МагъчIваялъе рес

ЧIунтулел росаби ва "мугIрузул сон"


ЧIарада мухъ, Рилъаб росдал сверухълъи
ЧIарада мухъ, Рилъаб росдал сверухълъи

Дун гьаб нухалъ сапаралъ магIарухъе ккана. Цере ЛъаратIе унеб мехалда къелдерил кьодаса тIаде унеб бакIалда гIадамаца кьуру бекIкIун, гIанлъун гьабураб тоннель букIана. Гьениса тIаде рукIана цIакъго квешал, сагIтие 10 километраялдаса хехго машина бачине рес гьечIел гвендацаги, нухде рортарал ганчIацаги цIурал нухал. Гьеле гьеб кьуру борлъараб бакIалдаса тIаде совет пачалихъ щун гьечIин махсаро гьабулаан лъаратIисезги цIунтIисезги.

Гьеб "совет пачалихъ щун гьечIо" абураб жоялъул букIана кIиго батIияб магIна. ТIоцебесеб - гьеб кIиго районалде нухалги, инфраструктураги, цIияб заманалъул хинлъиги канлъиги щвечIого тун ругин абураб. КIиабилеб - "совет пачалихъ щун гьечIо" - ялъул магIна букIана гьеб улкаялъул квегIенлъабаздаса махIрум гьарун тарал районаца гьебго пачалихъалъул законги, гьезул тIалабалги хIалел рукIинчIин абураб жо.

ХIангутIизе рес гражданазе кьолеб пачалихъ доб букIинчIо. Амма разилъи гьечIолъиялъул гIаламатал рукIана. Анекдоталги гIадада рижулел жал гурелъул. Бицунаан, тIохда чIвазе махх щоларев хьванас РАЙПОялдаги, тукенчагIаздаги гIарзал гьарулаго хIасил ккечIеб мехалда Кремлиялда Ленинихъе хъван бугила гIарза. Райкомалъул инструкторги вачIун гьикъун буго дуца щай хварав Владимир Ильичихъе гIарзал хъвалел чIагояв Леонид Ильичги тун, мун щиб гьабулев чиян. "Ленин чIаго вуго, щулаго вуго" - ян кучIдул ахIула гурищ рукIунел нуж щибаб байрамалда. Гьанже дие махх къваригIарабгойищ ав хварав?" - ин абун буго ццин бахъарав хьванас. Гьединаб, "кьуру борлъаралъуса тIаде закон гьечIо"- ян цо-цо гIадамаз, бугин компартиялъ ва гьелъул хъулухъчагIаз рикIкIунеб гьоркьоблъи букIана гьеб кIиго районалъул ва пачалихъалъул.

Гьеблъиялда ана 70 сон СССРалъул, килщида килищ хъвараб жо гьел районазде нухалги шартIалги гIуцIиялъе гьаричIо 90 абилезда республикаялъул нухмалъиялъги. Улкаялда "тучные 2000-е" абун цIар щварал бечедал соназдаги откатазулгун ришватазул мурадалда школалгун, больницаби, ясли-ахал гIадал бакIал рана. Амма гьадаб магIарулаца квералъ гIанлъараб бецIаб гьитIинаб тоннелги, квешал нухалги, мискинаб яшавги магIарухъ хутIана. Гьеб гьабизе ракIалдецин ккечIо МухIул заманаялдаги, МухIамадсаламицаги гьабилищха гьеб магIарулазул нухмалъулеца гьабичIеб?

ЛъаратIа мухъ
ЛъаратIа мухъ

Гьел районазде нух гьабизе байбихьана республикаялъул бетIерлъуде Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдаса. Байбихьиги гьабуна гьеб тIубараб Россиялъе ва Грузиялъе кIвар бугеб халкъазда гьоркьосеб аваро-кахетиялъул нухлул проект хIисабалда. Исана гьидерил кьодаса тIаде 12 километр нухлул хъил тIуна, добаса тIаде ЛъаратIа щвезегIан гьадабго "совет хIукумат щвечIеб" дуниял бугин абизе бегьула. Амма буго цойги "дунял" гьеб ЛъаратIа райцентралдасаги тIаде Рутул ва ЧIарада районазул, Азербайджан ва Грузия пачалихъазул гIорхъоде кколеб некIсияб Анкьракьалъул дуниял.

