МагъчIваялъе рес

Лъаялде захIматаб нух


Хасавюрт мухъалъул Теречное росдал лъимал хадурги цIализе ккезе бегьула биххулеб школаялда жанир.
Хасавюрт мухъалъул Теречное росдал лъимал хадурги цIализе ккезе бегьула биххулеб школаялда жанир.

Итни къоялдаса байбихьун Дагъистаналъул шагьаразда ва мухъазда байбихьана цIияб цIалул соналде. Амма цо-цо росабалъ жакъа къоялъги кIудияб проблемалъун буго лъимал цIализариялъул суал. Жанир щибниги шартIал гьечIел минабахъ жанир хIебтIун руго жакъа гьенир лъимал.

ТIоцебесеб сентябралъул къо Хасавюрт мухъалъул «Теречное» росдал гIадамазе рохалалилаб тадбиралъул бакIалда 15 ялдасаги цIикIкIун соналъ тIубазе кIолареб масъалалъ рахIат хвезабураб митингалде сверун букIана. 1971 соналъ Дагъистаналда ракь багъарараб мехалъ гIедегIалихъе щибниги шартIалги гьечIого хъарщазул бараб мактабалда цIалулел рго жакъа къоялъги гьезул гьенир лъимал. Цо дагьабниги жагъаллъи кканани тIатIала ине хIадураб басрияб мактабалда жидерго лъимал цIализе бокьиларилан къватIире рахъун рукIана гьеб къоялъ лъималазул эбел-эмен.

Ахираб 10 соналда жаниб мактаб цIигьабун къачIаялъе хIукуматалдаса цо гъурущ гIарцул харж гьабун гьечIилан абулеб буго гьеб росулъа Мукъуев Нажмудиница.Гьев ккола цIалдохъабазул эбел-инсул комитеталъул нухмалъулев. Киналниги хIалтIаби гьариялъе цIалдаохъабазул эбел-инсуца жидерго гIарацги бакIарун гьабулеб буго хIалтIи. Амма гьабураб хIалтIи гIолеб буго цохIо цIалул сон лъугIизегIан.

Теречное росдал школа жанисан
Теречное росдал школа жанисан
ГьабсагIат гьеб школалда цIалулев вуго кинавниги 330 лъимер. Амма ругел шартIазул хIисаб гьабун гьенив 110 чиясда цIикIкIун цIалдохъан гурони хIебтIулев гьечIо гьенив, гьелъ ункъо къукъаялде рикьун цIализаризе кколел ругин лъималилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Тереченое росулъа жамгIияв хIаракатчи МухIамадов МуртазагIалица:

МухIамадов МуртазагIали: «Дунги цIалана гьеб школалда. Доб мехалъ гьениб кинабго букIана, бибилиотекаги, спортзалги, лабараторияги цогидабщинабги. Гьанже гьезул цонигияб гьечIо. ХIатта мугIалимзаби жанире ракIарулеб рукъцин гьечIо сах-саламатаб.

ГIемерисебщинаб хIалтIиги лъималазухъа гIарацги бакIарун гьабула. Нижеца мухъалъул нухмалъиялдасан тIалаб гьабулеб буго кида гьаб гIала-гъважаялъе ахир лъезе бугебилан. Нижехъеги бачIунеб гьечIинха гIарац, щибинха гьабилебилан кверал хьвагIулел руго гьезги».

Нижехъе щварал цогидал баяназад реъклн нусидаса цIикIкIун сон баралги школал рагIула жакъа Хасавюрт мухъалда. Гьезул бакIалда цIиял школал раялъул суал жеги харги рекъдулеб хутIун буго гьениб

Сентябралъул кIиабилеб къоялъ «Теречное» росулъ тIобитIараб митингалде вачIун вукIун вуго Дагъистаналъул тIабигIат цIуниялъул рахъалъ министр ХIасанов Идирисги. Президент ГIабудлатIипов Рамазангун цадахъ дандбан «Теречное» росдал школалъул суал роцIцIинабизе рагIи кьунин гьес, гьесул рагIуда гIейги гьабун цо анкьица руцIцIун чIезе хIукму гьабунин жидецаян бицана МуртазагIалица хадубги. Гьединаб захIматаб ахIвал-хIалалда лъимал течIого цIияб школа базегIан заманаялъ цо санагIат бугеб минаялъуре лъимал цIализаризе хIалбихьичIиш нужецаян гьикъана нижеца гьесда.

МухIамадов МуртазагIали: «Росдал жамагIаталда нижеца абуна мадрасаялъул кIиабилеб тIалаялда микьго рукъ кьелин нижеца лъимал цIализаризеян. БитIун бицани мадрасаги жеги хIалтIизе биччан гьечIо, гьенир гьарулел хIалтIаби рагIалде рахъинарун гьечIо. амма мугIалимзабаз гIарацги балагьун жанир хIалтIабиги лъугIизарун гьезул рес буго заманаялъ лъимал гьенир цIализаризе»

ЦохIо Хасавюрт мухъалъул «Теречное» росулъ гуребги гьединабго квачIакъаб хIалалда бугилан бицана нижее Бабаюрт мухъалъул Уцмиюрт росулъ бугеб школаги. Нижехъе щварал баяназда рекъон гьенир лъимал цIализарулел руго гIадатияб вагоналда жанир.

1913 соналъго бан букIараб школаги биххизабун цIияб школа базеян чIандабиги хIан гьелъие бичараб гIарацги лъил чвантинибе арабали лъазе течIого жакъа къоялъ ЦIумада мухъалъул ТIисси росдал цIалдохъаби хIебтIун руго гIадамаз жанир гIумру гьабун букIараб гьор-бокьалда релъараб бакIазда Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе байбихьул классазул мугIалим Абакаров ХIамзатица. Гьале ахираб анлъго сон буго гьезул гьеб ахIвал-хIалалда лъимал цIализарулеб ругелдаса.
XS
SM
MD
LG