МагъчIваялъе рес

ЦIияб цIалул сон: роххиялъе багьанаби дагьал руго...


ЦIалул сон байбихьилалде улбузул аслияб иш буго лъимал школалде рачиналде хIажаталдалъун хьезари. Школалде рачиналде лъималазе ретIел-хьит ва цогидаб хIажатаб къайи боси исана цIакъго бакIлъулеб бугилан абулеб буго улбуз, араб соналде данде ккун багьаби кIиго нухалъ рахун ругилан абулеб буго жалго ричарухъабазги.

Школалде рачине хутIараб моцI цIалдохъабазул улбузул бищун гIемер харжал рахъулеб кколеб буго. ГIемерисел гIадамаз баян гьабухъе, цIалул соналде лъимер хIадуризе гIарац цебеккунго бакIарулеб буго, щайгурелъул гIицIго ретIел-хьит гуребги школалде иналде тIахьалги росе кколел рукIиналъ. МахIачхъалаялдаса Гульнара Ибрагьимовалъ «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабухъе, тетрадал, ручка-къалаб боси гуребги школалде бакIарулила гIарац тIахьал росизе ва школалда тарал цIуна-къаялъул гIуцIабазул хIалтIухъабазе кьезе.

Ахираб моцIида жаниб базаразда цIакъго баханин багьаби, гьеб хурхараб бугин доллар хиралъиялдайилан абулеб буго ричарухъабазги. Масала, васасе школалде иналде ретIине босулеб хъахIаб гордеялъул гьоркьохъеб багьа кколеб буго 1300 гъурущ, араб соналъ гьединал гордал рукIанин 900 гъурщидегийилан абулеб буго йичарухъаналъ. Ясазе ретIел дагьабги хира чIолеб буго улбузе, масала гьебго хъахIаб гордеялъул гьоркьохъеб багьа ясазул кколеб буго 1500 гъурущ, араб соналъ гьеб 1000-1200 гъурщиде букIун буго.

Кинабниги хIажатаб ретIел босун цо лъимада харж гьабун анин 10 азарго гъурущин абулеб буго МухIамадова СалихIатица. Гьеб бугила портфель ва цогидаб малъичIогон.

МухIамадова СалихIат: «Араб соналъго хутIараб портфель букIана. Гьелъ гIицIго ретIел босун цо лъимаде ана 10 азарго гъурущ. Жегиги росизе ккола ручка-къалаб ва цогидал цIалул алатал. Гьелъухъги унеб буго саламатго гIарац. Дир руго ункъо лъимал, гьезул кIигоял уна школалде. КIиго лъимаде гIаммаб куцалъ 30 азарго гъурущ унеб школалде хIадуризе».

Ясалъе, хасго чIахIиял классазде яхъарай йигонани, ретIел-хьит анцIазарго гъурщида чIоларин, модаялда бугеб, лъикIаб ретIел-хьит босизе 15 азарго гъурущ унин гьоркьохъеб куцалдайилан абулеб буго цогидай гIаданалъ.

Школалде хIажатал тIагIел-алатазул багьаги араб соналде данде ккун исана кIиго нухалъ цIикIкIараб бугилан абулеб буго жалго ричарухъабазги. Масала, канцеляриялъул къайи бичулеб тукадул хIалтIухъан Рая Султановалъ баян гьабухъе, портфелазул гьоркьохъеб багьа исана 2500-3000 азарго гъурщиде бахун буго.

Рая Султанова: «Гьоркьохъеб куцалда кIиго нухалъ хиралъун буго кинабго жо. Масала, гьелго тетратазул багьа араб соналда 3 гъурущ букIун батани, исана 5 гъурущ буго. Рицатал тетрадазул багьа ихдаллъагIанги букIана 20-25 гъурущ, гьанже гьелги хиралъана, 35 гъурщиде руго. Дарсие хIажатал тетрадал, масала гIисинал классазда рукIунел хIалтIул тетрадазул багьа гIаммаб куцалъ 2000 гъурущ буго. Гьенире гъорлъе уна ункъо тетрадь: гIурус мацIалъул, ингилис мацIалъул, литетатураялъул ва математикаялъул хIалтIул тетрадал. Гьел тетрадал рукIине тIадал руго киназулго. ГIаммаб куцалда, портфельги малъун, 5000 гъурущ уна аслияб школалде хIажатаб тетрадь-тIехь босун».

Араб соналъ, гьебго къайиялъухъ, гIаммаб куцалда 3500 гъурущ унаанилан тIаде жубана хIалтIухъаналъ.

Росабалъ бугеб лъикIаб гьечIеб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал хIисабалде босун, гIадатиял гIадамазе захIматаб иш бугин цIалул соналде лъимер хIадурийин абулеб буго Хунзахъ мухъалдаса МухIамадова ГьитIинай ПатIимаца. Гьей кийго хIалтIулей гьечIо. Росас риидалил заманалда къед гьабун щвараб гIарац бугила лъагIалица жидее бугеб жо ва гьанже бугеб хIалалда цIакъго захIмалулеб бугилан школалде лъимер хIадури.

МухIамадова ГьитIинай ПатIимат: «Бищун учузабилан балагьаниги, микьазарго гъурщида чIечIо васасе босараб партал. Жеги ручка-тетрадь, портфельги босичIо. ГIицIго партал босун ана гьеб гIарац. Гъоркьиса ун букIана анлъазарго гъурущ, исана цIакъго хираго буго кинабго. Гьебги, жеги хасалиде босизе кколеб хинал хьитал ва тIасан ретIел хIисабалде босичIогон».

Россиялъул цогидал регионазда цIалул сон байбихьилалде тIоритIулел руго социалияб хасият бугел ярмаркаби, цIакъго хираго гьечIого ретIел-хьит ва цогидаб босизе рес кьолеб. ГьабсагIаталда бугеб экономикияб хIал хIисабалде босун, гьединаб ярмарка тIобитIулебани лъикI букIинаанин абулеб букIана гIемерисел улбуз. Щай гурелъул кризисияб ахIвал-хIалалда кванил нигIматазул гуребги сундулго багьаби рахун рукIиналъ. Амма бугищ рес гьединаб ярмарка тIобитизеяли абураб суалалъе жаваб щвечIо Дагъистаналъул Лъай кьеялъул министерлъиялдаса.

XS
SM
MD
LG