МагъчIваялъе рес

Р.ГIабдулатIипов: Дида дунго Дагъистаналъул цIумлъун вихьулев гьечIо


Гимн биччазегlан балагьун чlарал парламенталъул депутатал, 29Май2014
Гимн биччазегlан балагьун чlарал парламенталъул депутатал, 29Май2014

Дагъистаналъул депутатазе аттестация гьабизе буго Сессия байбихьилалде. Россиялъулги Дагъистаналъулги гимнал ахIулеб гIадат баккун буго Халкъияб Мажлисалда.

Амма 29 маялда техникияб гIиллаялдалъун гимнал риччан бажаричIо. ГIезегIан мехалъ рахъун чIун депутаталги хутIана. Гьеб мехалда спикер хисулев Юрий Левицкий чIана гьайила, гьедин батани гимназухъги гIенеккичIого байбихьилила сессия. Депутатал республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанихъ ралагьана. Гимнал риччачIого сессия байбихьизе жив рази гьечIин чIана гьев. Гьеб мехалда чара къосун, цоцахъ ралагьун, цоцазул гIинде жал щуризе лъугьана депутатал. Цинги трибунаялда аскIове векерун вачIана Гъизилюрт мухъалъул администрациялъул бетIер ва депутат ШагIбанов МухIамад. Кодоб ккураб планшеталдасан биччараб Россиялъул гимн микрофоналда цебе ккуна гьес. Гьеб жо гьабизе ШагIбанов рекIеда ватилалде депутаталги сессиялде рачIарал цогидал чагIиги рукIана махсара гьабулел техника хIалтIичIониги щибдила, нилъецаго ахIизе бугила.

ПалхIасил, бихьулеб букIана гьеб хIужаялъ ГIабдулатIиповасул рахIатхвезабураблъи. Политикиял гъалатIал риччазе бегьуларин, гербалдеги гимналдеги кутакалда кIвар кьезе кколин абуна гьес. Гьединго спикерасул бакIалда жинца гьеб параялъго хъулухъалдаса вахъилаанин техникаялъул гIайиб тIаде кколев хIалтIухъан.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьаб гIагараб заманалда жаниб Россиялъул гимналъул рагIаби лъалеб бугищали аттестация гьабизе буго нижее киназего. Гьединго къваригIун буго Дагъистаналъул гимналда тIадги хIалтIизе. Унго-унгояб Дагъистаналъул рухI-махIги букIине ккола гьелда. БитIараб бицани, гьелъул бакIалдайин абуни, Дагъистаналъул гимналъухъ гIенеккаравго дида цере чIолел руго Дагъистаналъул росабалъа, дора-аниса рачIунел гIарзазул кагътал. Дагъистаналъул герб тасдикъ гьабулеб мехалда гьениб бахъараб цIумги бихьун, депутат Суракъат Асиятиловас абун букIана жив жиндаго Дагъистаналъул цIумлъун вихьулев гьечIилан. Дицаги абулеб буго гьеб гимналъухъ гIенеккаравго дида дунго Дагъистаналъул цIумлъун вихьулев гьечIо».

Гьаниб абизе ккола гьал къоязда фейсбукалда тIибитIизабун буго Дагъистаналъул гимн хвалилаб бакъаналда релълъун бугин, чара гьечIого хисизабизе кколин гьебилан Рамазан ГIабдулатIиповас Халкъияб мажлисалъе кьураб буюрухъ. Композитор Чаллаевас хъвараб гьеб гимналъул бакъан гурони, рагIаби гьечIо. ГIабдулатIиповасда лъикIаблъун бихьулеб буго Кажлаевасул бакъаналда, ХIамзатил Расулил рагIабазда ахIулеб, Дагъистаналъул цебего букIараб гимн цIи гьабизе.

Жибго Дагъистанги жакъасеб Россиялдаса батIа кIанцIун чIараб гIадин хутIун бугилан абулаго, ГIабдулатIиповас рехсана Россиялъул регионалияб министерлъиялъул коллегиялда жинца гьабураб кIалъай. Крым Россиялъул квенчIелалъубе жибго бортун щай бачIарабали бичIчIичIищин гьикъанила жинца дозда. Щайгурелъул Крым Украинагун дармилал, культуриял ва цогидал бухьеназдалъун цоцалъ жубан букIинчIин. Гьебго жо бугила Дагъистаналъулги. Жакъа къоялда Россиялъул цониги регионалъулгун щвалде щвараб экономикияб, культурияб проект гьечIила Дагъистаналъул.

Жакъа Дагъистаналъул жиндирго къайи-цIаги брендги букIине ккеялъулги абуна республикаялъул нухмалъулес. ЛъикIаб ракьги, гьава-бакъги бугеб бакIалда, Дагъистаналдаги гIезаричIого, помидорал ГIизраилалдаса, гIеч Аргентинаялдаса, ражи Китаялдаса бачIунеб буго республикаялде. Гьанир ругелниги нигIматалги къайи-цIаги бихьизабулеб хасаб гIаламат ургъейин чанго моцIалъ цебего дармил министерлъиялъе ГIабдулатIиповас кьураб тIадкъаялъулги хIасил ккун батичIо. Жинцаго бахъизеги бахъун кьун букIанин доб гIаламат, щибин гьелъул ккарабин гьикъидал, гьелда тIад ургъулел ругин жаваб кьуна министр Юсуп ГIумавовас сессиялда.

Рамазан ГIабдулатIипов: «АнцIго къоялдасан нужеца гьеб суал тIубачIони, дица гьеб дур костюмалда тIад чIегIераб релъеналъ бахъила доб дармил гIаламат».

Дармил министрасда гуребги, депутатаздегун бакIалъул администрациязул нухмалъулездаги, тIабигIат цIунулездаги, цогидаздаги щвана гьеб сессиялда «ганчIал». Масала, бакIалъул нухмалъулез кIвар кьолеб гьечIо букIине кколеб куцалда жиде-жидер бакIазда ракьул магъалаби ракIариялде. КIиго проценталъ гурони гьел ракIаричIел бакIалги руго. Гьединго депутат Камил Давдиевас кIвар буссинабуна Дагъистаналда карьеразулги, кирпич къотIулел заводазулги бетIергьабаз ва цогидаз экология чороклъизабулеб букIиналде. Гьедин онкологиялъул рахъалъ республика цебесеб кьерда буго. Гьелда бан Рамазан ГIабдулатIиповас абуна Дагъистаналда тIабигIаталъул тушбаби бищун цере тIабигIат цIунулеб министерлъиялъулги гьезулго прокуратураги бугилан.
XS
SM
MD
LG