МагъчIваялъе рес

ЦIунтIе нух ЛъаратIе нух гуро


Дагъистаналъул прокуратураялъ хал гьабизе буго ЦIунтIа мухъалда ругел нухазул хIинкъи гьечIолъиялъул. Дагьал церегIан къояз рагъулаб Урал автомобильги гебегун кIиго чи хун вуго. Мухъалъул нухазул идараялъул нухмалъиялъ абулеб буго, киналго нухал къачIазе гIураб гIарац кьолеб гьечIин жидее хIукуматалъилан.

Дагьал церегIан къоязда рагъулаб «Урал» автомобилалъ авария гьабиялъул гIайиб нухал хашал рукIин гурин букIараб, гьелъие гIилла кканин автомбилалъул техникияб гъалатIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЦIунтIаса Къурбанов МухIамадица. Гьев ккола мухъалъул нухазул рахъалъ идараялъул нухмалъулев.

Прокуратураялъ гьабураб халгьабиялда рекъон хIинкъи гьечIеб нухлъун рикIкIине ккани гьелъие щвезе кколин щуабилеб категория. Гьеб категория щвезе кканани нухал рагIа-ракьанде щун къачIазе кколин. Гьел къачIазе абуни гIарац щолеб гьечIин жидееян абулеб буго гьес.

МухIамад Къурбанов: «Щибаб соналъе нижее кьолеб жо буго 6 миллион гъурущ. Гьеб гIарцуде нижеца хIалтIухъабазе харжги кьезе, ккола, техникаги къачIазе ккола, хIажатаб сурсатги босизе ккола. ХIукуматалъул бихьизабиялда рекъон щуабилеб категориялъул цо километр нух гьабизе ккани 480 азарго гъурущ къваригIунилан. Нижее абуни щола республикаялъул нухазе 70 азарго гъуруш, бакIалъул нухазе 25 азарго гъурущ. КIиабизе босани тIокIал чIечIого тIолел гIансиял рукIуна нухазде.

Республикаялъул ГИБДД-ялъул хIалтIухъабазул гIарз букIуна нухазда хасал игIланал чIваларогойилан. Мисалалъе, пуланаб бакIалде квешаб свери бугин, квешаб эхедерай бугин ва гь. ц. Гьел игIаланални чIвазе бегьила, гьезул миллат гьабулиш автомобиль бачунез. Гьелъул бицун чанги цеве вахъана дун, амма гьелъухъ гIинтIамулеб гьечIо. Республикаялъул бюджеталда гIарац гьечIо, нухазул фондалда гIарац гьечIо, гIарац гьечIо, гьечIо абун гурони, батIияб калам рагIуларо».

I990 соназде дандеккун мухъалда жаниб автомобилазул къадар цIикIкIинги хIисабалде босизе кколилан абулеб буго МухIамад Къурбановас. Автомобилал цIикIкIанагIан автоавариялги цIикIкIунел ругин, амма нух къачIазе гIарац шолеб гьечIин. Жакъа Лаваши, Гъуниб, Хьаргаби, Шамил ва цогидал мухъазде данде рачинецин бегьуларин цIунтIадерил мухъал, гьенир нухазда хъилгIаги тIолеб бугин, шагьранухалги гIатIид гьарулел ругин, жидер нухал лъиданиги ракIалдецин щоларин.

ЦIунтIа мухъалъулго гIадин квешаб хIалалда ругеллъун рикIкIун ЛъебелатIе унел нухалги, амма Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вачIаралдаса гьезул нухал къачIазе байбихьанин, жидер гьададинго хутIанилан абулеб буго МухIамад Къурбановас.

Гьес нухмалъи гьабулеб идараялда гъорлъе унел руго II7 километралъул манзилалда ругел нухал. Киналго шартIалги тIуран гьел нухазул цо километр къачIазе ккани, хIажалъулин чанго миллион гъурущилан абулеб буго МухIамад Къурбановас.

МухIамад Къурбанов: «БукIине кколеб къагIидаялъ, лъим гъорлъан ине турбабиги лъун, рагIалда блокалги лъун нухлул цо километр къачIазе ккани 20-25 миллионниги къваригIуна».

20I4-20I5 соназда автоавариялъул хIасилалда гIемерав чи хвана ЦIунтIадерил нухазда.

XS
SM
MD
LG