Журмуталъул бетIералда бугеб Къамилухъа бахъараб кинабго ТIомуразул, Кьаналазул, Лъебелазул ва Бугьундерил жамагIатазул росаби жанире рачун руго гьелъ. Райцентралдаса тIаде росабалъе унаго гIурул рагIал чIван унеб букIараб нух Лъебелазул росабалъа байбихьула борхалъуде бахине, битIахъе зодобе унеб гIадин. Гьеблъиялда унаго рахуна лъебелазул кочIолъ ахIулеб гIадаб "тIад хIинчI бахунареб борхалъиялде".

Квешал, ралагьизе бер биххулел, чанил малъ рекIунарел парсалъа уна чIедераб автомобилалъул нух ва гьенисан машинаби. Ахада километралъул гъварилъуда бихьула гIарцул кьераб борохь гIадин кьуркьудилаго унеб Журмут гIор. ТIадехун махил, гьадил, лъорил ва батIи-батIиял гъутIбузул гъалимал рохьал, жанир бакI-бакIазда харил сагаби, борхалъуде, мугIрузде гIагарлъарабго байбихьула накIкIил рохьал. Дорасаги тIаде зобалазде арал мугIрул тIогьал риидалги цо-цо мехалда гIазу биунарел. ХIикматаб берцинаб тIабигIаталъул ва гIалхул рухIичIаголъилъул дуниял.

Щобазда хъаравуллъуда эхетарал бисал ва гьезие чан къалел бацIал, рохьазда ритIучIал, хъабан ва циял. ХIатта дагьаб цебегIан ахираб 20 соналъ тIагIараблъун тараб, хIатта "багIараб тIехьалде" босараб леопардги батана лъебелазул рохьазда. Гьеб хIикматаб флораялъул ва фаунаялъул дунялалда ва берцинлъиялда хутIун руго кулабазде руссарал, щибаб соналъ гIатиракьалде гIадамалги ун чIунтулел гIисинал росаби.

Квешал, автоавариязда гIадамал чIвалел нухал, зодихъ накIкI бахъарабго тIагIунеб ток (гьаб сагIаталда макъала хъвалаго тIагIана канлъи), гьечIел хIалтIизе бакIал ва захIматал шартIал. Щай ал нухал гьаб борхалъиялдаса гьарун ругел? Щибаб росулъе батIаго гIурухъа тIаде нух бахъизе бокьичIого. Харж гьабулеб гIарац дагь ине. Гьеб ахIмакъаб политикаялъул хIасилалда нус-нус гIолохъаби чIвана нухазда.

Къамилухъа ЛъаратIе щвезегIан чи хваралъуб дугIа кьезе байбихьани кверал цере кковухъего хутIулел руго. Гьаб сагIатги гьеб хIикматаб тIабигIаталъул, таваккалал, ракI гIатIидал, бахIарчиял гIадамазул ракь хутIун буго сверухъ бугеб дунялалъул квегIенлъабаздаса ва цебетIеялдаса махIрумги гьабун. Гьаблъиялда ани гIагараб анцIго соналда жаниб ЛъаратIа районалъул эхеди мухъалъул росаби тIуранго тIагIизе руго ракьалдасаян абулеб буго бакIалъул гIадамаца. Гьел лъугIиялъе квербакъиги гьабулеб буго доре лъикIал, хIинкъи гьечIел нухалги, канлъигун хинлъи чIезабизе кIолареб пачалихъалъ ва тIадчагIаз.

БачIунеб сон "МугIрузул сонлъун" лъазабуна респубикаялъул бетIерас. Гьеб хIукму Гъунибгун Хунзахъ данделъиги, ЦIамагIури фестивальги тIоритIиялдалъун лъугIани, нухалги, токалъул мухъалги хисичIого, чIунтIила магIарухъ росаби. Кинаб хIисаб гьеб хIукмуялъул бугебали лъала гIагараб заманалда.

Хабар лъикIаб рагIайги!

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG