МагъчIваялъе рес

КIусур (ГьочотIисел) хвалде хIадурлъулеб къагIида


Божизе захIматаб хIужжа - ядериял реса рехсон чIечIого бецардулеб Россиялда жакъацин хутIулел руго хIакъикъаталдаги альпинистал гIадин гурони жидехъе щвезе рес гьечIел росаби.

Гьаб нухалда республикаялъул бетIерасул ихтиярал кодосев вакил ГIалибег ГIалиев гIарзаца ахIун Рутул районалда ккун рагIула. Гьедин абуна лъалел чагIаз, вилун вукIана ГIалибег МахIачхъалаялдаса. Сон бакъанида бахъана телефоналъул цIумур.

-Ва гIалайкум салам... Мун сапаралъищ вукIарав,ГIалибег?

- Рутул районалда вукIана - ян абуна ГIалибегица. - Рутул районалда буго нилъералда релълъараб мацI бугеб КIусур абураб росу. Гьеле гьеб росу тун рагIула кIиго моцIица ток гьечIого, гьезул гIарзал ахIун щвана дун дове.

ХIакъикъаталда гьел кIусуразул буго ЛъаратIа районалъул тIомураздаги, ЧIарадисезул кьесердирадаги релълъараб мацI. МагIарулаз КIусуралда ГьочотIаги абула.Кин дол доре каралали тарихчагIазда лъалеб батила. Гьезул гIемрисел гьанир гIатIиракьалдеги гочун Бабавюрт районалъул Камбулат абураб росулъ руго гIумру гьабун. МагIарухъ хутIун батила I0-I5 рукъ бищунго батани, гьеле гьеб росдал гIарзалъ арав вукIун вуго ГIалибег ГIалиевги гьаниса цадахъ Электросетазул нухмалъулесул заместительги вачун.

- Щванищха мун дове? - ян гьикъана ГIалибегил гIамал лъалев дица, гьев рес рекъон гIадамал рихьичIого вуссунаревлъиги лъан.

-ЩвечIо... щолеб хIалбатичIо доба. Рутул райцентралдаса КIусуралде рагIула 50 гIан километр, гьечIо машинадул нух, гьеб гьечIониги лъелго инин вукIана дун, дагьалищ хьвадарал нилъ магIарухъ лъелго. Дора ругел гIадамаца абуна лъелгоги ругьунал чагIазда гурони рахине кIоларила доре...

- ЛъелгогIаги щай кIоларел, лъелгоги нух гьечIогойищ - ин гаргазавулев вукIана дица ГIалибег.

- Доба рагIула квешаб эхеберай бугел, хIатIилъелалцин гьечIел квешал нухал. Жалго кIусураз риидалго цIер букIунел гIадал бакIазда аскIор гIащтIал рахчун толел рагIула. ГIощтIоца буссун хIатIилъелал гьарун рахъизе. Ругьунав гурев чи кIкIалахъе хъущтIун инеги рес бугин абулеб буго - ян абуна ГIалибегица.

Дунго ЛъаратIа районалда гIуна.КIусур мадугьалихъ, нижер мугIрузда нахъа Самур гIурул бетIералда буго. Гьаб рахъалда авар гIурул, Журмуталъул бетIералда гIуна дунго. Цебехун, нухал гьечIеб мехалда гурони жакъа гIощтIоца цIер чIван рахунеб бакI гьаб рахъалда гьечIо. Европа ЛъаратIа гьечIеблъиги лъалеб жо бугоха. Нахъойги бицана ГIалибегица.

-Дица дозда гьикъана, нагагь нуж унтани дора щиб гьабулебин. Унтани халкъияб медицина ва нижедаго лъалеб жо гьабулила. ТIубанго кумек щвечIони холила, цойги щиб гьабилеб абун руго. Хвани щибха гьабулеб, хасало хварав вукъиги бигьаяб иш гурелъул, цо чанго гурони чиги нужер гьечIеб мехалдаян гьикъана. Мун божиларо доз абураб жоялда...

- Щибанха абураб?

-Нагагь хасало хварав чи вугони гьев вукъизе риидалго хоб бухъун толила. ТIаде хъаршалги лъун, тIеренго ракьги бан. Риидал ракь тамахаб букIун бигьалъулила - ян руго абулел.

ХХI гIасруялда телефоналъул бухьенги гьечIеб, нухги гьечIеб, хутIараб дунялалдасаги тIураб бакI буго Россиялда. ТIаде жоялъе чияс чед кваналеб буго хIал щвезе, гьеб сундуе? Хоб бухъизеха, нагагь хвани живго вукъизе. Кинаб асардай букIунеб хоб бухъулев чиясул? Щиб хIисабгундай гьес газа кьабгIулеб, ракь босулеб ва тIад чIвазе къанал къачIалел? Чан чи божилев улкаялдаги къватIивги жиб ядерияб держава бугин керен буххулеб улкаялъул жеги гьединал росаби хутIун рукIиналда? Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG