МагъчIваялъе рес

Байбихьана цIияб цIалул сон


ЦIияб цIалул сон байбихьунилан учуз гьабураб къайиго гьечIин, хира гьабун гурониян гIарз буго Дагъистаналда улбузул.

Мисалалъе, МахIачхъалаялда гIумру гьабулей лъабго лъимадул эбел Залинаца ЭР-ялъе бицана кIиябго лъимер школалде хIадурулаго жинца 20 азарго гъурущ харж гьабизе кканилан.

Залина: «Цояв васасе партал босулаго дир ана 8 азарго гъурущ, цогидасе – 5 азарго. КIудиясе босизе ккана тIасан ретIелги, рачелги, хьиталги. Гьединго росана гIиси-бикъинал жалги – альбомалги, тетрадалги, ручкабиги – гьезухъ ана 1, 500 гъур. Лъималазул мугIалимазе тIугьдулги росана – 500 гъурщидаса гъоркье лъикIаб, беричаб квацIи букIинчIо. Щибаб тIогьохъ 130 гъурущ кьезе кколеб букIана. Гьедин 50 гъурщиде ругел тIугьдул рищана тIасан. Берцинан гьел ракIарун квацIи гьабуралъухъги ана 100 гъурущ. Хадурги гьаризе кколаха харжал – кинабалиго тIехь босизе кколила, сундухъалигойилан батIи-батIиял харжал гьаризе ккола. КигIан инебали жеги лъаларо».

Залинаца гьеб 20 азарго гъурущ кIиябго лъимералда тIад харж гьабун буго спортивияб формаги гъоркьан ретIелги малъичIого. Гьединго гьелъ тIадеялъул школалде хIадуризе ккола лъабабилеб лъимерги. Гьедин харжал 30 азаридасаги ине ругин абуна гьелъ.

Лъималги рачун школалде арай гьелда бихьун буго рес гьечIолъиялъищали, цо-цо лъималазда улбуз гъоркьисалаго букIараб ретIел ретIун. Цо-цо лъималазда абуни гурдал хъахIал гурел, бецIал, яги батIиял кьеразул рукIанин бицана Залинаца.

Республикаялъул школазда гIадатлъун лъугьун буго мугIалимзабазе сайгъатазе яги школазда ремонтал гьаризе цIалдохъабазухъа гIарац бакIарулеб. Гьедин МахIачхъалаялъул Кировский мухъалулъ прокуратураялъ тIатинабун буго 52 школалда ремонт гьабизеян лъималазухъа гIарац тIалаб гьабулеб букIин. Школалъул директорги жавабияв хIалтIухъанги тамихIалде цIалел ругин лъазабуна прокуратураялъ.

ХIинкъи цIикIкIарал махщелазда гъорлъ Дагъистаналда гьанже рехсолеб буго мугIалимасул хIалтIиги. Масала, исана сон байбихьаралдаса лъабабилеб хIужа ккун буго мугIалимзаби чIвалел. ТIоцебесеб сентябралъул сардилъ ЦIумада мухъалъул Хьвайни росулъ чIван ватана ГIали ГIабдуразакъов абулев мугIалим. Къаси рокъобе бачIинчIеб боцIи балагьизе вахъарав нахъвуссинчIев гьев валагьизе бахъараб гIагарлъиялда мугIалимасул жаназа росда рагIалда батун буго.

Низам цIунулезда жеги чIванкъотIун лъалеб гьечIо гьев чIваялъе гIилла. Гьезул пикруялда рекъон, ГIабдуразакъов чIван ватула гьесул кIиявго вас низам цIунулеллъун хIалтIулел рукIиналъ. Ялъуни гьев боцIи балагьулаго изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал чIараб бакIалде тIаде ккун ватула.

Республикаялда рукIана хIужаби цIакъго диналда хадур рилълъарал росабалъ лъимал школалде риччангутIиялъул яги жалго школал хIалтIизе тунгутIиялъул хIужаби. Масала, чанго соналъ цебе Агъвали росулъ букIана гьединаб хIал.
Исана цIияб цIалул соналъул тIоцересел дарсал республикаялда Дагъистаналъул халкъияв шагIир ХIамзатил Расул гьавуралдаса 90 сон тIубаялда хурхун тIоритIана.

Гьединго гьаб цIалул соналда Дагъистаналъул школазда цIализе вуго ункънусазариде гIунтIун лъимер. Гьезул 37 азарго лъимер буго исана тIоцебе бачараб.
XS
SM
MD
LG