев вищизе кIвеларин цо пуланав чиясдайин абураб пикру щайила нилъер букIине кколеб?

Коммунистазул пикруялда рекъон, референдум гьабизе кколаан, нужеца кинаб къагIида тIаса бищилеб абун суалги лъун.

16 сентябралда сессиялда вукIинчIо Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов. Амма 10 сентябралда тIобитIулеб сессиялда гьес бичIчIизабун букIана жиндие кьураб ихтияралдаса пайда босизе халкъалда кIвечIолъи.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьединго сунде ккезарурал нилъеца нилъерго жамагIатал? Гьел жамагIатаз гурищ нилъер киналго суалал рукIалиде рачунел рукIарал? Нилъеца кесказде рикь-рикьана гьел. Рищиязда бергьинелъун вацас вац чIваялде ккезабуна иш. Гьединлъидал жакъа нилъеда цебе чIараб масъала буго улкаялъул батаниги, республикаялъул яги жамагIаталлъул даражаялда батаниги, нилъерго жамгIият данде бакIаризе къваригIин. ЖамагIатги, жамгIиятги, республикаги гIадлу гьечIеб бугони, халкъалъул ихтияразул бицунги жо кколаро».

Учкент росулъ гIумру гьабулей ГIалимирзаева ПатIиматица рикIкIунеб буго депутатазухъе ихтияр кьей мекъаб бугин.

ГIалимирзаева ПатIимат: «Гъол (депутатал) ричун росизе рес буго. Нужецаго хIисаб гьабеха, тIолалго гIадамазе лъикIаб бицинейищ бигьа бугеб, яги 10-15 депутатсе бицинейищ? 50 процент гьезул ричун росани, лъугIана гъоба иш. Дида гьикъулеб букIарабани, лъагIалидасан дица цIахIан рахъилаан хIалтIун баажаруларел чагIи. Чо чанго чи резервалдаги телаан, бакI хисизе. Гьеб гьанжелъагIанги гьединго гурищ букIараб, депутатаз рищулеб къагIида. Цо гьоркьоблъиялда халкъалъги рищун, цIидасан гьезухъе тIадбуссун бугоха ихтияр. Халкъалда цIехолеб жоги гьечIо».

Гьедин депутатаз нухмалъулев вищулеб къагIида жидер доба гьанжеялде щвезегIанги букIанин бицана ЭР-ялъе ЛъаратIа мухъалдаса чияс.

Парламенталъул депутатазул пикруялда рекъон, гьеб къабул гьабураб къануналъ рес кьезе буго цере рата-ратарал чагIи тIалъиялде ккунгутIизе. Амма жакъа къоялда депутаталлъун гIадамал рищулеб къагIидаялъухъ балагьун, гьединал чагIи тIалъиялде гьединисанги кколин рикIкIунеб буго ГьоцIалъа ХIасанова ГIайшатица.

ХIасанова ГIайшат: «Гьедин гьабуниги жидеего бокьарал чагIи ккезарула нухмалъиялде, додин гьабуниги уна гьел гьенире. Халкъалдаса балъаго-гIатIго жидеего къваригIарав чи ккезавулев вихьуларищ дове, я хIалтIизе бажариялъухъ, я лъаялъухъ балагьичIого. Масала, депутаталинги абун нижер гьанир тун руго цере ккара-ккарал чагIи, кепкил багьа я росдае, я лъиениги гьечIел. Цинги гьединал чагIаздасан дове тIадехун вищуелв чиги гьезда релъарав вукIинарищха. Цебе букIунаан авалалдасан, мугIалимзабазда гьоркьосан, хIалтIухъабазда гьоркьосан, партиялда ругезда гьоркьосан рищулел чагIи. Гьанже эб гьечIоха, хIама кьололелги кьили бахъулелгищинал чагIи рукIунаха жал депутатал ригиланги абун».

Жидеца гьабураб хIукму битIараб бугилан халкъалда бичIчIизабизе росабалъегун шагьаразде хьвадизе байбихьун буго Халкъияб Мажлисалъул депутатаз.

XS
SM
MD
LG