МагъчIваялъе рес

Басриял суалалгун цlияб цlалул соналде


Дагъистналда исана тIоцебесеб классалде ине буго 36 азарго лъимер. Араб соналде дандеккун гьезул къадар цIикIкIун буго лъабазаргоялдаса ункъазаргоялде щвезегIан чияс. Кинабниги жакъа республикаялъул школазда цIализе буго 360 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер. Амма цебегогIадин республикаялда гIолел гьечIо гьезие школаби ва ругезулги гIемерисел данде кколел гьечIо рукIине кколел стандартазде.

2014 соналъул цIалул соналде дагъистаналда лъимал къабул гьаризе руго 1534 мактабалъ. Гьезул бащадазда гIемераб заман буго цIигьарун къачIаялъул хIалтIаби гьаричIелдаса. Мисалалъе 600 гIанасеб дагъистаналъул мактаб руго 50 саги цIикIкIун соналъ цере рарал. 266 мактаб руго риххун ине къачIарал, квачIакъаб хIалалда. 154 школайин абуни тIабигIиял балагьазул хIасилалда ва цогидалги гIиллабазда бан жанире лъимал цIализе бегьулареллъун рикIкIун буго хасаб коммиссиялъ.

Гьеб киналъулго хIакъалъулъ баян кьуна дагьаб цебегIан республикаялъул хIукуматалда букIараб данделъиялда Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр ШагьгIабас Шагьовас.

Гьединал школазул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъ цебеккунги бицун букIана. Мисалалъе чанго сон буго Хасавюрт мухъалъул Теречное росдал гIадамазул лъималазе цIияб мактаб хIажат бугилан республикаялъул тIалъиялде ахIи балелдаса. 1970 соналда бараб, хъарщазул гьабураб гьезул мактабалда гьечIо щвалде щварал шартIал.

Гьелдаса квешаб хIалалда буго жакъа ТIисси росдал гIадамазул хIал. Араб гIасруялъул авалалдго бараб басрияб школаги биххизабун цIияб базе гьезие рагIиги кьун хIукуматалъ гьеб балеб гьечIелдаса гIемер заман буго. Жанир щибниги шартIалги гьечIеб, гIадамаз рехун тараб басрияб минаялъур рукIана гьез лъимал цIализарулел. Нижехъе щварал баяназда рекъон исана байбихьун буго гьезие цIияб мактаб базе.

МугIрузул росабалъ ругел мактабазул бащдалниги цикIкIунисел хIажатал шартIалги гьечIел бакIал ругилан бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Гlамиродинов МухIамадица.

Хасго квешаб хIал бугин ЦIунтIа, ЛъаратIа ва ЦIумада мухъалда ругел школазул ва гIагараб заманалъ гьеб суал роцIцIинабун бажарулеб хIалги Дагъистаналъул гьечIилан абулеб буго мугIалимзабазул вакилас.

Гlамиродинов МухIамад: «Дагъистанлда киналго шартIалги ругел школал хIадур гьаризе гIагараб 50 соналдаги бажарилин кколаро. 800 -900 гьединаб школа бан бахъине тIубараб республикаялъул бюджетцин гIоларо, Москваялъ кумек гьабичIони».

Гьединго Гlамиродиновас бицана цо-цо бакIазда цIакъго дагьал чи гурони цIализе рачIунарел бакIазда ругел школал къалел ругилан.

Гlамиродинов МухIамад: «Руго школал цо цIалдохъанги ункъо щуго мугIалимги гурони гьечIел, дагьал ругониги гьединал бакIал руго ЛъаратIа, ЧIарада мухъалда. Россиялда киса-кирего гьединал школал церего къана. Дагъистаналда хутIун руго гьел жеги, амма щибаб соналъ гьел дагь гьарулел руго. Хъутабазда ругел гьединаб чанго школа къана. Щайгурелъул цере гIадин гIолохъанал гIадамал хъутабазде унел гьечIо гIи-боцIи хьихьун магIишат гьабизе, гьенир хутIарал херал чагIазул абуни школалде ритIизе лъимал гьечIо».

Августалъул ахиралда мугIалимзабазулгун букIараб дандчIваялда Дагъистналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазан рази гьечIоан рес бугел дагъистанияз гьанжелъагIан азаргоялдаса цIикIкIараб мажгит бан бугин Дагъистаналда, амма цониги чиясда ракIалде ккун гьечIин цониги школа базе кколилан абураб пикру. Амма ахирал соназда школа лъугIилалде мадрасаялде цIализе унел гIолилазухъ балагьун абизе бегьула гIун бачIунеб гIелалъ тIадегIанаб лъаялдаса гIараб гIелмуялъул лъайго тIаса бищулеб бугилан.

XS
SM
MD
LG