МагъчIваялъе рес

Мадрасалда - дин, школалда - лъай


Дагъистаналда цо-цо цIалдохъаби гIадатияб школа рехун, цIализе унел руго мадрасазде. Гьелдаго цадахъ цо-цо бакIазда диниял хIаракатчагIаз гIамал гьабулеб бугин гIадатияб школалде щун лъай кьеялъул процессалде жидерго асар гьабизегийин, абураб пикру загьир гьабун буго анкьалъул ахиралда букIараб лъай кьеялъул системаялъул хIалтIухъабазул гIадатияб «августалъул данделъиялде» щварав республикаялъул бетIерас.

Дагъистаналда гIолилазул къадар буго 30% цIикIкIараб, гьелъ Дагъистан кколеб буго бищун гIолохъанаб республикалъун. Школалъул хIалтIиги учителасул хIалтIиги кидагоги букIана цIакъ кIвар бугеб, амма жакъа къоялъ гьелъул цIайи дагьабги кIудияб букIине кколилан бицана мугIалимзабигун букIараб данделъиялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Жакъа киналго гIарзагъунел руго школаби гьечIилан, лъималазе спортзалал гьечIилан, гьел гьарулел руго хIукуматалъ. Жакъа дагьавниги ресалде вахарав чияс балеб буго мажгит, щай жамагIаталъ жидецаго балареб цогIаги социалияб объектилан абун гьикъана кIалъаялда ГIабдулатIиповас. Дагъистналъалул бетIерасул рагIабазда рекъон росабалъ жанир нухалцин къачIалел гьечIо гIадамаз, нухал къачIазе биччалеб гIарцухъ балагьун чIун. Гьеб кколила жамагIат абураб рагIул магIнаги билун, жибго рагIи хутIун бугин абулеб жойилан бицана гьес.

Дагъистаналда, ахирияб 20 соналда жаниб, инсанасул рухIияб рахъ цебе тIезабизе ран руго гIемер мажгитал, мадрасаби, дин лъазабулел идараби, амма гьезул къадар гIемерланагIан дагьлъулеб бугин инсанасулъ иман ва яхI-намусилан рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьединго соналдаса соналда цIикIкIунеб буго диналъул школалъул гIумруялда гъорлъжубай. Гьедин,цо-цо росабазул школабазда щибаб анкьалъ букIунеб классалъул сагIаталъул бакIалда росдал дибирги вачIун, киналго лъималги ракIарун гьабулеб буго вагIза. МугIалимзабазеги гьеб данде кколеб буго, гьезие бигьаго буго жидер хIалтIи тIаса ун, амма гьеб классалъул сагIаталда жаниб лъималазда цIияб тIаде жо лъалеб гьечIо, гьениб цого вагIза цIалулеб буго , цин мажгиталда рузманкъоялъ букIараб, гьелдасаги цебе цогидав росдал дибирас жиндирго хутIбаялда цIалараб. Кинав вукIунев росдал дибир, жиндаго вагIза хъвазе лъаларевилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе цIар абизе бокьичIей мугIалималъ.

Хунзахъ мухъалдаса мугIалим ХIусейнова ГIайшатица, хас гьабун «Эркенлъи» радиоядлъе, бицана жидер школалда бугеб ахIвал-хIалалъул. Гьелъул рагIабазда рекъон, школалда бетIерлъи гьабизе лъугьунев вуго росдал дибир: школалда мавлидал гьарейилан абун, батIи-батIиял тадбирал гьаризе толарогон. Гьелъ, ГIайшатил пикруялда лъимада жаниб кIиго батIияб идеология лъугьунеб буго, цинги инсанул гIумруялде бугеб бербалагьи лъугьинчIого, цIубачIого хутIулеб бугилан бицана гьелъ.

ХIусейнова ГIайшат: «ЦIалул сон лъугIараб мехалъ, школалда бал гьабизе хIадурун рукIана лъималги эбел-эменги. Гьедин, хIадурун рукIаго, жаниве кIанцIун вачIана росдал дибир, росдал гIолохъабиги ругила рагьда чIун, гьаниб тунка-гIусиги ккезе бегьулила, гьединлъидал бал гьабиларила, исламский вечер гьабизе кколиланги абун. Лъималазул ракI лъукъараб жо ккана. Гьезие бокьун букIана аваданлъиги рохелги. ЖужахIалъуреги алжаналдеги дибирасищ ритIулелали лъаларо, дида бичIчIулеб гьечIо, цогидал педагогаздаги гьединго бичIчIулеб гьечIо, щай гьес гьеб гьукъизе кколебали, щай гьаризе кколел мавлидал школалда,школа динияб бакI гуреблъидал, школа буго светияб лъай кьолеб бакI.»

ХIусейновалъ рикIкIунеб буго гьеб школалъул тIалъиялъул тамахлъиялъул хIасил бугилан.

МугIалим, Сулейманова Башатил пикруялда ахираб заманалъ гьоркьохъеб гIасрабазда гIадаб бербалагьи лъугьун буго цо-цо гIадамазул,масала: мугIалималъ суал кьолеб буго, кинал чагIи унелинан гьеб рухIияб цIали гьабизе? - Башатица бицана гIемерисел, школалда цIализе кIвечIого, гьенисан нахъе арал чагIи унин рухIияб лъай босизе. Гьенисан кIиго-лъабго соналда нахъ руссун рачIунин гIалимчагIи рахъарал хIисабалда:

Сулейманова Башат: «Дида бичIчIуларо, кин, школалда лъай босе кIвечIел чагIи рухIияб лъай щун рачIунелали. Уна школалдаса гъалмагъир гьабулел, рокъосан мугъчIвай щвечIел, тарбия щвечIел чагIи. Къокъабго заманалда жанир нахъ руссун рачIуна мадрасабиги лъугIун. Цинги гьел тола рухIиял церехъабилъун. Руго гIемерал унгоял гIалимчагIиги, амма гьезда цо рухIияб гуреб лъайги букIуна. ГьабсагIат бугеб жо дида бичIчIуларо.»

БатIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго гьеб суалалда тIасан экспертаз. ЖамгIият кIийиде бикьулеб бугила: светияб рахъ ккурал цоял, рухIияб рахъ ккураб цогиял. КъобахъанагIан гьеб ахIвал-хIалги хIалуцунеб бугилан абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG