МагъчIваялъе рес

МугIрузул соналде мугIрузул нухал


Араб соналда данде ккун, Дагъистаналда 2015 соналда гьарурал нухазул къадар шуго нухалъ цIикIкун бугин лъазабулеб буго республикаялъул Нухлул магIишаталъул агентлъиялъ. Цадахъго Дагъистаналда бугеб нухлул техника кколеб буго тIолго Россиялдаго бищун лъикIаб. Амма хутIулел руго мухъал ва росаби жеги къачIачIел нухал ругел.

Дагъистаналда 2015 соналда жаниб 80 километр цIиял нухазул гьабун буго тIаде. Аслиб куцалда гьел кколел руго мугIрул мухъазда гьарурал нухал. Гьедин, масала, БежтIа мухъаде щвезегIан, ГьидкьотIаса бахъун гьабун буго 12 километр цIиял нухазул, гьединал баянал кьолел руго Дагъистаналъул нухлул магIишаталъул агентлъиялъ.

Цересел саназда жидер идараялъ аслияб кIвар кьолеб букIун батани къадаралде, гьанже кIвар кьолеб бугин даражаялде, гьедин бугониги цереялдаса циIкIун нухал гьарулел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Нухлул магIишаталъул агентлъиялъул вакил ХирамухIамад СагIидовас.

Республикаялъул аэропорталда нухал цIигьарулаго кIудяб хIалбихьи щванила жидер хIалтIухъабазе, хасго роржунеб нух гьабулаго.

МугIрузул мухъазда ралел нухазда гъорлъ, бищунго захIматал объектал кколила ГIахьвахъ мухъалда ва ЛъаратIа мухъалда гьарулел нухал раялъул хIалтIаби.

Гьел хIалтIаби 2018 соналде рагIалде рахъинаризе ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Нухлул магIишаталъул агентлъиялъул нухал раялъул бутIаялъул нухмалъулев ХIажимурад ХIайдарбеговас. Цере мугIрул ва кьураби кьвагьун гьарулел рукIун ратани хIалтIаби, гьанже гьел батIияб куцалда гьаризе ругин баян гьабуна гьес.

ХIажимурал ХIайдарбегов: « Хасал, тIубарал кьурул кескалго нахъе къотIулел, машинаби росун руго, гьединго гидромолотал руго росун агентлъиялъ. Гьеб техникаялда хIалтIизе ахIулел руго цогидал улкабаздаса специалистал.

Япониялдаса рачIине ккола гьеб техника хIалтIизабизе малъизе чагIи. Нухал рахъулаан аслияб куцалъ мугIрул гIанлъун ва кьураби кьвагьун, гьениб аслияб захIмалъи букIуна хадубккун гьел нухаз кьватIалаби рехи ва тIун ин, гьелде данде цIиял технологиял хIалтIизарулел руго. ЦIияб техникаялъ рес кьола хIалтIи хехго ва даражаялда гьабизе».

Жакъа къоялде асфальт тIун къачIарал нухал ругила 43 мугIрул мухъазде, гьезул гIемерисел араб гIасруялъул 70 соназго къачIарал ругила ва гьабсагIаталде гьел хун ругила цо-цо. КъачIачIел нухал ругел микьго мухъ бугила жеги Дагъистаналда, гьезда гъорль Гумбет, ЛъаратIа, ЦIумада, КъурахI ва Кули мухъал. Гьел мухъазде асфальт тIураб нухал щун гьечIолъиялъул аслияб гIилла бугила гьенире нухал рахъизе захIмат букIин.

Дагъистаналда росабалъе ругел нухазул хIал лъикIаб гьечIолъиялъул хIисаб гьабизе бегьулин информ-алатаздасан мугIрул мухъазул нухазда ккарал лъугьа-бахъиназдаса, гьедин, информ-сурсатаз 2015 сон байбихьаралда 12 гIорхъолъа араб ахIвал-хIал лъазабунин росабалъ нухал ччукIиялъул, тIун рачIиналъул ва нухлул лъугьа-бахъинал ккеялъулин абулеб буго Дагъистаналъул Транспорталъулгун нухлул магIишаталъул агентлъиялъул вакил Назим Загировас.

2010 соналъ, шагьра нухал къачIазе хIажалъи букIиналда бан республикаялда къабул гьабун буго 2010-2015 соназул болжалазда жанир райцентрал гIаммал трассабигун бухьен гьабиялъе бихьизабураб хасаб программа. Гьелда рекъон, Болъихъ, Агъвали, МелъелтIа, КъурахI росабалъе, ай мухъазул центразде асфальт тIурал нухал щвезе кколел руго 2015 соналде щун.

Росабалъ ругел нухазул цIехон, бухьен гьабурал бакIалъул гIадамаз аслияб куцалъ гIарз гьабулеб букIана нухлул хIалтIухъабаз росулъ жанисан ругел нухал ритIизариялъул мурадалда чабах балин, амма кIиго-лъабго нухалъ цIад байдал, гьеб босун ун, рахъал хъитIал лъугьун санагIалъи бахъи букIунин, гьеб гуребги, араб гIасруялдаго асфальт тIурал нухал хъилил рукъалаби ран чIолел хIалалдаса унел ругила.

ГIадамазул хьул буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас МугIрузуллъун лъазабураб соналдагIаги росабалъ нухал къачIалилан.

Абизе ккола, росабалъе нухал гьариялъе 82 млн. гъурущ биччан букIанин Дагъистаналде. Гьеб гIарац харж гьабизе бихьизабун буго росабалъе жанире ва кIвар бугел росдал магIишаталъул объектазде росабалъ нухал къачIаялъе.

XS
SM
MD
LG